Гьал къоязда Прагаялда тIобитIараб дзюдоялъул рахъалъ Европаялъул чемпионаталда Дагъистаналдаса спортсменаз босана лъабго медаль. Европаялъул чемпионлъун вахъана 90 кг цIайиялда МухIамадов МухIамад, гIарцулаб шапакъат щвана I00 кг. цIайиялда Нажмудинов МухIамадие ва мазгарул шапакъат щвана 60 кг. цIайиялда ГIабдужалилов ГIабдулае.
Дагъистаналъул дзюдоялъул федерациялъул сайталда бицунеб буго ахираб заманалда республикаялдаса дзюдоистаз лъикIал хIасилал рихьизарулел ругин гьеб федерациялъул нухмалъулев Эсенбулат МухIамадовасул кумекалдалъун. Федерациялъул вице-президент Макъсудов ГIабдулагьица ЭР-лъе бицана гIолохъанал спортсменал гIезарулел ругин Дагъистаналда, амма гьел щаялиго кIудиял гIун, тIадегIанаб даражаялъул спортсменал рахъарабго республика тун цоги регионаздаса цере рахъизе унилан. Гьелъие гIиллалъун гьес рикIкIунеб буго республикаялда бугеб лъикIаб гуреб политикияб ва социалияб ахIвал хIал. «ГIумру гьабизе централияб Россиялда бигьаго буго, гьединлъидал гьел гочун унел руго, кигIан ниж гьел цIунизе къеркьаниги»-ян бицана гьес.
Дагъистаналдаса тIоцевесе Европаялъул чемпион, гьабсагIаталда Челябинскалъул рахъалдаса цеве вахъунев Сиражудин МухIамадовас «Южноуральская панорама» абураб газеталда бицунеб буго жив Челябинскиялъул рахъалдаса цеве вахъиналъе гIиллалъун кканин гьенир спорталде ругьун гьариялъе ругел лъикIал шартIал, Дагъистаналда ругезда данде ккун. «ГIагараб ватIаналдаса рикIкIад чIезе кколев вуго дун спортивиял хIасилазе гIоло» - ян бицунеб буго гьес гара-чIвариялда.
Республикаялда дзюдо цебетIураб букIинчIо цебеккун, киналго гьунарал руго ахираб заманалда раккарал, гьелъие аслияб гIиллаги буго дагъистаниязул спорталдехун бугеб рокьи, кинабгIаги федерациялъул гьунар гьениб гьечIоян рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда бугеб «Спартак» абураб спортклубалъул дзюдоялъул тренер ИбрагьимхIажиев ИбрагьимхIажица. Гьес бицана гьабсагIаталда Дагъистаналъул дзюдоистазул ругел проблемабазул хIакъалъулъ.
ИбрагьимхIажиев ИбрагьимхIажи: «Дзюдоялъул федерациялъул президентлъун Эсенбулат МухIамадов вищун хадуб тIоцебесеб соналъ кумек букIана, гьабсагIаталда кинабгIаги кумек гьечIо. Гъизилюрталда ва цоги дзюдоялъул школазда щиб бугеб дида лъаларо, нижер «Спартак» спорткомплексалъе федерациялъул вице-президент Баркалаев ДжабрагIил чIваралдаса нахъе щибниги щолеб гьечIо. Спортсмен кивениги къецазде ине ккани спорткомитеталъ гIарац кьоларо, мун дурго гIарцухъ айин дове, хадув нахъвуссарабго кьелин абула. Минспорталда гIарац гьечIилан абула, хIатта министрас гьадинав чи къецазде витIеян хъваниги. Гьанже цIияв спорталъул министрги тIамун вугелъул, цIияб соналъ дзюдоялъе гIарац биччаялде хьул буго. Дзюдоялъе биччалеб гIаммаб гIарац буго цо санае 7 миллион гъуруш, эркенаб гугариялъейин абуни – 80 миллион гъуруш. Гьанже гьев Прагаялда бергьарав Европаялъул чемпион МухIамад МухIамадовго гIадин Мансур ГIисаев гIолилазда гьоркьов Европаялъул чемпион вахъарабго Дагъистаналда гьесде щибниги кIвар кьечIо, ва гьединлъидал гьев ана Челябинскиялъул рахъалда цеве вахъине. Гьанже гьев Олимпиялъул чемпионлъунги вахъун вуго, Челябинскиялъул губернаторасдаса миллион долларги щвана. Гьединал регионазда Госкомспорталдаса букIа, федерациялдаса букIа, спортсменазе кьолеб гьоркьохъеб харж букIуна 50-60 азарго гъуруш, Дагъистаналдайин абуни, 8 азарго гъуруш буго».
Европаялъул чемпионлъун вахъарав МухIамадов МухIамад кколев вуго ИбрагьимхIажил вацгIал. Хадурккун гьел спортсменаз лъикIал хIасилалги рихьизарун, Дагъистаналда гьезде тIаса-масагояб бербалагьи бугони цоги регионазде гьел рачун ине къасд буго гьесул.
ИбрагьимхIажиев ИбрагьимхIажи: «Эбел-инсуца кумек гьабула гьезие къецазде ине. Гьев МухIамадил ва гьесул вац ХIайбулагьил эбел, дир ункъгIал йиго базаралда хIалтIулей, гьелъ кьола гIарац къецазде ине. Гъизилюрт спортшколалъул директор ХIабиб МухIамадовасцин жиндир вацасул вас Сиражудин МухIамадов Челябинскиялдаса цеве вахъине витIун вуго. Европаялъул чемпион вахъарабго гьесие 3 млн гъуруш гIарац кьуна. Нилъер гьаниб гьединаб жо дида цебе чIезабизе кIоларо. Хадубккунги дир вацгIалзабаздехун кIвар кьезе батичIони спорталъул нухмалъулез, дица гьел рачун ине руго Челябискиялде, Пермалде, ялъуни Тюменалде. Гьел руго рищунго гьеб рахъалъ лъикI хIалтIулел регионал».
ТIоцебе Дагъистаналда дзюдоялъул школа гIуцIарав, Европаялъул гIарцулав призер Баркалаев ГIабдулхIажица бицана Дагъистаналда дзюдо цебеккун лъалебцин букIинчIин, гугари гурони. Живго цевеккун Гуржиялъ гIумру гьабун вукIарав гьес бицана, доба машгьураб букIанин дзюдо, гьаниб гьеб машгьурлъанин школа гIуцIун хадуб. ГьабсагIаталда дагъистанияз дзюдоялда лъикIал хIасилал рихьизарулел руго, амма гьел хIасилазулъ тIалъиялъул, Спорталъул министерлъиялъул, ялъуни Дзюдоялъул федерациялъул гьез бицунебгIан гIахьаллъи гьечIин. Гьес рехсана гьанжесел Дагъистаналъул дзюдоистал: КIицIул Европаялъул чемпион МухIамадов Сиражудин, Олимпиялъул чемпионал ХIайбулаев ТIагьир ва ГIисаев Мансур, Дунялалъулго универсиадаялъул чемпион, гIолохъанав ГIабдула ГIумаров ва гьел гурел цогидалги. Гьел киназулго байбихьи Дагъистаналда букIана, амма киналго гьабсагIат республика тун къватIиса цере рахъунел ругоян тIадеги жубана ГIабдулахIажи Баркалаевас.