ГІабдулатІипов дагъистаналъул Геракл вукІине ккела

Официалиял хъулухъчагІазги информалаталги МахІамадсалам МахІамадов Дагъиситаналъул бетІерасул хъулухъалдаса нахъе унев гьечІин ахІдолел рукІаниги, гьезул лъазабиял хІакъикъаталде данде кколел ратичІо. Данде кколел ратана харбал. Республикаялъул бетІерасул тІадкъаял тІуразаризе Кремлалъ тІамуна ГІабдулатІипов Рамазан.
Харбал хІакъикъаталде руссана, амма гьанже киназдаго цебе буго интрига, бажаризе бугищ ахирисесда Дагъистан хвасар гьабизе? У, гьедин лъолеб цо-цо политологаз суал. Суалал лъолел руго гьединго, гІезе бугищ гьелъие гьесул махшел, бажаризе бугиш гьесда жиндирго рахъ колел ракІбацІадал гІадамазул команда гІуцІизе? абурал.

Гьаб анкьалъул ахиралда ГІабдулатІипов Рамазан, гІемерисезул пикруялда жигарго тІаделъугІана тІад къаял тІуразаризе. ТІоцебего гьес биххизабуна республикаялъул хІукумат. Заман ине течІого загьир гьабуна цІияв премьер-министрасул цІар. Гьев ккола махшел цІикІкІарав экономист ва бизнесменлъун рикІкІунев Мажидов Мухтар. Вице-премьеразул тахалде унезул кІигоясул цІарги рехсана гьес. Гьеб хъулухъалде гьес лъазавуна, МахІамадсалам МахІамадов республикалъул нухмалъуде вачІараб мехалда МахІачхъалаялъул ралъдал порталъул нухмалъулесул хъулухъалдаса вахъун вукІарав Абусупьян Хархаров. Вице-премьерасул рангалъул Россиялъул президентасда цеве Дагъистаналъул вакиласул хъулухъалде тІамуна «Единая Россия» партиялъул хІаракатчи Москваялдаса Александр Ермошкин. БатІи-батІиял экспертаз тІадеги чанго цІар рехсолеб буго, ГІабдулатІиповас кІудиял хъулухъазде тІамизе бегьулин рикІкІунел. Амма ахирисез тІокІаб цІар рехсечІо гьанжеги.

Байбихьудаго загьир гьарурал суалазе гьабсагІаталда мухІканал жабал кьезе кІолеб жо гурин, гьеб кинабго заманалъ бихьизабилин, абуна нижер программаялъе комментариял гьарурав машгьурав жамгІияв ва гражданияв хІаракатчи Уладиев Сулайманица. Гьедин букІаниги информалатазда, хасго интернеталда руго кутакалда гІемер комментариял ва прогнозал.

Цояз ГІабдулатІипов дагъистаналъул нухмалъуде тІамулев вукІин риккунеб буго халкъалъе ва жибго улкаялъе кІудияб битІккейлъун. Гьединазда гъорлъ вуго Кавказаская политика абураб сайталъул нухмалъулев, жамгІияв хІаракатчи Максим Шевченко. Жидерго аргументал гьединаз хурхинарулел руго, ГІабдулатІипов тухум-тайпабазул яги коррупциялъул къокъабазул чи гьечІолъиялда ва гьесулъ лъайги, гІакъиллъиги, гІумурудул хІалбихьиги букІиналдаги.

Максим Шевченко, журналист

Максим Шевченко: «ГІабдулатІипов Дагъистаналъе хвасарлъи ккола. Щайгурелъул ГІабдулатІипов барав гьечІо дагъистаналъул жанисел тухумазул цогІагиялда. Гьев ккола хІакъав политик, гІалимчи, дипломат.

Дагъистанги дида лъикІ лъала. Лъала гьелъул халкъ. Дагъистаналъул халкъалъ гІодоб биччан къабул гьабуна ГІабдулатІипов республикаялъул нухмалъизе тІамулев вугин абураб информация. Дир ракІ чІараб буго, республикаялъул нухмалъулесул рищиял Дагъистаниалъеги жибго Россиялъеги хвасарлъи букІиналда.

Дица риккуна, гьанже федералияб централъе шанс щун бугин Кремлалъ витІарав ГІабдулатΙиповасул ва гьелдаго цадахъ Москваялъул рахъ кквезесеб дагъистаналъул халкъалде мугъчІвайги гьабун, шималияб Кавказалдаги улкаялдаги низам нахъ буссинабиялъейин. Жидерго хасал мурадазе пачалихъалъул хъулухъаздаса пайда босулел коррупцияонераздаса ва политикиял интриганаздаса, тухун-тайпачилъиялдаса бергьиналъейин.

Гьединал хъулухъчагІазул Дагъистаналда цІакъ кІудияб асар буго. Амма гьел къуватал руго жидедаса ресал дагьал къуватаздаса. Пачалихъалде дандечІезе гьезда бажаруларо, федералияб нухмалъиялъул ресал кІудиял рукІиналда бан. ТІадтаразе къваругІун буго гІакълуги хъачІлъиги. Гьенив вугев жив-жив бакІалъулав ханасда хурхун рагьизе бегьула такъсириял ишазул пачкаби.

Дагъистаналъул бетІерасул ишал тІуразарулевлъун тІамун вуго федералияб нухмалъиялъул системаялъул бутІаялъул вугин абизе бегьулев чи. Гьесул мугъалда нахъ гьечІо цогІаги олигарх. Гьев жинде асар гьабизе рес бугел рахъаздаса цого манзилалъ довегІан вуго.

Узухъда гьесде тІадецуй гьабизе буго. Гьесде асар гьабизе гІамал гьабизе буго батІи-батІияб рахъаздаса ва батІи-батІиял къагІидабаз. Дир ракІ чІараб буго, гьев гьениве витІун вукІиналъ, Кремлалъ гьесие батІи-батІияб рахъалдаса - къануназул, информациялъул, къуватияб, юридикияб квербакъи гьабизе букІиналда. Гьедин букІаниги, гьесул аслиял кумекчагІи федералиял къуватал гурел рукІине ругел, гьесул аслияб къуват букІине буго дагъистаналъул халкъ. ГІабдулатІипов гьанже ккола республикаялде Конституция, канунал ва низам нахъ буссинабизе букІиналъе гІадамазул хьул.»

ШевченкоцагогІадин Рамазан ГІабдулатІипов лъайги махшелги бугев чи кколин рикІкІунел цогидал гІадамаз ракІалде щвезабулеб буго, гьес медикияб гьоркьохъеб цІалул идара, хадуб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул историкияб факультет лъугІинабун букІин ва гьев философиял гІелмабазул доктор вукІин, Россиялъул миллияб политикаялъул министрасул хъулухъ ккун букІараблъи, Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун ва Федерациялъул мажлисалъул гІахьалчилъун вукІаравлъи. Гьез гьединго кІвар буссинабулеб буго, Россиялъул Пачалихъияб культураялъул университеталъул ректорлъи гьабилелада цеве, гьев дипломатасул хъулухъалда хІалтІараблъиялдеги.

Цогидазул пикруялда, гьединав чи Дагъистаналда тІадегІанаб хъулухъалда гІемер заманалъ хутІуларо. Яги гьес къабул гьабизе ккезе буго бюджеталъул гІарац жидерго чантинибе буссинаби цІогьлъун риккунареб «бакІалъулаб хаслъи», яги гьесул бойкот гьабула мухъазулги шагьаразулги бутІруз ва гьесда щибниги гьабизе бажаруларо.

ЖамгІияв хІаракатчи Уладиев Сулайманил, гьединаб пикруялда рази гьечІониги, ракΙ чІараб буго, цІияв нухмалъулесе грециялъул мифалда бицунхъегогІадин, щун руго Авгийил чуязул бокьал. Кколищ ГІабдулатІипов гьел рацІинаризе бажарулев Геракл ва кІвезе бугищ гьесда гьунар гьабизе? Бугин рикІкІунеб буго Уладиевас, амма гьес, нухмалъиялда гъорлъан цогьаби нахъе къотІун, жиндирго командаялде гъорлъе рачине кколин цІиял, ракΙ бацІадал гІадамалин. Гьереси кколин гьединал махшел бугел гІадамал гІоларого бугин Дагъистанин абураб, рикІкІунеб буго гьес.

Уладиев Сулайман, жамгІияв х1аракатчи

Уладиев Сулайман: «Дол кланал гІуцІана МахІамадов МахІамадгІалицаги, МахІамадов МахІамадсаламицаги. МухІудаги гъол рихчизаризеги кІвечІо, кІвечІо гъол чІезаризе. Щай дица чІечІого бицунеб бугеб гьезул? Щайгурелъул гъол дора ругебгІан заманалда цогІаги кинаб букІаниги суал яги масъала тІубазабизе кІвечІо ва кІоларо я гьесда, я дида, я цогидасда, гьенир чІван-къотІарал хиса-басиял гьаричІого.

Щай гьезие данде кколареб гьединал сахал галаби хІалтІи? Щайгурелъул доз гурищ гьанжелъезегІан къанунал хвезарурал, гъозлъидал бугеб бечелъиги хъантІа-шантІараб, гъозлъидал гьанжелъезегІан гьаниб кинабго квешабщинаб гьабулеб букІараб! Гъолги хІалтІуда тун, щивгун цадахъ Рамазаница Дагъистан цебехун бачине бугеб?! Дуца абизе бегьула халкъгун цадахъин. Халкъги буго гьез мерхьун. Гьез гьелъул божилъи хвезабун буго пачалихъалдехунги, къануаздеги. Гьелгун цадахъ, дица бицен гьабулеб буго гьел кланазул бутІрузул, Рамазан хІалтІизе лъугьани, гьеб бакІалда тІанкІ лъезе бегьула. Гьесул иш цебе унаро. Гьев хІакъикъаталдаги вуссуна гьезул цоясде. Рамазанил иш хвана, дагъистаналъул ишги гьеб бакІалдаго хвана. Гьев гьеб мехалда гьев кланазда гъоркь вегула. Амма руго лъай бугел, рацІадал, тІанкІ гьечІел, гъовгун цадахъ хІалтІизе хІадурал гІолохъанал ва гІолохъанал гурел гІадамал, гьабсагІат гъосухъги гІеннеккун, гьесул щибаб галиялда хадуб халги ккун.

Гьесие цІакъ захІматго букІине буго. Гьесухъе захІматаб Дагъистан щвана. Я ункъоялда анцІила ичІабилеб соналда букІинчІо, я Совет Союз биххараб мехалда букІинчІо, я цинги МухІухъе гьеб щвараб мехалда букІинчІо, я МухІу араб мехалда букІинчІо гьадинаб захІматаб Дагъистан. Щай гьеб гьедин хвезе толеб бугеб? Гъоб кверги хьвагІун тараб рак унтиялъгІадин метастазаби кьун хола. Гъолие дару гьабизе ккола.

Дару гьабизе ккани, гьеб букІунаро гІицІго бетІерив тохтурас гьабулеб жо. Гьесда цадахъ рукІине ккола гІадамал. Дагъистаналда руго. Дагъистаналда руго хІалтІизе кутакалда махшел бугел. ХІалтІизе хІадурал. ГІолохъанал, цІодораол, лъай бугел, Жиндир заманалда гьединал гІадамазул цІарал дица МухІудеги рехсон рукІана, МахІамадсаламидеги рехсон рукІана. Амма доз дол хІалтІуде рачинчІо. Ургъел буго кІудияб.»

Бажаризе бугищ ГІабдулатІиповасда гьесул пикраби рикьулел, анищал рикьулел, Дагъситан цебетІезабизе хІадурал, цІодорал ва махшел кІудияд ракΙ бацІадал гІадамаздаса жиндирго команда гІуцІизе? Гьединаб суал нижеца кьуна машгьурав журналист Иван Суховасе.

Иван Сухов, журналист

Иван Сухов: «Дир пикрялда гьанжеги замана щун гьечІо гьелъул бицине. ТІоцебе босани, МахІамадсаламгун хІалтІулел рукІарал гІемерисел гІадамал гьенир чІоларо, щайгурелъул гьел хІалтІулел рукІана МахІамадсаламгун. Гьел контракталъ гурел гІагарлъизарун рукІарал, гьел гІагарлъизарун рукІана гІадамазул гьоркьорлъабаз. Щиб нилъеца абулеб букІаниги, кинаб букІаниги, МахІмадсаламил букІана жиндирго команда. Гьел цолъун рукІанин абизе бегьула. Гьединлъидал хІакъикъат къабул гьабичІого гьел гьел тІокІал гьенир хІалтІизе гьечІо гьенир, дир пикруялда. ХІасилалдаги гьеб дагъистаналъул администрациялъе ками ккола. Махшел бугел гІадамазул бицунеб батани.

КІиабизеги абизе ккола, гьев гьениве тІамун вугин заманалъин. Хадуб щиб букІине бугебали лъаларо. Рищиязул заман щолеб мехалда вукІине вугищ гьев гІадатиял кандидатазда гъорлъ, гьебги суал кола. ВукІинеги бегьула вукІинчІогоги хутІизе бегьула гьеб суал рагьараблъун хутІулеб буго.»

Суховасул пикруялда кинабго бараб букІине буго Кремлалда.

Уладиевас абулелеб буго ГІабдулатІиповас жиндирго команда гІуцІизе бажарун, экономикиял ва политикиял планал гІумруялде рахъинарулеб мехалда цебе чІезе бугин жакъа бищунго республикаялъулги регионалъулги ресал къотІизабулеб хакъикъатин - экстремизмалдеги терроризмалдеги эффективияб дандечеялъул.. Гьеб гьесул пикруялда кколаро батІа чІараб суал. Гьеб ккола комплексияб хІалтІи. Гьединаб хІалтІиялъул хІалбихьи живго Уладиевасулги буго. Гьес жинцагоги ракІалде щвезабулеб буго диниял гІаркьелазда гьоркьоб диалог гІуцІизе гьаризе байбихьун букІараб хІалтІиялъул.

Уладиев Сулайман: « Дица цебе гьабуна, гьадаб диалогин абураб жоги. Гьоб дица гІуцІараб жо букІана доб мехалда. Гъоб билъанхъизабизе течІо. МахІамадсаламица жидеего цІаруе жидедехунго буссинабуна доб. Дагъистаналда бугеб битІей чІезабизе ккани, гьагъаб диалог гІуцІулел чагІи рукІине ккола. Гъол салафиталги, гъоб рухІияб идараги, халкъги жинда божулеб къагІидаялъул кІвар кІудияб захІматаб хІалтІи букІине ккола. Гъоб кин билъанхъизабизе кколеб? Гьелъие гІадамалги рукІине ккола. Гьедин гурони, хІалтІи гьабулеб бугин Москваялда ккезе, гьениреги ракІарун харбалги рицун унаро доб хІалтІи цебе.

Бихьулищ дуда, аза-азар гІолохъаби руго гьанже мугжулгун. Дун мегеж тогеян абулев гуро. Дица абулеб буго, ярагъ кодобе босугеян, цоцаца чІвагеян. БитІей чІезабизе кола. Гьеб хІалтІи гьабулаян рукІана дов Зубайруги Бекмурзаги. ХІалтІи цебе инчІо. МахІамадсаламил жо ккечІо. Гъоб кколареллъулха мероприятиби гьарун лъугІунеб иш. Гъоб буго сордо-къоялъ чІечІого гьабизе кколеб хІалтІи.»

«Регнум» информагентлъиялъул бетІерив редактор хисулев Костантин Казениницаги кІвар буссинабулеб буго ГІабдулатІиповасе цІакъ захІмат ирс щун букІиналде. Цо босани, ахІвал-хІал рукІалиде бачиналъул чІван къотІараб план гьечІо. КІиабизеги, гьесул кІудияб проблема букІине буго, гьес бакІалъулал миниципалитетазул бутІрул хъалахъаздаса нахъе рахъизе байбихьараб мехалда.

Константин Казенин, "Регнум" информагентлъиялъул бетІерав редактор хисулев

Константин Казенин: «Дагъистаналъул нухмалъиялъул система гІуцІун буго, гьелда аслияб роль тухумаз хІалеб къагІидаялда. Гьелде тІадеги, гьезул асарги къуваталъул сурсатазда хурхараб буго. Гьединаб ахІвал-хІал республикаялъул бетІерасул буюрияздалъун рагІалде бахъинаби захІматаб яги рес гьечІеб жо кола. У, Дагъистаналъе бищунго жакъа къваригІунеб жо кола щвалде щварал хиса-басиял, амма гьел хиса-басиязул технологиял лъицаниги рихьизарулел гьечІо гьанжеги.»

КІудияб кІвар буссинабуна ГІабдулатІипов республикаялъул нухмалъиялде тІамиялде лъиданиги бачІеб аваразул «Миллат» газеталъги. Гьелъул бетІерав редактор БисагІалиев МахІамадица иргадулаб номералъул тІоцебесеб гьумералдаго бахъун буго ГІабдулатІиповасде хІитІаб.
Гьес гьесул кІвар буссинабулеб буго Дагъистаналда бугеб вахІшияб ахІвал-хІалалде, кІвар буссинабулеб буго гьанже тІалъиялда ругезда гъорлъ кверал бидулъ ругел гІадамалцин рукІиналде. Гьез ватІаналъул шекъер ккун бугин, хъвалеб буго гьес. Гьелда бан авторас республикаялъул бетІерасул тІадкъаял туразарулесе загьир гьабулеб буго жиндирго щуго гьари. ЦІалулел руго гьел тІуранго.
ТIоцебесеб. Жакъа Дагъистаналда щибаб рокъор жидер бицунел ва гIаламалда лъалел тIад би бугел гIадамал, хIакимзаби хъулухъаздаса нахъе ритIиялъул суал. Гьел щалин абураб суал хIажалъиларогури?

КIиабилеб. Дуца президентлъун тараб къоялъ прессаялъе абураб конкурсалъул (хIакъикъияб) кьучIалда нухмалъулел росиялъул суал. Миллаталъухъ, ресалъухъ, фамилиязухъ валагьичIого.

Лъабабилеб. Бокьараб нух батун, Дагъистаналда биялтIей чIезаби, робин-гудазеги, хъачагъазеги, хвалил скадроназеги, диван гьечIел къисасазеги ахир лъей, гIолохъаби рохьоса тIадруссинари, руссинарин абурал руссунареб нухда тIоритIи ва рагъалъе ахир лъей.

Ункъабилеб. ГIелмуялдаги, гьунаралдаги, хIаракаталдаги рекъон гурони хъулухъалъулги ишалъулги икъбал ва рорхалъаби чиясда росизе кIоларел, киназего гIаммал ва ращадал шартIал чIезариялъул суал.

Щуабилеб. Прессаялъул, жамгIияталъул, литератураялъул ва бокьарал цогидал сурсатазул кумекалдалъун Дагъистаниязул ботIролъ революция гьабиялъул суал, речIчIухъанасдасаги, чIвадарухъанасдасаги, чиновникасдасаги, ришватчиясдасаги цIикIкIун къадру гIелмуялъул борхулеб. Жакъасеб дунялалда дагъистаниял хутIарал регионазда ва пачалихъазда данде конкуренция хIехьолеллъун лъугьине ккани, хIажалъула лъай ва гьелъул къимат. Жакъа Дагъистаналда Нобелил лауреатлъи щварав гIалимчигун речIчIухъан яги чIвадарухъан виччани рищиязда гIахьаллъизе, кIиабилел бергьуна. Гьеб рогьояб, дагъистаниязул горбода бараб лагълъиялъул хомутаздаса нилъер ватIан хвасар гьабизе къваригIун буго.

Гьеб мехалда хутIила мун тарихалда халкъияв цевехъанлъун ва магIарулаз адабалда рехсела дур цΙар.