Налъаби: газ гьоркьоб къотIизабиялъул хIинкъи буго

Дагъистаналде хъахIилаб цIатари кьей къотIизабизе бугьулин «Газпром Межрегионгаз» абураб гIуцIиялъул Пятигорскиялда бугеб бутIаялъилан абураб баян бачIана гьал къоязда къватIибе. ГIилла гьеб хIалтIизабуралъухъ Дагъистаналъ кьезе кколеб налъул къадар цIакъго гIемерлъун букIин. Амма жидеца гьединаб хIукму гьабун букIинчIилан абулеб буго рехсараб идараялъ.
ХъахIилаб цIатари хIалтIизабуралъухъ Дагъистаналъ кьезе кколеб налъул къадар къойидаса къойида цIикIкIунеб буго ва жакъа гьелъул къадар бахун буго 18 миллиард гъурщиде. Налъул гIаммаб къадарин абуни 30 миллиардалде бахун буго.

Паятигорскалда бугеб «Газпроммежрегионгаз» абураб гIуцIи хIадур бугин цIакъго радикалиял масъалабаздеян хъвалеб буго «Кавказская Политика» сайталъ, налъулазда гьоркьоб бищунго машгьураб дагъистаналъул «Теплоэлектроцентраль» абураб идара банкротлъун лъазабизе. Гьелда рекъон Пятигорскиялъ Дагъистаналде хъахIилаб цIатари кьей гьоркьоб къотIизе бугин ва бищун цIорораб гIужалъ хинлъиги гьечIого хутIизе ругин МахIачхъалаялъулалилан тIаде жубалеб буго гьеб баяналда.

ГIадатияб халкъ абуни щибго бичIчIуларого хутIун буго. Щибаб моцIалъ цIатари хIалтIизабуралъухъ жидеца гIарацги кьолин гьединал кIудиял налъаби щайин лъугьине кколелилан гьикъулеб буго гIадамаз. Амма жидеца гьединаб хIукму гьабун гьечIилан бицана «Эркенлъиялъе» «ГазпромМежрегионгазалъул» Пятигорскиялда бугеб бетIераб идараялъул хIалтIухъаналъ. «Кавказская политика» сайталъул мухбирас гьабураб хIисабалъул жаваб жидеца кьоларилан бичIчIизабуна гьез.

Шагьаралъул нухмалъиялъ къотIи гьабун бугин «Газпроммежрегионгазалъулгун» апрелалда лъагIан цIатари кьей гьоркьоб къотIизабичIого тезеян буго цоги информация. Гьебин абуни батана тIубанго батIияб темаялда хурхараб баян. Югалъулаб Дагъистаналдасан унеб цIатариялъул мухъалда гьарулел хIалтIаби рукIиналда бан чIезабун букIун буго гьеб. Амма хасел тIаде щун букIиналда бан хIукму гьабунин заманаялъ гьел хIалтIаби чIезаризеян бицана «Эркенлъиялъе» ГIабдурашидов МухIамадица. Гьев ккола МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул иформациялъулаб политикаялъул нухмалъулев. ГIабдурашидовас бицана налъаби цIикIкIунел рукIиналдаса чанго сон бугин.

ГIабдурашидов МухIамад: «Пятигорсикиялда бугеб «Газмпроммежрегионгазалъ» чIезарулел руго чIахIи-чахIиял идарабаз кьезе кколел гIадал багьаби. Дагъистаналда ругел цIатари кьолел идарабаз абуни халкъалъе чIезарун руго руго гьез кьезе кколел гIадал багьаб и. Гьелъул хIасилалда кколеб буго кIудияб батIалъи. Гьелъул хIаслил ккола гьединал кIудияб къадар налъул гIолеб букIин. Шагьаралъул цIатари кьолеб идараялъ гьарулеб буго республикаялъул нухмалъиялда гьеб суал роцIцIинабеян. Чанго сон буго гьедин бугелдаса. Амма жакъа къоялъги Пятигорскиялъ Дагъистаналъе кьолеб цIатари биччалеб буго чIахIиял магIишаталъул бутIабазе ва идарабазе чIезабураб багьаялда рекъон. Гьел багьабазда гьоркьоб бугб батIалъи соналдаса соналде кIодолъун чанго миллиардалде бахун буго».

Налъаби сабаблъун исана риидал чанго анкьица МахIачхъала хутIун букIана бухIараб лъимги гьечIого. Амма доб мехалъ бицунеб букIараб налъул къадар гьанже бугелдаса гIемерго дагьаб букIана - 700 миллион гъурущ.

Налъабазда сверун бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб букIана исана июлалда «Газпром» гIуцIиялъул нухмалъулев Алексей Миллерилгун республикаялъул нухмалъулесул дандчIваялда. Налъи гIемерлъанин цIатариялъухъ гIадатияб халкъалъ кьураб гIарац хIакимзабазул кисинибе унеб букIиналъилан абуна гьениб Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница.

«Газпромалъулгун» гьабураб къотIиялда рекъон гIарац бакIаризе бегьула мисалалъе республикаялда ругел цIатари кьолел батIи-батIиял компаниязухъа. Гьеб гIарацги кьун кIвезе бугин налъи бецIун лъугIизабиеян буна гьениб ГIабдлатIиповас. Амма гьеб масъала жакъаги рагIалде бахъун гьечIо.