Балъгоял харжаз туснахъалде рачине бегьула

ГIагараб заманалда Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутатаз, конвертазда жаниб харжал кьолел, фирмабазул бетIергьаби тамихIалде цIаялъул хIакъалъулъ къануналъул халгьабизе буго. Депутатаз лъазабулеб буго Россиялда кьолел харжазул бащалъи бугила гьел конвертахъ лъун кьолел, гьез магъалаби кьунгутIиялъ пачалихъалъул бюджеталъеги кIудияб зарал кколеб бугилан. Дагъистаналъул магъалаби ракIарулеб идараялъул баяналда рекъон, республикаялда жалго бетIергьанал фирмаби ругел чагIазул 20 проценталъ гурони официалияб къагIидаялъ харжал кьолел гьечIо.

Россиялъул пачалихъияб Думаялъ гьал къоязда хал гьабизе буго официалияб гуреб къагIидаялъ харжал кьолел идарабазул бетIергьабазе тамихI гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ къанун. Гьелда рекъон депутатаз тIалаб гьабулеб буго гьединал нухмалъулезда 500 азараго гъурщидаса бахъараб гIакIа къотIи, яги гьел 3 соналде щвезегIан туснахъ гьаризе.

Гьез кьураб баяналда рекъон, конвертахъ харжал росулел чагIаз магъалаби кьолел гьечIолъиялъ Россиялъул бюджеталъе кIудиял камиял кколел руго. ТIолго улкаялда ругел жалго бетIергьанал фирмабазул 50 проценталъ гурони букIине кколедухъ кьолел гьечIо гIадамазе харжал.

Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб рахъалъ гIадамал цIуниялъул министерлъиялъул ва магъалаби ракIарулеб идараялъул баяназда рекъон республикаялда ругел жалго бетIергьанал идарабазул 20 проценталъ гурони гIадамазе букIине кколедухъ, къануналда рекъон харжал кьолел гьечIо.

Гьелъ кутакалда кIудияб зарал гьабулин республикаялъул бюджеталъейин лъазабулеб буго гьез. Масала, 20I4 соналъ республикаялъул магъалаби ракIарулеб идараялъ гьабураб хIисаб-суалалда рекъон цохIо гьеб соналъ бюджеталде ине кколеб букIараб 12 млрд гъурущ гьоркьоб ун буго. Щай гурелъул конвертахъ харжал росулел чагIаз магъалаби кьоларогун.

Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб рахъалъ гIадамал цIуниялъул министерлъиялъул хIалтIухъан ГIалиева Иннаца «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гIадамазда жидерго ихтиярал лъалел гьечIилан. Гьелдаса пайда босулеб бугила гьел хIалтIуде росулел фирмабазул бетIергьабазги. Гьединал бакIазда хIалтIулезда гIемер дандчIвалила харж заманалда кьунгутIи, къотIи гьабуралдаса дагьаб гIарац кьей, гIодор къоялъ кьунгутIи гIадинал захIмалъаби.

Инна ГIалиева: «Официалияб гуреб къагIидаялъ хIалтIуде лъугьун ругезда бажаруларо ритIухълъи чIезабун, жалго цIунун щибго гьабун бажаруларо гьезухъ. Гьезул разигьечIолъи гьеб ккола гьадингояб хабар, гьелъие кьучIлъун бугеб цониги документ букIунарелъул. Бищун гIемер рукIуна чи хIалтIуде восулеб мехалда гьесда абула дуе гьадигIан харж кьезе бугилан, моцI лъугIун хадуб къотIи гьабун букIаралдаса гIемерго дагьаб харж кьеялъул мисалал.

Республикаялда гIемерисел фирмабазда гIадамазе хIалтIизе рукIине кколел шартIалги чIезарун рукIунаро. Гьединазда гьоркьоре бищун цере руго хьитал рукъулел, гьарулел бакIал, кирпич гьарулел заводал, гамачI бахъулеб ва къачIалел бакIал. Гьединал бакIал къазейилан лъугьани жалго хIалтIухъабиги данде чIола. Гьел бакIалги къан хIалтIи гьечIого хутIани жал щиб гьабулелин рукIинелин абула гьез.

Сундуего гIайиб буго пачалихъалдаго бугеб хIалтIигьечIолъиялъул проблема. ГIадамазда жидерго ихтиярал лъалел гьечIо, гьел цIунеян тIалаб гьабизеги бажарулеб гьечIо гьезухъ. ТIокIаб жо гьабичIониги хIалтIуде росулеб мехалда гьабулеб къотIи-къай кагътида гьабизабизегIаги ккола.

Церехун рехсарал гIадал фирмабазул бетIергьабаз бокьараб мехалда, кьучIаб гIиллаго гьечIого чи хIалтIудаса нахъе реххизе бегьула, кинабгIаги компенсацияги кьоларо гьесие. Гьединго унтун вугони сахлъизегIан рокъов толаро, таниги гьел гьоркьор тарал къоязухъ гIарац кьоларо, букIине кколеб пенсия щоларо гьединал хIалтIухъабазе. Гьедин хIалтIи гьеб буго жалго гIадамазул гIайиб. Гьезул лъавукълъиялдаса пайдаги босун гьел хIалтIуде росулел чагIаз жидеего хайир гьабула».

Гьединго ГIалиевалъ бицухъе фирмаялъул бетIергьанас хIалтIухъанасул ихтиярал хвезарулел ругони гьес прокуратураялдеги, диваналдеги гIарза хъвазе бегьулеб буго. Гьелда рекъон цIех-рехалъул идараялъ такъсиргьабиялъул ишги рагьизе бегьулила, амма гьев чиясда тIад гIайиб чIезабун бажари кутакалда къанагIатаб жо бугила, бищун кIвани гьесул фирмаялде халгьабиял гьаризе батIи-батIиял идарабазул вакилзаби ритIи гурони тIокIаб жо бажаруларин бицана гьелъ.

Дагъистаналъул магъалаби ракIарулеб идараялъул ахирисеб хIисабалда рекъон республикаялда 1457 жалго гIадамал бетIергьанаб фирма буго гIадамазе официалияб гуреб къагIидаялъ харж кьолеб. Чан чи гьенив хIалтIулев вугевали мухIканго лъазабун бажаруларила, гIага-шагьарго 42 азаргогIан чи хIалтIухъан вугин гьезулилан хъвалеб буго гьеб хIисабалда.

Официалияб гуреб къагIидаялъ харжал росулел хIалтIухъабазда жидерго ихтиярал хвезарулел рукIин лъаниги, гьезулги киназего гуро букIине кколедухъ къануналда рекъон харж кьолеб къагIида къваригIун бугеб. «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурав МахIачхъалаялда бугеб бищун кIудиязул цояб конфетал ричулеб централъул менеджер Артурги гьединазда гьоркьове уна.

Артур: «Цебе нижее бащадаб харж банкалъул карточкаялде бачIунаан, бащадаб харж конвертахъ кьолаан. Нижее гьелъул щибго къварилъи букIинчIо, кин щваниги харж щолеб букIана тIаса камичIого. Нижер централъул нухмалъиялъеги лъикIго санагIалъи букIана гьелъул гьедин гьабулеб бугони гьезие щолеб хайир бащадаб бахчун бажарула, магъалаби дагьал гурони кьезе кколаро. Нижецаги щибниги кибениги кьолароан.

Ахираб соналъ гIемер нижер нухмалъи диваналде кьун, халгьабизе чагIи рачIун гьез рахIатхвезабун нижее харж официалияб хIалалъ кьезе лъугьана. Гьелдасан магъалабиги уна ккун, пенсиязул фондалдеги уна тIаса гIарац. Нижее къваригIараб жо гуро гьеб, гьединлъидал дунги дида цадахъ хIалтIулелги разигьечIо гьеб системаялдаса».

Экономист ва Кавказлъазабулев Денис Соколовас «Кавказская политика» сайталлъе кьураб интервьюялда абулеб буго хIалтIигьечIолъиялъул проблемаби цIикIкIун ругел регионазда хIалтIухъабазул ихтиярал цIуниялъул суалалъул халгьабулев чиго вукIунарилан. Хасго Дагъистан гIадаб хIалтIизе бажарулеб ригьалъул гIемерал гIадамал ругел бакIалда. Гъоркьиса букIараб кризисалъул хIасилалдаги Россиялда хIалтIигьечIого хутIаразул къадар цIикIкIиналъ, фирмабазул бетIергьабазе жидеего бокьухъин хIалтIизе дагьалги цIикIкIун ресал кьунилан.

Дагъистаналдаги хIалтIигьечIого хутIаразул къадар цIикIкIун буго. Гьедин исана соналъул тIоцебесеб бащалъиялда 2,9 проценталъ бахун буго хIалтIи гьечIого хутIаразул къадар, гьеб кколеб буго 1380 чи. Гьедин лъазабулеб буго республикаялъул статистикаялъул идараялъ.