АхIмаднаби АхIмаднабиев чIвазе киналгIаги гIиллаби рукIинчIин, гьев вукIанин жиндиего бокьулеб кIиго иш гьабулев чи – журналистикаги тохтурлъиги.
Гьедин бицана ЭР-ялъе гIезегIан мехалъ гьесда цадахъ «Новая газеталда» хIалтIарав ГIабдурашидов МухIамадица. Гьесул рагIабазда рекъон, гьесдасан хIинкъи букIана ришватазулъ гъанкъарал хъулухъчагIазе. Бер къапичIого абулаан гьес гьезда бадибе битIараб рагIи. ГIабдурашидовас гьединго бицана АхIмаднабиевас гIемер хъвалаанила геополитикаялда тIасан макъалаби. Гьел рекIее гIоларел чагIиги рукIана гIезегIан. Амма гьездасаги цIикIкIун рукIанила АхIмаднабие гIоло «Новое дело» босулел чагIи.
МухIамад ГIабдурашидов: «Бокьарав цIех-рехчи тIаса вищейин дуца, гьесда тIад къалин мун чIвазе къасд гьабурал чагIи ралагьизейин абулеб букIана АхIмаднабида газеталъул бетIергьанасги къанун цIунулезги. Амма цониги нухалда цIех-рехалъул хIасил ккунгутIи бихьидал, гьес инкар гьабуна къанун цIунулезде мугъчIвай гьабизе. Гьездехун божилъи букIинчIо гьесул».
ЦIех-рехалъул идарабазул кумек гьечIого такъсирчагIи ралагьизе кIолареблъи хIакъаб жо бугин, амма гьел ралагьизе гьезул къасд гьечIолъиги бугин гьединаб хIакъаб жоян абуна ЭР-ялъе «Новое делоялъул» бетIерав редактор Сагитов ХIажимурадица. Щайин абуни гьез хIаракат бахъичIила цебеккунго АхIмаднабиев чIвазе къасд гьабурал чагIи ралагьизе.
ХIажимурад Сагитов: «Гьев чIвазе къасд гьабун букIана, телефоналдасан хIинкъаби кьолел рукIана. Амма гьедин букIаниги щибгIаги рагIалде бахъараб хIалтIи гьабичIо низам цIунулез. Хъаравуллъини кин гьесие чIезабулеб, чIвазе къасд гьабун хадуб, цIех-рех байбихьана «мал-мулк хвезабиялда бан» абураб гIиллаялда бан (гIицIго гьесул автомобилалъе ккараб зарал хIисабалде босунха). Гьелдаса бигьаяб жо щиб букIунеб – биллинг гьабизе бегьула, руго цогидал къагIидабиги. Амма гьез гьеб гьабичIо. Гьанжеялдаса хадубги хисилилан кколаро. Жакъа журналист ккола тIолгохалкъалъул бугеб бечелъи. Бечедавин, мискинавин батIалъи гьабичIого, гьес кинавго чиясул захIмалъиялъул хIакъалъулъ хъвала. Гьеб рахъалъ хIукуматалъе кумекалъе рукIуна журналистал. Дир хIисабалда, гьеб такъсир тIатинабизе кIвела республикаялъул нухмалъулесги тIалаб гьабун, Москваги тIадчIун хадусан».
Республикаялда тIокIалъ чIечIого журналистал чIваялдаса рорчIиялъе нухал кинал рихьулелин абураб суалалъе чIванкъотIун лъиданиги кIолеб батиларин жавабин абуна Сагитовас.
ХIажимурад Сагитов: «Нилъ руго жакъа бичIчIулареб ахIвал-хIалалда, цоял диналъул бицунел, цогидал – цогидалъул бицунел. ХIалихьатал гIадамал гIемер руго. Инсанасул гIумруялъулги тIири къимат гьечIо. ГIагараб заманалда жанибги иш хисилин кколаро. Гьелъие тIоцебесеб иргаялда, хIукуматалъ квербакъизе ккола. ЧIварал журналистазул сияхIалда 17- абилев вуго АхIмаднаби. Гьелдалъун гьеб сияхI къокълъилинги кколаро. Гьединлъидал Москваялъги хIукуматалъги хIаракатчилъи бихьизабизе ккола».
Журналистал чIвай лъугIулин, гьел лъица чIвалелали якъинлъидалин рикIкIунеб буго Луиза ГIалихановалъ. Гьей ккола Дагъистаналъул телевидениялъул нухмалъулей.
Луиза ГIалиханова: «Дида лъаларо гьев лъица чIваравали, дир версиял гьечIо. Амма гьев лъикIав журналист вукIанаха. Гьанжеялдаса хадуб гьединаб жо ккелареб батила, гьалдалъунгIаги лъугIаги гьеб сияхI. Бокьарав чиясде рещтIине бегьула гьеб балагь. Провокацияйищ гьеб, гуребищалиги лъаларо. Къанун цIунулез абулеб гьечIищха гьесул хIалтIуда хурхараб такъсир бугин гьебилан. Лъица чIварал, щай чIварал абураб суалалъе жаваб батани, лъугIилаха гьел такъсирал».
Цо-цояз кIвар буссинабулеб буго салафиязул рикьиялъул чагIаздехун АхIмаднабиевасул цIайи цIикIкIун букIиналде. Амма гьединав чиясе хIукуматалъул хIалтIуда квалквал гьабулеб къагIида букIунин, АхIмаднабийин абуни пачалихъалъул азарханаялда тохтурлъунги хIалтIулаанин щибго къварилъи гьечIогоян бицана ЭР-ялъе МухIамад ГIабдурашидовас. Хадубго гьес тIаде жубана салафизмалде гIадамал цIалел ахIиял гьарулев лъиданиги кивниги вихьанищин АхIмаднабиян.