ЦΙар буго, росу гьечΙо

«1988 соналъ ракь ччукΙун бачΙиналда бан, гΙумру гьабиялъе хΙинкъараб хΙал бугиланги абун, ЦΙунтΙа мухъалъул ХΙамайкьи росдал жамагΙат гочинабуна гΙатΙиракьалде. Гъуниб мухъалъул ЧΙохъ росдал колхозалъул гъутаналда ракьги кьун гьел парахат гьаруна. Гьеб ккола Хъумторхъала мухъалъул ракь. Гьелдаса нахъе хΙукуматалда ва мухъазул нухмалъулезда ХΙамайкьи росдал жамагΙатги кΙочон тана.
Жалго хΙамайкьисез жидерго цΙияб росдада ЦΙияб ХΙамайкьи абун цΙар лъей гуреб, тΙокΙаб батΙияб хис-бас гьениб лъугьинчΙо. Гьединлъидал, бокьилаан нижер гΙузруялде кΙвар кьуни ва ниж щал кколелали мухΙканлъи чΙезабуни». Гьадин хъвалеб буго рехсараб росдал жамагΙаталъул цΙаралдасан, Дагъистаналъул президентасде гьабураб хитΙабалда, жамагΙатчи Рамазан Рамазановас ва росдал депутат ГΙали Мухтаровас. Гьезул рагΙабазда рекъон, росу гΙатΙиракьалде гочинабуралдаса нахъе росдал жамагΙаталда лъалеб гьечΙо жал лъил нухмалъиялда гъоркь ругелали ва пуланаб къваригΙел тΙубазе ккани кире ине кколелали.

«Хъумторхъала мухъалъул администрациялъ ниж къабул гьаруларо нуж ЦΙунтΙа мухъалде ине кколинги абун. ЦΙунтΙа абула Хъумторхъалаялъул администрациялде хитΙаб гьабейин. Нижеца гΙумру гьабулеб ракьалъул бетΙергьанлъун кколеб Гъуниб мухъалъ ункъабго хьвагΙула», - ян бицана жамагΙатчи Рамазанов Рамазаница.

Рамазанов Рамазан: «Нижее къваригΙун буго росдал статус чΙезабизе, хадуб кинабго хΙажатабщинабги. Масала, аскΙоб буго ХΙажидада абураб росу. Гьениб бугеб почалдаса босула газет-журнал. Амма нижер росулъе я кагъат ялъуни газет-журнал бачΙунаро, гьез нахъе битΙулеб буго гьединаб росу гьечΙинги абун».
Хъумторхъала мухъалъул ракьалда гΙумру гьабун ругелъул щайха ЦΙияб ХΙамайкьи росу гьеб мухъалде гьоркьобе босуларого бугебин цΙехон кΙалъана рехсараб мухъалъул администрациялде. Амма гьенисан жаваб кьуна гьеб суалгун хΙукуматалде айин, гьениб тΙубани гурого бакΙалда тΙубалеб суал гьеб гурин. Рамазанов Рамазаницайин абуни бицана чан нухалда хитΙаб гьабуниги лъицаниги гΙилла рехсолеб гьечΙила жидер росдал статус чΙезабунгутΙиялъе.

Рамазанов Рамазан: «Лъицаниги гΙилла рехсолеб гьечΙо. Амма бихьулеб буго лъиего хΙажат гьечΙолъи Хъумторхъала мухъалда гьоркьобе росу босизе».

ХΙамайкьи росдал вакилас бицухъе, гьезие батΙалъи рагΙуларо ЦΙунтΙа мухъалда ругониги, цогидаб мухъалда ругониги, росу бугин абураб хΙукму гьабуралдаса.

Рамазанов Рамазан: «Щайгурелъул, нижее цониги кумек щолеб гьечΙо. РухΙ рикΙкΙун росдае биччалеб гΙарац букΙуна, гьебги нижее щоларо. Гьеб гуребги, бигьалъабазухъ кьолеб гΙарац букΙуна, гьебги нижеда бихьуларо».

Гьелъул хΙакъалъулъ нижеца хъвачΙеб бакΙ хутΙун батиларин бицана ЦΙияб ХΙамайкьи росдал вакилзабаз. Амма кибе хъваниги хΙасил кколеб гьечΙила. Гьединлъидал, жал хΙажаталлъун кканила республикаялъул цΙияв нухмалъулесухъеги хитΙаб гьабизе, гьесдагΙаги нижер унти рагΙилародайиланги абун.

Хъумторхъала мухъалда, Гъуниб мухъалъул ракьалда, ЦΙунтΙа мухъалъул хΙамайкьисезул гΙумру гьабун вуго 655 чи, ай буго 180-гΙанасеб цΙараки. Росу бугин росдал гΙадамаз абуниги гьеб лъугьун буго лъицаго рикΙкΙунареб, ай цΙар лъезе лъалареб бакΙлъун.