28 январалда МахIачхъалаялда гьоркьоб лъун букIана Дагъистаналъул мацIазул хIакъалъулъ бахъизесеб къануналъул проект.
Рахьдал мацIазул бицине Дагъистаналъул гIалимзабигун республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIипов данделъараб мажлисалда бицана Азербайжаналда гIумру гьабулел дагъистаниязе къажараз гьабулеб квалквалалъулги. ГIелмияб Централъул гIалимзабазул рагIабазда рекъон, гьезда гIемер лъикI лъала Закаталаялда ругел магIарулазулги, цIахуразулгун лезгиязулги хIал – ихтиярал хвезариги, мацIал церетIеялъе гьезие гьабулеб квалквалги. ГIалимзабаз рикIкIунеб буго гьеб рахъалъ ахIвал-хIал лъикIлъулаанин мацIазул рахъалъ бахъараб къанун букIарабани Дагъистаналда. Щайин абуни, гьеб къануналъулъ бихьизабун букIине ккола Дагъистан тун къватIирехун ругел ватIанцоязда сверухъ мацIал цIуниялъе гьабулеб хIалтIи Дагъистаналъул хIукуматалъ тIаде босизе кколилан.
МацIал цIуниялъул рахъалъ ратаниги, ихтиярал цIуниялъул рахъалъ ратаниги, хъулухъазул рахъалъ батаниги республикаялда гIемерисез рикIкIуна Дагъистаналда ругел Азербайжаналъул гIадамазе дагъистаниялгун ращалъи чIезабун бугилан. Гьединабго ращалъи дагъистаниязе доба Азербайжаналдаги чIезабизе кколин кIалъана МахIачхъалаялда мацIазул къанун гьоркьоб лъураб мажлисалда МухIамад МухIамадов. Гьев ккола Дагъистаналъул ГIелмияб Централда цебе гIуцIараб мацIалъул, литератураялъул ва искусствоялъул институталъул директор. Гьеб пикру республикаялъул нухмалъулесе дандеккечIин бицунеб буго ЭР-ялъе МухIамад МухIамадовас.
МухIамад МухIамадов: «Гьеб пикру республикаялъул нухмалъулесе данде ккечIо. Гьес абуна гьеб бугила политика, гьеб суал дандбазе кколила, гьелъул бицине кколила. Цинги ракIалде щвезабуна ХIайдар ГIалиевасулгун (Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев - ЭР) букIараб дандчIвай. Гьес кIигониги мухъалъул нухмалъиялда магIарулал тун рукIанила. Амма ГIабдулатIиповасда лъазе ккола жакъа къоялда доба Закаталаялда яги Белоканалда цониги магIарулав дагьабниги кIудияб хъулухъалда тун гьечIолъи. Дагъистаналда абуни азербайжаназул чагIи тезе бегьула министраллъунги, цогидал хъулухъаздаги, гьединго школаздаги малъулеб буго гьезул рахьдал мацI. Дозул добайин абуни дагъистаниязда мацIални кир малъулел, берталъ магIарул кечI ахIизецин гьукъулеб буго.
Гьединго Дагъистаналдаса доре ритIулел рахьдал мацIазул тIахьал риччалел гьечIо гIорхъодасан. Жидер доба латин хъвай-хъвагIай бугин багьанаби ратулел руго. Гьедин батани, нилъеца гьезулгун къотIи-къай гьабизе бегьула гурищ, латин хIарпаздалъун дозие тIахьал риччазе… Гьеб бегьулеб жо гуро, гьеб буго нилъер миллаталда тIад гьабулеб зулму. Гьелда дандечIей гьабизе ккола хIукуматалъги хъулухъазда ругел гIадамазги. Нижедаги гьелда разилъи кIоларо дагъистаниял хIисабалдаги мацIазда тIад хIалтIулел гIалимзаби хIисабалдаги».
ПалхIасил, гIалимчи МухIамад МухIамадовги Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги цо пикруялде рачIинчIо гьеб суалалъулъ. ГIабдулатIиповас абуна политиказ тIубазе тезе кколин Азербайжаналда ругел дагъистаниязул суал.
Дагъистаналъул рахьдал мацIазе квалквал Азербайжаналдаго гIадин, жибго Дагъистаналда жаниб гIурус мацIалъги гьабулин абураб пикру буго. Амма республикаялъул нухмалъулев гьелдаги разилъичIо. Росабалъ гIурус мацI лъангутIиялъулги, шагьаразда рахьдал мацIал лъангутIиялъулги масъалаби ругин абуна ГIабдулатIиповас. Гьесул пикр рекъон, гIурус мацI авар мацIалъе зарал гьабулеблъун бихьизе бегьуларо. Гьебги лъазе ккола, рахьдал мацIазул даражаги борхизабизе ккола.
Бицен гьабулеб мажлисалъул ахиралда хIукму ккана рахьдал мацIал цIуниязе ва церетIеялъе квербакъулеб программа гIуцIизе.
Россиялда жаниб цохIо Дагъистан ккола мацIазул рахъалъ жиндирго къанун гьечIеб республика.