Дагъистан - 2012: ракIалда щиб хутIараб?

РагIалде бахунеб 2012 соналъ Дагъистаналда ккана батIи-батIиял жамгIиялгун политикиял лъугьа-бахъинал. Кинаб лъугьа-бахъин ккараб Дагъистаналъул жамгIияталъе аслияллъун ва бищунго кIвар бугеллъун?
Исана соналъ рукIарал аслиял лъугьа-бахъинал дагъистаниязе батIи-батIиял руго. Рехсолел руго политикиял, жамгIиял, спортивиял лъугьа-бахъинал. Амма бищунго гIемер чияс рехсараблъун ккана августалъул ахиралда терракталъул хIасилалда шайих ЧIикIаса СагIид-афанди чIвай. ГIадамазул пикруялда рекъон, гьеб пашманаб лъугьа-бахъиналъ бихьизабуна республикаялда бугеб хIалуцараб дандечIей ва къануназулгун пачалихъияб тIалъиялъул загIиплъи. ЖамгIияв хIаракатчи Уладиев Сулейманица рехсана гьеб лъугьа-бахъин бищунго аслияб лъугьа-бахъинлъун.

Уладиев Сулейман: «Бищунго кIудияб лъугьа-бахъинлъун дица рикIкIуна шайих СагIид-афанди чIвай. ТIокIаб кIудияб иш дида лъаларо. КIудиябинги кинха гьелда абилеб, гьеб жо трагедия буго. Нилъеда жеги лъалеб гьечIо кинаб хIасил гьелъул букIинебали. Кинаб букIине бугеб политикиябгун рухIияб асар гьеб лъугьа-бахъиналъулги жеги бицине кIоларо. Гьев батIияв чи вукIана ва гьев хисулев чиги тIокIав гьединав гьечIо, АхIмад-хIажи гъова таниги. Гьеб пашманаб лъугьа-бахъин ккана, гьелдаса резонанс цIикIкIараб лъугьа-бахъин батизе захIмат буго».

Гьелдаго релъараб пикру загьир гьабулеб буго аваразул культурияб автономиялъул нухмалъулев Маркъо ШагIбановас. Гьесул пикруялда рекъон кIудияб ками ккана Дагъистаниязе ва хас гьабун магIарулазе устар чIваялъ. Дагъистаналъе ккараб ками гIемерго дагьаб буго магIарул миллаталъе ккараб камиялдасаян бицана Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «СагIид-афанди вукIана тIолалго магIарулазе вукIинчIониги, ращдасдасаги цIикIкIаразе рухIияв цевехъанлъун. Гьеб гуреб, магIарул мацIги, магIарул маданият цебе тIезабиялъулъги гьес кIудияб лъалкI тана. Гьелда тIадеги, гIемерал соназ гьев вукIана политикияб ахIвал-хIал гIодоцинабулев цевехъанлъунги. ЧIван къотIун абизе кIола, рагIи билълъарав магIарулав чIваялъ тIолабго Дагъистаналъе гуреб, хасго нилъер миллаталъе цIакIго кIудияб ками ккана».

Гьесул пикру тасдикъ гьабулеб гIадин, шайих СагIид-афанди чIвай кIудияб лъугьа-бахъинлъун рикIкIунеб буго хасго авар миллаталъул вакилзабаз. Дарги мацIалда хъватIибе биччалеб «Замана» абураб газеталъул бетIерав редактор Юсупов Арсеница унеб соналъул аслияб лъугьа-бахъинлъун рикIкIунеб буго I8 декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул президентасулгун халкъалъул рагьараб гара-чIвари.

Юсупов Арсен: «Дир хIисабалда кIудияб лъугьа-бахъинлъун ккана Дагъистаналъул президентасулгун рагьараб эфиралда гIадамазул гара-чIвари. Гьеб тарихалда жаниб тIоцебесеб ва кIвар-бугеб тадбир буго, гьединаб дандчIвай цебеккун цониги букIинчIо. Дида ккола гьеб тадбиралъул кIудияб букIинисеб бугилан. Амма, даргиязул миллияб газеталъул бетIерав редактор хIисабалда, рехсезе бокьилаан миллиял цIалдолезул дандчIвайги исана тIобитIараб. Дида ккун букIинчIо гьедигIанасел цIалдолел ругин миллиял газетазул. Тиражал гIодоре ккеялъе хIакъикъияб гIилла букIун буго почтаялъ нижер газетал къватIире риччаралдаса анкьидаса гурони щвезарунгутIи».

Гьесго гIадин чанго чияс рехсана Президентасулгун дандчIвай кIвар бугеб ва беццизе ккараб лъугьа-бахъинлъун. Амма, тIубанго гьелда гIаксияб пикру гьеб тадбиралда хурхун загьир гьабуна Уладиев Сулайманица.

Уладиев Сулайман: «Дир хIисабалда гьеб президентасулгун рагьараб эфир рехсезе бегьула араб соналъ бищунго сурарал лъугьа-бахъиназда жаниб. Щай гурелъул, щибниги ритIухълъиги гьечIеб, гьерсилги цIураб, техническияб къагIидаялъги хIадур гьабизе кIвечIаб лъугьа-бахъин ккана гьеб. Гъов чиги нилъер президентлъидал, гъосда аскIоб гьабулеб гьеб ишги нилъее гIахьалаб букIинарищха. Гьединлъидал, бищунго сурараб лъугьа-бахъин ккана гьеб».
Рехсана Дагъистанияз жеги батIи-батIиял лъугьа-бахъиналги. Мисалалъе, журналистка МахIмудова ПатIиматица рикIкIунеб буго бищунго кIвар бугеб лъугьа-бахъин кканин гендерил туннель рагьин ва гьелъул хIасилалда магIурахъе унел гIадамазе ккараб бигьалъи. Чанго соналъ халат бахъун къан букIараб туннель рагьи кIудияб лъугьа-бахъинлъун рикIкIунеб буго блогер МухIамадов Тамерланицаги.

Спортивиял лъугьа-бахъиналги рехсана чанго чияс. Мисалалъе, Халкъияб собраниялъул депутат Кожаева Эльмираца рикIкIунеб буго, бищунго кIвар бугеб лъугьа-бахъин кканин футболалъул Европаялъул лигаялда Дагъистаналъул команда Анжи хIай. ГIемерал цоги лъугьа-бахъиназдаса гьеб рехсеялъе гIиллалъун депутаталъ рикIкIунеб буго Анжи командаялъ Европаялда Дагъистаналъе лъикIаб имиджалъулаб реклама гьабулеб букIин.

Блогер МухIамадова Анжеликаца бицана жиндие бищунго кIудияб лъугьа-бахъин кканин Лондоналда тIобитIараб Олимпиадаялда Дагъистаналдаса дзюдоистаз росарал меседил медалал. Цебеккун Дагъистаналда цебетIечIеб спорталда гьел кIудиял хIасилал дагъистанияз рихьизариялдаса кIвар бугеб лъугьа-бахъин гьечIилан бицана блогералъ.