Къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизабиялъулги, диваналъул приставазул хIалтIудалги бицунеб букIана гьал къоязда Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъиялда.
Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев ГIабдурашид МухIамадовас абуралда рекъон, ярагъ тIибитIизабиялъул рахъалдаса азаралда лъабнусгоялдаса цIикIкIун такъсир ккун буго исана. ГIабдурашидов гьединго хъинтIана ЧОПазул ай пачалихъиял гурел хъаравуллъи гьабулел гIуцIиязул хIалтIудаги.
Гьес абуралда рекъон, жакъа къоялда республикаялда хIалтIулеб буго хъаравуллъи гьабулеб 208 агентство ва гьенир хIалтIулел руго 7 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Гьел чагIазухъ кодоб бугеб яргъил къадар цIакъ цIикIкIараб бугин абуна министрас – азаралда хадуб автомат, тапанчаби ва гь.ц.
РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе Москваялдаса МВДялъул оперативниказ хал-шал гьабуна хъаравуллъиялъул агентствабазул. КIикъого агентствабазул цIех-рех гьабидал оепративниказе чанги гъалатIал ратана ва лъеберго ЧОПалдаса гьез азаргоялдаса цIикIкIун яргъил алатал нахъе рахъана. Гьединго хIалтIудаса эркен гьаруна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул системаялда ругел кIудиял хIакимал.
Къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизабиялде данде цадахъккун Федералияб хасаб хъулухъги МВДги хIалтIулел гьечIилан, рикIкIунеб буго министрас. Гьесул рагIабазда рекъон, таможенниказги кIвар кьолеб гьечIо гьеб суалалъе. Цогидал пачалихъаздаса Дагъистаналда щолеб буго ярагъ илан бицана гьес.
Министр ГIабдурашидовас абухъе, гIадатиял дагъистаниязухъги кодоб гIемер ярагъ буго ва гьеб ярагъ гIадамаз низам цIунулел идарабазде щвезабулеб гьечIо. Гьелдалъун цIикIкIунел руго Дагъистаналда такъсиралги илан абуна МВДялъул нухмалъулес.
«ГIадамазухъе ярагъ кисса щолеб бугеб», - ян гьикъана Дагиъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповас. ФСБялъул нухмалъулев хисулев Анатолий Гулевскияс абуна «чIегIераб рынокалда» батулеб бугилан ярагъ ва гьенибе гьеб щолеб бугин рагъул аскариязул идарабаздасаилан. Гулевскияс абухъе, къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизабиялде дандекъеркьеялъул оперативияб хIалтIи гуребги, информациялъулаб, пропагандалъулаб хIалтIи гьабизе ккола.
Дагъистаналъул прокурор Рамазан Шановазовас абуна, ярагъги хIалтIизабун гьарурал такъсирал гIемерлъулел ругин, шайгурелъул къануналда рекъечIого ярагъ кодоб ккун бугезе букIине кколеб тамихI гьабулеб гьечIо.
Жанисел ишазул нухмалъулес абуна гIадамазухъа ярагъ гIарацги кьун босизе кколилан. Гьес абуралда рекъон, бачIунеб соналда гьеб тадбиралъе Россиялъул финансазул министерлъиялъухъа гьаризе буго 3 млн гъурущ. ГIабдулатIиповасни абуна гьеб масъала цохIо гIарцуца тIубалеб масъала гурилан.
Рамазан ГIабдулатIипов: «Мисалалъе босани, западалда гIадлу-низам чIезабулаан информаторазул кумекалдалъун. Такъсир яги къанунхвезаби бихьарал гIадамаз телефоналдасан полициялде ахIула. Нилъер жамгIияталда щай бичIизабизе кIолеб гьечIеб, жакъа пуланав такъсирчи вахчизавуни, метер гьес цогидаб такъсир гьабизе бегьулеблъи. Нилъераз рикIкIунан мадугьалазда тIаса баянал кьезе ккей гьеб рогьо гIадаб жо бугин. Метер гьев мадугьаласа щибалиго кьвагьизабуни – гьеб рогьолъун букIинаро».
Диваналъул приставазул хIалтIул бицунаго, приставазул хъулухъалъул нухмалъулесул бакIалда вугев Низами Галимовас бицана, араб соналде дандеккун исана хIалтIи лъикIлъанилан. «БукIаниги, руго гIемерал гIунгутIаби», - илан абуна Галимовас. Мисалалъе, бесдал лъималазе рукъзал кьеялъул диваналъул хIукмаби тIуразе захIмалъулеб буго. Гьеб масъалаялъул бицунаго, премьер-министр Абдусамад ХIамидовас абуна гIемерисел эбел-инсуца документаздалъун лъимал бесдалалъун хъвалле ругин рукъзал щвеялъе. Гьеллдалъун гIарац гIолеб гьечIо киназего рукъзал кьезе ян абуна ХIамидовас.