Дагъистаналдаса жамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадида ракIалда буго гьал къоязда диваналде гIарза хъвазе.
Гьелъие гIилла ккун буго 2009 соналда республикаялда тIиритIизарулел рукIарал сияхIазда бан низам цIунулез щибгIаги цIех-рех гьабунгутIи. Гьедин бицана живго ГIисалмухIамадица ЭР-лъе. Гьеб сияхIалда рехсолев вукIана кинавниги 16 чи – журналисталги, адвокаталги, жамгIиял хIаракатчагIиги. Гьезда гьоркьоса чIвана «Черновик» газеталъул бетIергьан Камалов ХIажимурад. Гьеб сияхI бахъарал тIанчазда хъвалеб букIана нуж ругин хъачагъазул рахъкколел чагIи, жидеца рецIел босизе бугин хъачагъаз чIварал жидер гIагарлъиялдаса – полициялъул хIалтIухъабаздаса. Гьединго абулеб букIана Дагъистаналъул тIалъиялъухъа бажарулеб гьечIин экстремизмалде дандечIезе. Щайгурелъул ришват босулел диванчагIаз щолеб-толеб жоялъухъ эркен гьарулел ругин низам цIунулез туснахъ гьарурал хъачагъал.
Набиев ГIисалмухIамадица ЭР-лъе бицухъе, гьеб сияхIалда жиндир цIар бихьигун ЦIех-рехалъул комитеталде гIарза хъван буго гьес, жив цIунеян. Амма хъвараб гьеб, нухдаго хутI буго. 2009 соналдаса нахъе хисун вуго чанго батIияв цIех-рехчи. Гьедин гьел хиси гурони, хIинкъаби кьурал тIанчал тIиритIизарурал чагIи ралагьизе килщида килищ кIутIараб гIанасеб хIалтIи гьабунгутIиялда бан, хъвазе буго Набиевас диваналде гIарза. Амма гьесда ракIчIун лъалеб буго гьелъги щибго хIасил кьезе гьечIолъи.
Набиев ГIисалмухIамад: «Гьеб лъиениги къваригIун гьечIелъулха. Камалов ХIажимурад чIваялда бан гъоз бицунеб бугебщинаб жо бихьуларищ… Цебе рехун кинабго бугониги, килщида килищ кIутIун жо гьабулеб гьечIо. ЧIвазе къотIарал гIадамазул сияхI гIуцIарал чагIи щал, балъгоял чагIи гурелъул гьел. Дида ккола жалго къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби ругин гьелилан. Гьедин жалго жидеца тIатинаризейищ гьел ругел? Гьелда сверухъ цIех-рех байбихьизе гIурал хIужабиги ругоан. Гьел тIанчал тIиритIизарулел рукIана гьанир (МахIачхъалаялда), Шамил мухъалда – Гьолокь, ЦIумада мухъалда. Жиб-жиб мажгиталде щун руго гьел. Лъица гьел рикьулел рукIаралали лъазаби гьедин захIматаб жо гьечIо гурищ? Гьеб сияхIалда рехсарав ХIажимурад чIвана. Гьеб гIоларищ цIех-рех байбихьиялъе багьанадуе? Цо-цо ккун мокъокъал гIадин гьенир рихьизарурал чагIи чIвалел ругонаниги щибниги гьабизе гьечIо гъоз. Щайгурелъул Дагъистаналда лъицаниги щибниги жо гьабулеб гьечIо. Гьениб буго гIадамазул хасаб къокъа – хIакимзаби – хIукуматалъул хIалтIиги ккун, гьелдаса жидеего магIишатги гьабун чIолел».
ГьанжегIагар Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна журналисталги жамгIиял хIаракатчагIиги цIунизе хIадур ругин жалилан. Амма ГIисалмухIамадил пикруялда рекъон, жалгогицин цIунизе къуват гьечIо гьезул.
Набиев ГIисалмухIамад: «ХIадур ругин абураб жоялъул магIна щиб? Ратани, ралагьеха ХIажимурал чIварал чагIи. Гьеб лъанани, гьединго цевехун I6 журналист лъица чIваравали лъанани – гьелдалъун гурищ жидецаго гьабураб хIалтIи бихьизабизе рес щолеб? Гьеб такъсир гьабурал чагIи тIатинаруни, гъозда лъала кирего кIанцIизе жидер бакI гьечIолъи, гьедин гъоз тIокIалъ такъсирал гьарунгутIизеги рес буго».
Журналист Анохина Светланал цIар букIинчIо гьеб сияхIалда, амма букIинчIониги, гьелда квеш букIун буго сияхI гIуцIарал чагIаз тIаса бищараб къагIида.
Анохина Светлана: «Дида кутакалда рихарал чагIазул, ялъуни махщелгицин гьечIелин дида кколел гIадал, жулги босун журналистикаялдаса нахъе рачахъине кколин дица рикIкIунел чагIазул цIарал гьенир рукIараланигицин дун хIакъир гьаюраб жолъун телаан дица гьеб».
Гьеб сияхI къватIибе бачIана 2009 соналда жинда гьеб гьадинго махсародуй ургъараб жолъун бихьулаанин бицана Светланаца ЭР-лъе. Гьанже кколарила, амма гьедин бугониги жиндилъе кинабгIаги хIинкъиги рещтIунеб гьечIин абула гьелъ.
16 журналистасулгун адвокатасул ва жамгIияв хIаракатчиясул цIар рехсараб сияхI жалго низам цIунулез гIуцIараб бугин рикIкIуна гьеб сияхIалда цIарал ругезул гIемерисез. ГьанжегIагар интернеталда тIибитIизабун буго низам цIунулез хъачагъалин рикIкIунел чагIазул цIаралдасан хас гьабун журналистазде гьабураб видеохитIабги. Гьез хIинкъаби кьолел руго киналъулго гIайиб жидедеги рехун, пачалихъалъул рахъги ккун хъвадарулел журналистазе.