МахIачхъалаялъул Кировский мухъалъул диваналъ Дагъистаналъул тIалъиялъул хIакимчи Артур Исрапиловасе пайдаялъе 600 азарго гъурщил гIакIа къотIулеб букIана "Настоящее время" газеталъул бетIерав редактор Милрад Фатулаевасдаги, Исрапиловасда тIасан кIиго макъала хъварав юрист Сомоев Загъаласдаги, гьесие хIужаби кьурав АхIмад АхIмадовасдаги тIад.
Гьедин гьезул щивас кьезе кколаан кIинусаза-азар гъурущ.
Сомоев Загъалав: "Нижеца диваналда абуна гьесие 600 азарго гъурщил зарал ккун батани, документаздалъун бихьизабейин гьеб - гIарцул рахъалъищ ккараб, унтизейищ унтарав... Амма цогIаги далилаги бачинчIого, Артур Исрапиловас гьедин тIалаб гьабулеб букIунилан, гьезие къваригIана щивасдаса 200 азарго гъурущ бахъизе. Гьеб бахъулеб къагIида букIуна".
Амма дагьалъ чIун диванчи ХIажимухIамад ХIажимухIамадовас хIукму къотIана гIакIадул къадар дагьлъизабизе. Загъалав Сомоевасгун АхIмад АхIмадовас кьезе кколеб буго 27 азарго гъурущ, "Настоящее время" газеталъ - 17 азарго гъурущ.
Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула - Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ цIибахъараб къануналда рекъон, жинда тIад бугьтан лъун букIин чIезабизе кIвани, пуланав чиясул рес буго щуго млн-лде щвезегIан гIакIа тIад къотIи тIалаб гьаби.
Исрапилов Артур ккола республикаялъул территориялъулаб цебетIеялъул рахъалъ Дагъистаналъул нухмалъиялда цебе гIуцIараб БутIаялъул нухмалъулев. Гьанже чачаназ дагIба балеб Дагъистаналъул Новолак мухъалдаса гочинарулел тумазул миллаталъе бакIал ралеб компания жиндихъаги бахъун жиндирго гIагарлъиялъухъе кьунин бицунеб букIана макъалаялда. Гьеб ккола "Лакская межрайонная строительная компания" абулеб гIуцIи.
Сомоев Загъалав: "АхIмад ракI унтиялде ккезавун вуго. 2004 соналдаса нахъе кквезе адвокат хутIун гьечIо гьес. Ккунщинал адвокатал хIинкъизарулел руго. Диваналъул заманалда Исрапиловасул адвокатас АхIмадида абуна квешаб рагIи. Диванчиясин абуни гьелде кIвар кьечIо".
Макъалаялъул автор Сомоевасул пикруялда рекъон, Кировский мухъалъул диванчи ХIажимухIамад ХIажимухIамадов мекъи вукIана.
Сомоев: "ЦохIо жогицин гIадахъги босичIого, гIайиб букIин якъинго лъалев чи ритIухъ гьавуна. ГIайибиявлъун дун чIезавуна. Артур Исрапиловасда гIайиб букIинарищ, бахъун чияхъа компаниягун жиндирго вацасдаги гьесул чIужуялдаги тIад хъвараб мехалда. ГIавухъ мухъалдаса гочинарун гIуцIараб Лак мухъалда жиндирго тухум тун буго лъикIал хъулухъазда. ЦохIо жиндир тухум кваназе кколин, хутIарал ракъун рукIине кколин чIун вуго гьев. Дун гъосухъе ун вукIана. Дица гьесда абуна ле, бихьинчи, мун гьаб хъулухъалда тун вугин президентасул администрациялдаса пайдаги босун дуего хайиралъе хIалтIизе гурев, ракI-ракIалъ халкъалъе хъулухъ гьабизе. Гьединлъидал дуца гIадамал щай къварид гьарулелан. Гьеб жо гьесие бокьичIо. Мун гIадал журналисталги ихтиярал цIунулелги жинда гIемер рихьанилан абуна гьес".
Гьединлъидал Дагъистаналъул нухмалъулесул администрациялъул вакиллъиялда гъорлъе унев Артур Исрапилов гьанже вахъун дагIба базе лъугьиналъулъ цо хасаб магIна бихьулеб буго газеталда. Масала, тIадчагIаз журналистазде тIадецуй гьабулеб букIин.
28 декабралда МахIачхъалаялъул Кировский мухъалда тIобитIараб диваналъул данделъиялде Исрапилов вачIинчIо, гьесул вакил гурони. Диваналъул хIукмуялда бан гьез гьабураб лъазабиги гьечIо жеги.