«Рохьилазе» рахIму гьабизе рес буго

Адоптация гьабиялъул комиссиялъул данделъи, Махlачхъала, 2012 сон

Заманаялъ Дагъистаналъул президентасул хъулухъал тIуралев ГIабдулатIипов Рамазаница Россиялъул телевидениялдаса бицана гIагараб заманалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразе амнистия гьабизе бегьулин. Кинал шартIазда амнистия гьабизе бегьулеб ва кинал рукIине бегьулел гьелъул хIасилал абурал суалазда хурхун ц1ех-рех гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ.

Дагъистаналда амнистия гьабизе ккеялъул суал тIоцебе борхана «Русский Репортер» журналалъул хIалтIухъан Марина АхIмадовалъ. Гьелъ президент Рамазан ГIабдулатIиповасухъе хъвараб рагьараб кагъат бахъун букIана «Эркенлъи» радиоялъул гIурус хъулухъалъул сайталда. Гьеб кагътида журналисткаялъ президентасухъе хъвалеб буго республикаялда тIалъи хисигун ва МахIачхъалаялъул мэр туснахъалъув тIамигун рохьоса хъватIире рачIун ракълилаб гIумру гьабизе разиял гIадамаз жиндирго бухьен гьабун бугин. Гьезие бокьун бугин къватIире рачIингун жидее рахIму гьабизе. Россиялъул телевидениялдаса «Познер» абураб программаялда гьединаб тадбир гьабизе хIадур вугищ абун цIехарабго, Рамазан ГIабдулатIиповас абуна гьединаб хIалтIи гьабулеб бугин, жинца буюрухъ кьун бугин рехсараб проблемаялда хурхун хIалтIи гьабеян. «Нилъер жамгIияталда киналго цоцада тIаса лъугьине ругьунлъизе ккола», - ян тIадеги жубана Дагъистаналъул президентас.

Гьелда хурхун экспертаз батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго. Россиялъул этнографиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан, диниял суалазул рахъалъ эксперт Ярлыкапов АхIмадица гьеб суалалда хурхун «Эркенлъи» радиоялъе гьадинаб баян кьуна:

Ярлыкапов АхIмад: «Дир хIисабалда гьеб хIалтIи цIакъ кIвар бугеб буго Дагъистаналъе ва Рамазан ГIабдулатIиповасдаги гьеб лъикI бичIчIулеб буго. Цебеккун рехсараб проблемаялда тIад хIалтIиялъул хIалбихьиги хIисабалде босизе ккола. Дица бицунеб буго ракълилаб гIумруялде ругьун гьариялъул хасаб комиссиялъул хIакъалъулъ, щайгурелъул гьелъ цIакъго гIемер хIалтIи гьабуна. Цогидал республикабаздаги рукIана гьел комиссиял, амма ДагъистаналдагIан кIвар бугеб хIалтIи гьез гьабичIо.

Рохьоре унел руго цIакъ гIемер тIубанго гIолохъанал чагIи, гьезул гIемерисезда тIубан бичIчIулеб гьечIо кире жал унел ругелали. Гьезул цо-цоял хадур рекIекълъула жидеца гьабураб галиялдаса. Гьеле гьедина гIолилазе кумек гьабизе ккола ярагъги гIодоб лъун ракълиде рачIине. Амма кIвар бугеб жо буго, гьел гIолилал балъго рачине ккола, хIалтIи гIемерисеб балъго гьабизе ккола ва гьел халкъалда цере рахъинарун, телевизоралъ рихьизаризе бегьуларо, гьездаса рецIел босизе бегьула рохьилаз ва цогидаз.

ТIалъиялъе унго-унгоги пайда бугеб хIалтIи гьабизе бокьун батани, гьеб хIалтIи балъго гьабизе ккола, кинал ругониги политикиял пайдаял гьелдаса жидее росизе хIалбихьичIого. ХIасил букIине бугищ гьеб комиссиялъул абун цIехани, аслияб жо буго тIалъиялде божилъи. Кинабго хIалтIи гьелда бараб буго. ТIалъиялде божилъи бугони рохьоса нахъруссунел рукIине руго. КIиабизеги, кинал шартIал рукIине ругел рохьоса рачIаразул? Щибниги хисулеб гьечIони гьел тIадруссун доре ине руго. ХIасил, гьабулеб хIалтIуда бараб букIине буго кинабго, амнистия гьабулеб бугилан абун тараб гIоларо».

Дагъистаналда амнистия тIобитIизе ккеялъул бицине байбихьана 2010 соналъ. Доб мехалъ республикаялъул нухмалъиялъ гIуцIун букIана изну гьечIого яргъид гIуцIарал ракълилаб гIумруялда ругьун гьариялъул хасаб комиссия. Гьелъул кумекалдалъун ракълилаб гIумруялде руссана 50-гоялдаса цIикIкIун чи абун баян кьолеб буго «Кавказская политика» сайталъ. ХIакъикъаталда комиссиялъул хIалтIуда хурхун гIемерал суалал рукIана. РагIи дандеккунгутIи букIана Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул доб мехалъ вукIарав нухмалъулев Саврулин Алексейилгун. Алексейица рикIкIунеб букIана рохьоре унезе ва гьезие кумек гьабулезе рахIму гьабизе бегьуларин.

Гьаб соналъул январалда Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабун букIана цебе букIараб ракълиде рачиналъул комиссиялъул бакIалда гIуцIизе кколин жеги цIикIкIун масъалаби ва ихтиярал ругеб маслихIаталъул комиссия. Амма гьеб гIуцIиялъул хIалтIи жеги рагIалде бахъун гьечIо.