Улка цΙуниялъул министр Сергей Шойгу разилъана дагъистаналъул гΙолилал рагъул къуватазде ахΙиялъул квота цΙцΙикΙкΙинабизе. Шималияб Кавказалъул федералияб округ цебетΙеялъе биччалеб гΙарцил къадар микьго нухалъ дагьлъизабулеб буго. Дагъистаналъул бетΙерас какулеб буго къуватиял структурабазул хΙалтΙи. Гьединал темаби загьир гьарулел руго унеб анкьалъул анализалда Шималияб Кавказалда сверун эксперт Лиз Фуллерица.
Дагъистаналъул бетΙер МахΙамадов МахΙамадсаламил ва республикаялдаса Пачалихъияб Думаялда кинавго 11 депутатасул гьариялде гΙенеккун, Россиялъул улка цΙуниялъул цΙияв министр Сергей Шойгу разилъана рагъул къуватазде ахΙулел дагъистаниязул квота цΙиккинабизе. 2013 соналъул хаслъихълъиялда республикаялдаса рагъул хъулухъ гьабизе витΙизе рагΙула 4000 гΙолохъанчи. Хадуб гьеб къадар цΙиккинабизе бегьула анцΙазаргоялдаса 12 азаргоялде щвезегΙан. Гьеб къадар гΙунтΙун гьечΙо радикалияб къагΙидаялда къотΙизабун букΙараб къадаралде.
«Известия» газеталъе интервью кьолаго, МахΙамадовас лъазабун буго, рагъулаб хъулухъ гьабиялъул ихтияр кьезе бугин «лъикΙаздаса лъикΙазеян». Гьесулго рагΙабазда, квотаби чΙезариялъе гΙоло школаялда байбихьул рагъулаб лъай кьей чΙезабун букΙанин абизе бегьула ва гьанже гьелъул дарсал щвалде щун нахъ руссинабизе руго школаялде.
Дагъистаналъул рагъулав комиссар Мустафаев Даитбекица абулеб буго, республикалъ «бажарарабщинаб» гьабизе бугин Дагъистаналдаса рагъул хъулухъалде араз низам хвезабизе биччачΙого букΙиналъе. Пачалихъияб Думаялъул улка цΙуниялъул комитеталъул нухъмалъулев хисулев Сергей Жигаревас гьелго «Известиязе» лъазабун буго, рагъулаб низам аслияб къагΙидаялда армиялда хвезабулин соналъул болжал лъугΙун хадубин ва гьанже рагъул хъулухъалъул заман 12 моцΙалде бахъун хадуб, гьединал такъсиразул къадар дагьлъизе бугин.
«Известияз» Солдатазул улбузул цолъиялъул нухмалъулей Валентина Мельниковалда базабун, кΙвар буссинабулеб буго, улка цΙуниялъул министерлъиялъул сфераялда рагъулаб низам аслияб къагΙидаялда дагъистанияз хвезабулеб букΙиналде. Амма, гьединал гΙарзал гьарулеб гьечΙо мисалалъе, ГΙорхъолъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалазул министерлъиялъул яги ГΙорхъаби цΙуниялъул федералияб хъулухъалъул системабазда. Шойгул ракΙалда буго дагъистаналдаса гΙолохъаби жинцаго нухмалъулеб букΙараб идаялъул рагъул къуватазде ритΙизе. Гьединаб галиялъ ракΙ гΙодобе биччазабизе бегьула, дагъистанияз армиялда щварал рагъул махшел хадуб экстермизмалде хурхен бугел къуватазде гъорлъе ун, россиялъул «силовиказде» данде хΙалтΙизабизе хΙинкъи бугин, лъазабулел рагъулазул цо-цо кΙудиял хъулухъчагΙазул.
Унеб анкьалда загьирлъана гьединго россиялъул нухмалъиялъ къабул гьабулеб бугеб цойги кΙвар кΙудияб хΙукму. Хамис къоялда «Известияз» лъазабуна, Регионал церетΙеялъул министерлъиялъул цебелъеялда рекъон, 2025 соналде щвезегΙан Шималияб Кавказалъул федералияб округ цебетеялъул программаялъе федералияб бюджеталдаса биччалеб гΙарцил къадар даглъизабулеб бугин 268 миллиард гъурщидаса 316 миллионалдаса цΙцΙикΙкΙун гъурщиде щвезегΙанин. Гьеб ккола цебесеб хΙукмуялда рекъон, биччазе ракΙалда букΙараб гΙарцил къадар микьго нухалъ дагьлъизабулеб бугин абураб. Пачалихъиял Думаялъул бюджеталъул ва магъалабазул комитеталъул прогнозазда рекъон, гьеб къадар хадубги дагьлъизабизе бегьул тΙадеги. Гьелдаго цадахъ комитеталъ риккунеб буго, гьениб камураб гΙарац инвестициязул къагΙидаялда бецΙизе бегьулин.
Гьеб программаялда рекъон биччалеб гΙарац кин оругалъул субъектазда гьоркьоб бикьизе бугебали, кибниги бихьизабун букΙинчΙо. Амма МахΙамадовас абулеб буго, индустриялъул инфраструктураялъул модернизациялъе Дагъистаналъе къваригΙине бугин цо триллионгун кΙинусго миллион гъурущин.
Лиз Фуллер: «Гьанжеги бичΙчΙулеб гьечΙо федералияб программаялъе биччалеб гΙарцул къадар дагьлъизабиялъул Дагъистаналъул парламенталъ къабул гьабизе ракΙалда бугеб 20Ι3 соналъул бюджеталъе кинаб асар букΙине бугебали. 2011 соналдагогΙадин федералияб централдаса рачΙунел субсидиязул къадар ккола 70 процент. КΙиго миллиардгун анлънусго миллион гъурщил бюджеталъул дефицит къазе ракΙалда рагΙула магъалабазул ва цогидал сферабаздаса бакΙарулеб гΙарцул къадар цΙиккΙинабиялдалъун.»
Гьаб анкьалда силовиказул данделъиялда республикаялъул бетΙерас лъазабуна, машгьурлъарал чΙваял, гΙадамал рикъиял, кире ккаралали лъачΙого гьел тΙагΙиналда хурхарал хΙужжаби рагьиялъул ишалда прогресс гьечΙин, маялда букΙараб гьединабго тадбиралда бицун хадуб, лъикΙаб рахъалдехун хисараб щибниги гьечΙин. МахΙамадовасул рагΙабазда, араб соналда гΙадамал рикъиялда хурхун рагьараб 30 такъсирияб ишалда гъорлъан ичΙгогурони рагьун гьечΙо. ГΙадамал рикъиялъул, гьел тагΙиналъул къадар статистикаялъ бихьизабулелдаса гΙуралъ цΙиккараб бугин. Гьеб хурхараб батизе бугин прокурораз хъизаназул гΙарзаби чанги къабул гьаричΙого хутΙулел рукΙиналадян, жубалеб буго гьес.
Дагъистаналъул хΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъул секретарь МахΙамад Баачиловас загьир гьабураб инсанасул ихтиярал цΙуниялъул тΙадкъаял ругей Уммапазиль ГΙумаровалъул докладалда рекъон, гьаб соналда сияхΙалде росарал рикъаразул къадар бахун буго 56 чиясде, кире ккаралали лъачΙого тагΙун вуго 30 чи. 2011 соналда рикъаразул къадар букΙун буго, гьелъул статистикаялда рекъон, 31 чи, 2010 соналда – 26.
МахΙамадовас какана низам цΙунулел структурабазул хΙалтΙи. Гьебго заманалда гьес нахъ чΙвана гΙадамл рикъиялъул жавабчилъи, инсанасул ихтитярал цΙунулез риккунхъе, «силовиказда» букΙин. Гьесул рагΙабазда, нугΙзабаз бицунхъе, гьел рикъунел гΙадамазда ризго ретΙун букΙунеб комуфляж кколарин гьел «силовикал» рукΙиналъе далил.
ЦΙехх-рехалъул комитеталъул офицер Мирзабала Мирзабалаевас данделъиялда лъазабуна, гьаб соналда силовиказ гΙадамал рикъиялъул щаклъи бугеб 32 хΙужжаялда гъорлъан 17 ялда хурхун багьанаби рукΙинчΙин такъсирияб иш рагьиялъеян. Рагьараб Ι5 ишалда гъорлъан 5 къан буго, хутΙараб Ι0 халат бахъунеб буго.
Лиз Фуллер: «Гьеб статистикаялъ тасдикъ гьабулеб буго, рикъаразул ва тΙагΙаразул гΙага-божараз гьабулеб республикаялъул нухмалъиялъул гьезул къисматалда хурхун кинабгΙаги ургъел гьечΙин абураб гΙарз. Гьаб анкΙалда МахΙачхъалаялда «силовиказул беспределалде» данде протесталъул митингалда гΙахьаллъана жиндир лъабго вас викъарай, цоясул гьанжеги къисмат лъаларей эбел. Гьелъ гьениб лъазабуна гьадин:
«Президентас щибниги гьабулеб гьечΙо силовиказул зулмуялъе Дагъистаналда ахир лъеялъе. Щай гьев вуцΙцΙун чΙун вугев? Гьев гьедин сихΙ тун чΙун вукΙиналъ бихьизабулеб буго нилъеда ва нилъер лъималазда хурхун гьабулеб бугеб зулму.»

Лиз Фуллер