Лъие къваригΙун бугеб цΙияб муниципалитет?

Дагъистан - Мах1ачхъалаялъул администрациялда цебе 27 сентябрь 2011

МахΙачхъалаялъул шималияб рахъалда ралъдал рагΙалда аскΙобеххун хасаб мархьиги бан Таркиялъул, Альбурикенталъул ва Кяхулаялъул гΙадамаз нухмалъиялдасан тΙалаб гьабулеб буго жидер бакΙал цолъизарун цΙияб муниципалияб мухъ гΙуцΙи. Тахшагьаралъул мэр ГΙамиров СагΙидида гьелда нахъ бихьулеб буго Дагъистаналъул тΙолголъиялъе хΙинкъи.
Таркиялъул, Альбурикенталъул ва Кяхулаялъул жамагΙатаз республикаялъул ва тахшагьаралъул нухмалъияздасан тΙалаб гьабулеб буго МахΙачхъалаялъул шималияб рахъалда, гΙемерисез «ЧΙегΙерал ганчΙал» абулеб бакΙалда жидее ракьал кьей. Таркиялъул муниципалияб мухъ гΙуцΙун гьелде гъорлъе, рехсарал бакΙазде тΙадеги, Агъачаул, Ленинкент ва Шамхал Термен кьезе. «Новое дело» газеталъ хъвахъе, проблема дагьалъги хΙалуцинабулеб буго, гьез тΙалаб гьарулел ракьал гьанже гΙуцΙулеб бугеб ЦΙияб Новолак мухъалде гъоркье церего рихьизарун рукΙин. Тумал гьенире гочинарилелде цере ЧΙегΙерал ганчΙал рукΙана МахΙачхъалаялъул гΙорхъабазда жанир.

«МахΙачхъалал шагьар» абураб муниципалияб гΙуцΙиялдасан батΙа чΙун Таркиялъул муниципалияб мухъ гΙуцΙиялда хурхун ругел киналго спекуляцияби ккола Дагъистан бикь-бикьун иналъул нух, гьеб лъицаниги биччазеги гьечΙо. Гьеб ккола Дагъистан биххизабиялъул процесс. Гьеб проблема рагΙалде бахъинабиялъул ишалда загьир гьабизе ккола пачалихъияб къвакΙараб рагΙи.» - ян лъазабуна тахшагьаралъул мэр ГΙамиров СагΙидица. Гьесул рагΙабазда, гьединаб галиялде ун хадуб, раккизе буго гΙорхъаби хисизаризе рокьарал къокъабазул иргаби.

Дагъистан - "ЧегІерал ганчІал". Гьадинал чадразда жаниб гІумру гьабун буго акциялъул гІахьалчагІаз. Май 2012

Москваялда гΙумру гьабун вугев, амма республикаялда бугеб ахΙвал-хΙал лъикΙ лъалев Джалалудин Коркмасовасул васасул вас, гΙалимчи ва жамгΙияв хΙаракатчи Анатолий Къоркьмасовас риккунеб буго, лъарагΙлъиялда жидер кьалбал ругел гΙадамазул гьединал тΙалабал раккиялъе бугеб аслияб гΙилла хурхараб букΙине бегьулин, гьел территориязда хурхун хъулухъчагΙаз жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб букΙиналда. Амма, гьединаб ахΙвал-хΙалалда аслияб жо кколила цодораб политика.

Къоркъмасов Анатолий: "Гьезул берда цебе загьирлъулеб «беспредел» чΙалгΙун батизе буго гΙадамазе. Гьединал конфликтал рукΙана цебесеб соналдаги, гьелда цебесеб соналдаги. Гьеб нилъеда лъалагури! ГΙадатияб къагΙидаялда гьединаб ахΙвал-хΙалалда гъоркь лъола цΙакъ кΙудияб хΙинкъи бугеб фугас - миллияб суалалда хурхараб. Миллатчилъиялъул проблемаялде данде къеркьеялъул бакΙалда, пуланаб къокъаялъ гΙагсаб гали гьабулеб буго. Дида ккола, гьеб акциялда гΙахьаллъулел гΙадамазе чΙалгΙун бугин, гьезул берда цебе шагьаралъул нухмалъиялъ жидерго административиял ресаздасан пайда босун, квешал ишал гьарулел рукΙин. Гьаниб лъиелиго кинабалиго хΙинкъи бугин гуреб суал лъезе кколеб. Гьаниб суал лъезе ккола, кинаб бугеб конфликталъе хΙакъаб багьана абураб."

Къоркъмасовасул пикруялда, гьединаб муниципалитет гΙуцΙизе бегьулаан, хасго гьелда нахъ культуриябгун магΙишитиял мурадалгурони гьечΙони. Машгьурав юрист ва жигарав блоггер Расул Къадиевас нижер программаялъе комментариял гьарулаго абуна, ракьазда хурхарал проблемаби Дагъистаналда раккулила цΙакъ гΙемер, гьебги щиб батΙи-батΙиял мухъазда - Бабаюрт , Хасавюрт, Хъумторхъала ва цогидал. Гьес кΙвар буссинабуна церего жидерго ракьазда гΙумру гьабун бугеб лъарагΙ халкъалъул цогидазулгогΙадинал жидерго жамагΙатал церетΙезариялъе ресал рукΙине кколеблъиялде. Аммаян абулеб буго гьес гьанже загьирлъулеб хΙакъикъаталде балагьун, мухΙканлъизаризе кколин гьеб акциялъул мурадазул хасият, гьеб гΙуцΙарал ва гьелда гΙахьаллъулел гΙадамазул хΙассилиял мурадал.

Къадиев Расул: "БатΙа чΙараб муниципалитет гΙуцΙи ккола гΙумруялде бахъинабизе цΙакъ захΙматаб суал. Гьелдаго релъараб проблема, гьединалго тΙалабал рукΙана бабаюрталъул гочинабун боцΙцΙи хьихьулеб зонаялъул территориялда хурхунги. Биччан тела, гьезул тΙалабал тΙуразаруна. Кьуна гьезие ракьал. Щиб гьеб ракь ритΙухъаб къагΙидалда гΙадамазда гьоркьоб бикьизейищ бугеб? Узухъда, гьечΙо. ГьечΙо гьелъие кинабгΙаги гарантия. Нилъ гьединаб къагΙидаялда букΙнилъе кколел руго. Гьанже баккулеб буго суал, лъицаха ракьал рикьи тΙалаб гьабулеб бугеб? Баянаб жо ккола, Таркиялда, Альбурикенталда ва цогидал бакΙазда гΙумру гьабун ругез гьеб ракьалъул бетΙергьанлъи гьабизе гьечΙо. Гьедин батани, бицен гьабулеб буго хасал, индувидуалиял мурадазул. КигΙан добе-гьанибе сверизабуниги, гьел ракьал ккола яги пачалихъалъул, яги цΙияб муниципалитеталъухъе кьолеб бугони, гьелъул буголъилъун. Гьелда хурхарал хΙукмаби гьарула гΙадатиял гΙадамаз гуреб, хъулухъчагΙаз. Гьединаб къагида данде кколаро. Жалго лъарагΙазги абулеб букΙана, хΙассилалдаги гьеб ракьалдасан гьездаги пайда босизе бажаризе гьечΙилан. Гьелдасан пайда босулел рукΙине ругин хъулухъчагΙиян.»

Къадиевас абулеб буго, загьирлъулеб хΙакъикъаталда чΙван къотΙараб къануналъул асар букΙине кколин, гурони гьедингоги квешаб ахΙвал-хΙал дагьлъги хΙалуцине бегьулин.

Дагъистан - "ЧІегІерал ганчІал". Чадразул росдал гІадамаз тІобитІулеб буго митинг. Май 2012


Къадиев Расул: «Юрист хΙисабалда дун данде вуго политикиял мурадал, миллияб хаслъи цΙуниялда хурхарал суалазде журазариялде. Дида бичΙуна, жидер хабзал жалго теян тΙалаб гьабулеб мехалда. Жидер гьитΙинал, гьедингоги мискΙинал ракьал заводал раялъе кьогеян тΙалаб гьабулел нугъаялги дида ричΙуна. Гьенибги бегьула къанунияб къагΙидаялда цо пикруялде рачΙине. Амма гьеб суалалда хурхун экстремистияб хьвада-чΙвади загьирлъулеб мехалда, ярагъ кодобе босизе гΙамал гьабулеб мехалда, цоцал щокъраби кквезе байбихьулеб мехалда (дида гьединаб бихьизеги бихьана, гьебги щиб, гΙадатиял гΙадамазда гъорлъ гуреб, гΙалимчагΙазда, профессорзабазда, пачалихъиял хъулухъчагΙазда гьоркьоб), гьенибе гъорлъе лъугьине ккола къанун.»

Къадиевас абулеб буго ракьазда хурхарал проблемаби хадур цере загьирлъулел рукΙиналъ кΙудияб квал-квал гьабулеб бугин республикаялде инвестициял руссинариялъул масъалаялъеги.

Къадиев Расул: «Проблема хурхараб буго сунда? Дагъистан цебего кколаро жамагΙатазул цолъиязул территория. Дагъиситаналъул ракь киназего гΙаммаб буго цебего. Дагъистаналъул проблема гьанже хурхараб буго гьединал проблемабазе гΙоло гьенире спонсорал руссинаризе бажарунгутΙиялда. Инвесторал кире ракканиги, гьенир ратула жамагΙатазул интересал. Формалияб къагΙидаялда ракь муниципалитеталъухъ яги пачалихъалъухъ бугеб мехалдаги, цо-цо жамагΙатал, ратΙа-чΙарал муниципалитетал ахΙдолел рукΙуна, гьел жидер ракьал ругин. Жидерго программаби гΙумруялде рахъинаризе байбихьулеб мехалда, гьез инвесторазулгун рагъ байбихьула. Гьединаб хΙакъикъат хутΙулеб бугони, кинавха инвестор нилъехъе вачΙинев!"

Гьадинал комментариял гьаруна темаялда хурхун Къадиев Расулица. Гьесулги Къоркъмасовасулги цоцаде данде кколел пикрабазда гъорлъ буго – Дагъистаналъул проблемаби рагΙалде раххъинариялъе къваригΙуна гΙакъилаб, хΙакъаб къагΙидаялда коррупциялде данде къеркьолеб нухмалъиги, жигараб гражданияб жамгΙиятги, кΙудияб сабруги – абураб пикру.