Жакъа Дагъистаналда машгьурлъизехъен буго 20Ι0 соналъул лъугьа-бахъин. Доб заманалда Ι6 сон барай жиндир ясалда хурхун чанго чияс сексуалияб хΙал гьабиялъул хΙакъалъулъ жиндир гΙарза кΙвар кьечΙого толеб бугин цΙехх-реххалъул идараялъ, абун лъазабулеб буго Гъарабудахъкенталдасан Нажмудинов МахΙамаднабица. Гьесул рагΙабазда, гьединаб зулму халат бахъунеб букΙун буго хадубги, гьеб хΙехьезе ккун йикΙарай ясалъ дагьалъ цебегурони лъазабун гьечΙо гьесда. Жиндирго гΙарза хьибилалде рехун толеб букΙиналда нахъ Нажмудиновасда бихьулеб буго, гьесул балугълъиялде яхинчΙей ясалде хΙал гьабураб къокъаялда гъорлъ низам цΙунулел идарабазул хΙалтΙухъабазул гΙага-божарал рукΙиналда.
РитIухълъиялъе гIоло жив Москваялдеги щвелин абулеб буго Гъарабудахкенталдаса Нажмудинов МухIамаднабица. Гьесул рагΙабазда, яс инжит гьайиялда хурхун низам цIунулел идарабаз щибго гьабулеб гьечIо.
Нажмудинов МухIамаднаби: «20Ι0 соналда тIоцее хIакъир гьаюна дир яс. Гьейгун школалда цIалулев васас абулеб букIун буго гьелда жиндие йокьулин, чIужулъун йихьулей йигин, гьаризе ритIилин. Ахир-къадги, гьес гьей къабихI гьаюн йиго. Гьес хадур хIинкъаби кьолел рукIун руго гьелъие. Жиндирго гьудулзабаздаги бицун буго гьейгун жив вукIанин. Гьелдаса хадуб дир ясалъе нух кьолеб букIун гьечIо гьесул гьалмагъазабаз. Гьей гьез хIинкъизаюн, рекΙинаюлей йикΙун йиго автомобилалда. Цо-цояз видеоги бахъулеб букIун буго гьелъул. Дагьаб мехалъ цебе гьелъ кинабго бицана дида. КIиго соналда жаниб анцIила цо чияс рахIат толеб букIун гьечIо гьелъие».
МухIамаднабил рагIабазда, гьаб соналъул 23 июналда гьесул ясалъ къулчΙун руго кьижизарулъе пайда босулел таблеткабазул тΙубараб къвачΙа. Лъавудаса арай ясалъухъе тохтурал ахIун, гьей хвасар гьаюн йиго. Гьебго сордоялъ МухIамаднаби живго ун вуго полициялде гIарза хъвазе. Сардил сагIат кIигоял вачΙун гьесул ва гьелъул гьикъа-бакъи гьабун буго.
Ясалъе зулму гьабурал гΙолохъабазул киназалуго цIарал лъалел руго низам цIунулездаян чΙун вуго ясалъул эмен. «Гьезда гьорлъ руго, мисалалъе, диванчиясул вац, полициялъулазул гIагарал, полициялъул хIалтIухъан.» - ян абулеб буго гьес. ГIарза хъван хадусеб къоялда ясалъ рехсарал зулмучагIи ккун руго.
Амма гьикъа-бакъи гьабун хадуб, гьел киналго риччан руго цIех-рех чагIаз. Гьебго къоялда Нажмудиновасухъе рукъуве вачIун вуго гIайиб гIунтIизабулезда гъорлъан цояв – ХIажиев МухIамадмухтар. Гьеб мехалда Нажмудиновасул рукъув лъадиги лъималги гурони цоги чи вукΙун гьечΙо. ХΙажиевас чурукаб мацΙ хΙалтΙизабун, хΙинкъиял кьун руго, гIарза нахъе босичIони, киналго чIвазе ругин абун. Гьебго къоялда къотIнов гьесда дандчIван вуго Нажмудинов. Гьевгун дагIба ккун буго гьесул. Жинде тIаде гьев кIанцIанилан гIарза хъван буго ясалъул инсуца полициялде. Рагьун буго такъсирияб иш. Амма гьал къоялда баянлъана, гьеб иш къан букΙин. Гьеб къазелъун гIарац кьун батилин абун ишара гьабулеб буго Нажмудиновас.
Аслияб хΙужжаялда хурхун гьесул гΙаразаялде букΙине кколеб кΙвар кьолеб гьечΙоялъул гΙилла гьесда бихьулеб буго яс инжит гьаюразда гъорлъ ругел низам цIунулезул гIагараз цΙехх-реххчагΙазул хΙалтΙуе квекIенал гьарулел рукΙиналда.
Нажмудиновас хъван руго батIи-батIиял идарабазде ва гIуцIабазде гΙарзаби. Жив инстанциязде векерахъдолев вукΙаго, жидеде гΙайибал гIунтIизабулезул цоял Дагъистан тун къватIире ун руго, цоявни тΙурун вуго къватΙитсеб пачалихзъалдецин, абулеб буго гьес.
ЦIех-рех чагIаз жеги рагьун гьечIо такъсир гьабиялъул иш жибго лъагΙа-бахъараб хΙужжаялда хурхун, гьез гьабулеб хΙалтΙи хурхараб рагΙуна гΙицΙго гΙарзаялъул ххал гьабиялда. Республикаялъул цIех-рехалъул идараялда, лъазабуна Нажмудиновасул гIарзаялда рехсарабщиналъул хал-шал гьабулеб бугин ва ясалъе медикияб экспертизаги гьабизе кколин. Рехсолеб лъугьа-бахъиналда хурхун гьаризе кколел тадбиразе цIех-рех чагIаз бихьизабун буго 30 къо.
Ясалъул инсуца абулеб буго жинхъе мех-мехалда цояз ахΙулин, гьеб иш теян, жидеца гΙарац дуе кьелин, цогидаз - хΙинкъаби кьолел ругин.
Гьесул гьанже хΙинкъи буго, жиндир кIал къазабиялъе кьезе ракΙалда бугеб гΙарац гьез полициялъулазе кьезе рес букΙиналда бан.
Нажмудинов живгоги ккола полициялъул хIалтIухъан. Гьес абулеб буго жиндир нухмалъулесухъе гIайиб гIунтIизарулезул гIагарал рачIун рукIанин, гьес гьел нахъе къотIанин. «Къанунал басра гьабулез, намусги гьабула басра. Дир яс инжит гьаюн, гьелъул ва дир намус басра гьабурал гΙадамал тамихΙалде гъоркье рачиналъъул тΙалабалдасан дица киданиги инкар гьабуларо. Нусазарго букΙа, миллионал рукΙа – гIарциде балагьун дун чΙоларо.» - ян лъазабулеб буго балагьалде ккун вугев инсуца.