Июнь щваралдаса щуго чи чlван вуго Дагъистаналда

Араб анкьалда жаниб Дагъистаналда чIван вуго 10 чи, гьезулги щугояв июнь моцIалъул тIоцересел къоязда. Масала, Гъарабудахкент мухъаладаса чиясул автомобиль батун буго гьесул гIагараб росдада аскIосан унеб шагьранухда бухIун. Цогияс полициялъ кквеларедухъ живго жинцаго кьвагьизавун вуго. Гьединал руго низам цIунулезул баянал.

Гъарабудагъкент мухъалда гьатIан къоялъ къаси кьвагьараб автомобилалъул хважаин щивали лъазе кIун гьечIо. Полициялъулазул щаклъи буго гьев чияс изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялъе кванил нигIматалги цогидабаги хIажатаб къайи-цIа баччулеб букIиналде. «Гъарабудагъкент-Къакъашура» шагьаранухда» аскIоб ккун буго гьеб хIужа. ЦIех-рех чагIазул пикруялда рекъон кьвагьул алат жибго кьвагьун батизе буго автомобилалда жаниб, гьелъие нугIлъи гьабулел лъалкIал ратун руго бухIараб автомобилалъур жанир.

Гьелдаго релълъа-рехъараб хIужа ккун буго гьебго гьатIан къоялъ къаси Хасавюрт мухъалъул Аксай абулеб рослъуги, амма гьаб нухалда гьенив чи живго жинцаго кьвагьизавун вуго. Республикаялъул жанисел ишазул идараялъ лъазабухъе полициялъул хIалтIухъабаз цIех-рехалъулал тадбирал тIоритIулел рукIун руго гьеб мухъалда . Камуфляж формаялъул ретIел тIад ретIарав чиясул хал-шал гьабизеян гьесда аскIоре гIагарлъулаго кверзул грантаги кьвагьизабун живго жинцаго чIван вуго камуфляж ретIарас. Полициялъул хIалтIухъабазда гьоркьор камиял гьечIилан хъвалеб буго гьеб баяналда.

Анкьида жанир Шималияб Кавказалда гIадатиял гIадамазда, гьединго къуваталъул идарабаздагун изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гьоркьор ккарал камиязул баян кьола щибаб анкьалъ Кавказ Узел сайталъ. Гьедин араб анкьида жанир Кавказалъул республиказда 20 чиясе ккун буго къварилъи, 14 чи хун анлъгояв лъукъун вуго. ЧIваразул анцIгоял ккола Дагъистаналдаса, ункъо чи изну гьечIо яргъид гIуцIаразул, лъабгоял полициялъул ва лъабго чи гIадатияб халкъалъулги.

Дагъистаналда кколел чIвай-хъвеязул 90 процент кколин политикиял мурадазе гIололъун гьаруралилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса юрист ГIамирханов Шамилица:

ГIамирханов Шамил: «Жидеего мунпагIатлъи шолеб гьечIони цо хасал такъсирал рагьиялъе гъежгурараб хIалтIи гьабулеб гьечIо жакъа цIех-рехчагIазги полициялъул хIалтIухъабазги. Жеги школалда цIалулеб мехалъго чиясе букIине кколеб къагIидаялъ лъай щвечIони, метерисеб къоялъ гьев щибниги жо лъалареб хIайван гIадин хутIула. Уголовиял такъсиразул статистикаялда гьоркьор руго гьединал такъсиразухъ гIакIа кьезе бихьизабурал хIукмабиги, гьеб гIакIа кьунани административияб такъсир гьабуравилан къватIиве виччала гьев, кьечIони бакIаб такъсиралъе гIоло гIайибги гIунтIизабун жанив тIамула. Амма къанун цIунулел хIалтIухъабаз гьелъул миллатго гьабулеб гьечIо».

Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъул сайталда хъвалеб буго цохIо тIоцебесеб июналда республикаялъул батIия-батIиял мухъазда хун вугин лъабго чи. Тахшагьаралъул Ленинсикий мухъалда гъорлъе унеб «Ручеек» абураб хасал бетIергьанлъиялъул минаби ругеб бакIалда квана-гьекъолеб бакIалда ккараб дагIба-рагIиялъул хIасилалда 17 сон барав гIолилас чIван вуго жиндирго кьерилав.

Июналъул тIоцебесеб къоялъ Каспийскалда Алферовасул цIаралд бугеб къотIноб квана-гьекъезе гIадамал унеб бакIалда цебе батун буго 1952 соналда гьавурав чиясул жаназа. Гьебго къоялъ Хасавюрт мухъалъул Аксай абураб росулъ щивали лъазе кIвечIев чияс рокъоса къватIивеги ахIун чIван вуго гьебго росулъ гIумру гьабун 35 сон барав чи. Рехсарал такъсиразда гIажалалде щварал гIадамазул цонигиязул цIарал рехсолел гьечIо жанисел ишазул идаарялъ, тIадеги баянал «Эркенлъиялъе» гьезухъа щвечIо.