Такъсиралги хIакималги

Промышленносталъул ва энергетикаялъул министр хисулев Руслан ХIажибеков ккуна гьал къоязда низам цIунулез. БалугълъичIев вас викъиялъул такъсиралда гIахьаллъи гьес гьабиялда щаклъи буго цIех-рехчагIазул. Министр хисулевгун гьединго ккун руго Каспийскалъул автотраспорталъул идараялъул нухмалъулев ГIабдулмажид Къадиевги МухIамадтIагьир МухIамадовги.
ЦIех-рехчагIаз чIезабун буго, исана июлалда Избербашалъул Приморский росулъ рокъове унев вас викъун вугин лъицалиго. Квадроциклалда рокъове унев васасе нух къан буго автомобилалъ. Гьениса къватIире кIанцIун вуго чамалиго чи. Васги автомобилалде рехун гьел гьениса лъутун руго.

Васасул инсухъа 45 миллион гъурущ щун буго гьел чагIазе 12 сентябрялда. Гьев чиясул цIар мухIкан гьабулеб гьечIо, амма абулеб буго гьев Сугъралъа бизнесмен вугин. I3 сентябрялда гьез полициялде гIарза хъвана, гьебго къоялда низам цIунулез такъсир гьабиялъул иш рагьана Уголовияб Кодексалъул 123–леб статьялдалъун (гьебги: хайир щвеялъе балугълъичIев викъи).

I4 сентябралда МахIачхъалаялда ккуна министр хисулев ХIажибековги, Къадиевги, МухIамадовги. Москваялдаса оперативниказ ккун руго лъабалго. ЦIех-рех диваналде кьезегIан гьел рукIине руго заманалъулаб туснахъалда. ЦIех-рехги Москваялдаса цIех-рехчагIазухъе кьезе бегьулин, лъазабулеб буго Дагъистаналъул прокуратураялъ.

Министр хисулев ХIажибеков кколаан чIварав цIех-рехчи Руслан ХIажибековасул вацлъун. РакIалде щвезабила, гьев цIех-рехчи чIваялъулъ гIайиб гIунтIизабулеб буго хIалтIудаса рикIкIад гьавурав МахIачхъалаялъул мэр Саид Амировасда.

Гьединго ракIалде щвезабила, 1998 соналда Россиялъул Генералияб прокуратуралъул хIалтIухъабаз ккун вукIана министр хисулев ХIажибеков. Доб мехалда гьев Каспийскалъул мэрлъун вукIана. «Арси» компаниялъул нухмалъулев чIваялъулъги ришватчилъиялъул такъсиразулъги гIайб гIунтIизабулеб букIана ХIажибековасда. Ахирги гьел такъсиразулъ гIайиб ХIажибековасул букIин чIезабизе кIвечIо цIех-рехчагIазда.

ХIакимазда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал гIемерлъулел руго Дагъистаналда ахираб заманалда. Мисалалъе, Гъизляр шагьаралъул мэрасда чIвале буго гIайиб гьес 13 млн гъурущ бикъанин, Каякент мухъалъул бетIерасда чIвалеб буго гIайиб гьес бикъанин бесдал лъималазе бичараб гIарац.

Политолог МухIамад МухIамадовас абуралда рекъон, такъсиразулъ гIайибаллъун ругел хIакимал гIемерлъулел руго, щайгурелъул низам цIунулезул хIалтIуе квекIенал гьарулел гьечIо республикаялъул нухмалъулес.

МухIамад МухIамадов: «Мухъазул нухмалъулездаги министраздаги батIи-батIиял хIакимаздаги хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал ГIабдулатIиповас гьабулеб политикалъунги рикIине бегьуларо. Амма гьев вачIинегIан пуланал такъсиразулъ гIайибал ругин хIакимал ва гьел ккун ругин абураб жо нилъеда рагIинецин рагIулеб букIинчIо. ГIабдулатIиповас квал-квал гьабулеб гьечIо низам цIунулезул хIалтIуе. Гьелдани абизе бегьула гьеб гьесул политика бугин. Низам цIунулезул гьединаб хIалтIудал рахъги кколеб бугин ГIабдулатIиповасилан абизе бегьула».

Гьединго МухIамадовас тIаде жубана, дагъистаниязе ГIабдулатIиповасул гьеб политика рекIее гIолеб бугин.