"Большой Кавказ" абураб интернет-сайталъ хІалбихьун буго Кавказалъул гІумруялда интернеталъ, социалиял сурсатаз кколеб бакΙ бихьизабизе. Гьелъул авторазул пикруялда, интернет-сурсатаз жакъа гражданияб жамгІияталде асар цІикІкІунеб буго ва интернеталдаса пайда босулезул къадар цІикІкІарабгІан гьеб асарги къувалъизе буго. Кинаб бугеб интернет Дагъистаналда? Кинаб бугеб гьелъул асар жамгІияталде.
Рехсараб сайталъул хІисабалда жакъа Шималияб Кавказалда аслияб къагІидаялда интернеталдаса пайда босулеб буго гІолохънаб гІелалъ. Амма чахІиязда гъорлъги гьединазул къадар цІикІкІунеб буго. Гьелдаго цадахъ цІикІкІунеб буго гьезул интерес социалиял сурсатаздеги. Гьел сурсатазда гІуцІарал батІи-батІиял интересазул къокъабда жаниб унел руго жигарал дискуссияби.
Цо-цо экспертазул пикруялда, жакъа интернеталда гІуралъ баянго бихьулеб буго гІадамазул аслиял интересал. «Фейсбук» яги «ЖЖ» мисалалъе босун абизе бегьула, жакъа Дагъистаналда гІадамаз аслияб кІвар республикаялъул тІалъиялда гьарулел хиса-басиязде буссинабулеб бугин. Жигарго гьоркьор лъолел руго гьединго диниял суалалги.
Машгьурав блогер МахІамадов Тамерланицаги нижер программаялъе комментариял гьарулаго абулеб буго, интернеталдаса пайда босулел дагъистаниязул интерес цІикІкІунеб бугин политикияб гІумруялдейин. Хасаб къагІидаялда гьединал гІадамал руссунел ругин Фейсбукалдейин.
МахІамадов Темерлан: «Интернет тІоцебесеб иргаялда гьеб ккола социалиял сурсатал. КІигогІан соналъ цебе интеллигенциялда гьоркьоб гьезул цІакъ кІудияб машгьурлъи букІана, хасго "Чагояб журналалде». Жакъа гьелде интерес холеб бугин ккола дида. Гьанже гІадамал руссунел руго аслияб къагІидаялда «Фесбукалде» ва «Твиттералде». Фейсбукалъул ресал жакъа гІадтІидал руго. Гьениб рес буго жиндирго блог бачине. Жиндирго макъалаби лъезе, жидерго пикраби загьир гьаризе. Гьениб унел руго гІуралъ жигарал дискуссияби. Дунгоги жакъа «ЧІагояб журналалдаса» тІуванго вуссана «Фейсбукалде».
Дида бихьухъе, гІолохъаназул интерес жакъа буго аслияб къагІидаялда «Одноклассниказде» ва «В Контактеялде». ЧахІиял гІадамалги жакъа «Фейсбукалде» руссунел руго. Гьениб руго гьезул батІи-батІиял группаби. Гьенирго руго журналистазул, художниказул, хъвадарухъабазул ва цогидазул интересазул къокъаби.
«Дагестан онлайн» абураб дица Фейсбукалда модератор хІисабалда бачунеб группаялда вуго 1500ялдаса цІикІкІун чи. «В Контакте» ва цогидал интернет-гІатІилъиязда гьелдасанги цІикІкІун руго, 20-азарго, 30-азарго чиясде щун. Амма гьаниб кІвар буссинабизе ккола гьезул темабазде. «В Контактеялда», мисалалъе, асялиб къагІидаялда буго махсаро, ракІ гьелъул темаби- КВН, Юмор, гьелдаго релъараб цогидаб. Нижерин абуни, аслияб буго политикалъул темаби, гьезда сверун бахІсал.»
«Большой Кавказ» сайталъул пикруялда, жакъа социалиял сурсатазда гІуцІулел къокъабазул гІуралъ кІудияб асар буго жамгІияталда жанир загьирлъулел процессазде. МахІамадовасул пикруялда, гьединал къокъабазул букІинеселда асар тІадеги цІикІкІине бугьела гражданияб жамгІияталде.
МахІамадов Темерлан: «Социалиял интернет-гІатІилъиязда рагьараб къагІидаялда тІадтарал какизе рес букІиналъ, гьезул гІунгутІитял рихьизаризе рес букІиналъ батила, абизе бегьула гражданияб жамгІият цебетІеялъе квербакъи гьелъ гьабулеб бугин. Жакъа республтикаялда нухмалъи хисулеб букІиналда бан, социалиял сурсатазда ругел къокъабазда унел руго жигарал бахІсал. Добго «Фейсбукалда» раккана анонимиял эккаунтал. Гьезул цо-цояз гІамал гьабулеб букІана республикаялъул цІияв нухмалъулесде компроматгІадаб жо бахъизе. Гьелде жигараб реакцияги букІана гьениб. Дидаги лъала, дица баунеб «Дагестан Онлайн» къокъаяллъул гьумер республикаялъул хъулухъчагІазги рагьулеб букІин, цо-цоял жалгоги гІахьаллъула дискуссиязда. Мисалалъе, дагьалъ цебе промышленносталъул ва энергетикаялъул министрасул ишал тІуразарулев Ризван ГъазимахІамадовас жавабал кьолел рукІана интернеталдаса пайда босулезул суалазе.»
МахІмадовас абулеб буго, жакъа интеренталдаса пайда босулезул къадар цІикІкІунеб бугин. Гьелъул гІиллаги хурхараб рагІула, интернет киса-кибего хІалтІизабулеб букІиналда, гьелдаго цадахъ, рукІа-рахъиналъул сфераялдаги. Цогидаб рахъалдаса балагьани, Дагъистаналда гІуралъ машгьуралъана мобилияб интерент. Гьелъги кІудияб квербакъи гьабулеб буго социалияб сурсатазде интерес баккизабиялъе.
"Жакъа интернет ракІчІараб къагІидаялда росулъеги щолеб буго. Амма аслияб къагІидаялда социалиял сурсатазда жакъа руго шагьаралда гІумру гьабулел гІадамал. «Фейсбукалде» балагьун абизе бегьула, добго МахІачхъалаялда, Каспийскалда, Дербенталда, Хасавюрталда Буйнакскалда ва цогидал шагьаразда гІумру гьабулел гІадамалин».