Араб хамиз къоялдаса нахъе Дагъистаналда унел руго республикаялъул бетIер МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалдаса нахъе унев вугилан харбал. Информалатазда ва блогосфераялда ракун руго цоцае гIаксиял информациял.
Гьел харбаз гIемераб чIаголъи бижизабуна Дагъистаналда. Хасго гьеб загьирлъулеб букIана блогосфераялда. Хамиз къоялъул бакъанидаса гьатIан къоялде щвезегIан гIемерисез рикIкIунеб букIана президент унго-унгоги хъулухъалдаса унев вугин ва итни къоялъ кинабго роцIцIине бугин. Цо-цояз бицунеб букIана гьатIан къоялъ Москваялдаса вихьизавурав цIияв бетIер дандчIвазе МахIачхъалаялъул аэропорталда хIадурлъулел ругиланцин. «Черновик» газеталъ кьолеб информациялда рекъон, харбал тIиритIулел рукIана официалиял информалатаз чIванкъотIараб жаваб кьоларого.
Итни къоялъ радал «Риа Дагестан» сайталъ кьураб информациялда рекъон, МухIамадсалам МухIамадовас данделъи тIобитIана ва гьеб рагьулаго бицана халкъалда гьоркьор тIоритIарал харбал кьучI гьечIел ругин, Президентасул администрация ва ХIукумат цебе букIараб къагIидаялъ хIалтIулеб бугин. Кин бугониги, гIемерисел политологазул ва экспертазул пикруялда рекъон, Дагъистаналъул тIалъи хисиялда сверухъ багъа-башари буго Москваялда. ЖамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевасул пикруялда рекъон, президентасул тахбакIида сверухъ багъа-башари буго, амма аслияв кандидат чIезавизе захIмат буго.
Сулайман Уладиев: «Нилъеда лъалеб жо буго гIадамаз бицунеб жо. МухIканго абизе кIоларо щиб доба бугебали. Гьеб абизе ккани нилъеда Путин лъазе ккола. Амма президент хисиялъе кьучIал руго. ХIалтIи билълъанхъулеб гьечIо, Дагъистаналда иш лъикI гьечIо, гъурулел чIвалел гIадамазул къадарги дагьлъулеб гьечIо. Гьев президент хисани диеги бокьилаан цогидазе гIадин, амма дун гьеб бакIалда хIинкъун вуго, гьевги вахъун гьев кIочараб аздагьо гьенибе бачIинадаян».
Харбал ракки ва хъулухъалда сверухъ унеб къеркьей букIин гIадасеб гьечIилан рикIкIунеб буго «Миллат» газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас. Гьесул пикруялда рекъон, рес буго гьеб къеркьеялъул хIасилалда МухIамадсалам МухIамадовасул рахъ кколел политикиялгун финансовиял къуватаз тахбакI гьесда хадуб цIунизеги.
МухIамад БисавгIалиев: «МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалдаса унев вугилан раккарал харбал гIададисел ругилан дида кколаро. Москваялдаги республикалдаги гIезегIан асарги бугел, информацияги бугел чагIаз бицунеб буго гьев нахъе витIи тIубараб суал бугин. Лъида Москва лъалхъизе бугеб абураб суал захIматаб буго. Рехсолев вуго Рамазан ГIабдулатIипов. Гьев рикIкIунев вуго заманаялъ цоги кандидат тасдикъ гьавизегIан витIулев чилъун. Гьев данде кколев вуго ахIвал-хIал гIодоцинабиялъе. ТIоцебесеб иргаялда гьев вуго бищунго кIудияб миллаталъул вакил, кIиабизеги гьев кколев вуго киналго политикиял къуватаздаса цого къадаралъ рикIкIадав ва цого къадаралъ гIагарав чи. ТIалъиялда хадуб къеркьей унеб букIин якъинаб жо буго, цо-цо МухIамадсалам МухIамадовасул рахъ кколез гьесда хадуб хъулухъ цIунизеги рес буго».
Цойги жамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадицаги гьелде бачIараб пикру загьир гьабулеб буго. Гьес кIвар кьолеб буго блогосфераялда гьеб хабаралда хурхун бицунел батIи-батIиял пикрабазде.
ГIисалмухIамад Набиев: «Гьури гьечIого гIучI багъарулароян аби буго. Гьедин кколеб буго гьабсагIаталдаги. Гьури бугебгIадин буго балагьараб мехалъ. Гьеб гуро интерес гьабизе ккараб жо. Бижунго дица интерес гьабуна гьелда тIаса халкъалъ, блогераз хъвалеб жо. Гьез киназго цо кIалдиса гIадин бицунеб буго Дагъистаналъул тIалъи хисизе заман щун бугин. Гьеб бихьана дида ахираб лъабго къоялъ гIадамаз бицунеб жо ва гьелде кьезе ккола аслияб кIвар».
МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалдаса нахъе витIиялъе политологаз ва экспертаз чанго батIи-батIияб гIилла букIине рес бугилан рикIкIунеб буго. «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Бияхъай МухIамадовасул пикруялда рекъон, гьеб букIине бегьула республикаялда бугеб лъикIаб гуреб криминалияб ахIвал-хIал. Цоги пикруялда рекъон, дагьалъ цебе «Экспресс» банк къаялъ социалияб ахIвал хIал хIалуцин.