Дагъистаналда гьал къоязда чIвазе къасд гьабуна Гъуниб мухъалъул ЧIохъ- Коммуна росдал бегавул Салимов Салим. Нижехъе щварал баяназда рекъон такъсирияб иш гьабун буго чанго соналъ цевеги гьев чIвазе къасд гьабуралъухъ диваналде цIан вукIарав Салимовасул гIагарав чияс. «Эркенлъи» радиоялъе кьурал баяназда гьес загьир гьабулеб буго гьев чIвазе лъие хIажат букIарабали. Талат къоялдаса байбихьун Дагъистаналъул Табасаран мухъалда гьединго халат бахъунеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде тIобитIулеб хасаб операцияги.
ТIадекIанцIи гьабурав ккун вуго ва гьесда тIасан такъсирияб иш рагьун бугилан лъазабуна цIех рехалъулаб комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ, живго ЧIохъ росдал нухмалъулесе щибниги зарал ккун гьечIо. Гьеб хIужа ккун буго 29 октябралда. Зигараялъги ун вачIунев вукIарав жинда аскIове дуда кIалъазе къваригIун бугин жиндеянги абун вачIанин цояв ва гьеб параялъ нусги къватIибе бахъун жинда тIадекIанцIун вачIанин бицана ЭР-ялъе, Аллагьасул кумекалдалъун жиндихъа бажаранин нус хъатикь ккураб гьесул квер кквезе. Гьеб параялъ Салимида аскIов чиги вукIун гьечIо. Гьевго чияс 2009 соналдаги къасд гьабун букIанин жив чIвазеян тIаде жубана Салимица хадубги, гIагарав чиги кколев вукIиндал тIаса лъугьунги тун вукIанин жиндица гьев. Доб мехалъ диванги гьабун дов чиясе условныяб куцалъ щуго сон къотIун букIанин. Балагьараб мехалда доб мехалъ рагIалде бахъинабизе рес ккечIеб иш цIигьабулев вукIарав куц вугинха гьеван мукIурлъана Салим:
Салимов Салим: « Зигараялъги ун вачIунев вукIана дун. Цойидасан дие мун къваригIун вугиланги абун вахъун вачIана данде, ва тохлъукьего нусги бахъун дида тIаде вортун вачIана. Аллагьасул кумекалдалъун дида кIвана нус хъатикь бугеб гьесул квер чIезабизе. Дида цадахъ чиги вукIинчIо. Гьебги бихьун ратилаха гьел цIакъ ракIги чIун рачIунелги рукIарал. Дица гьабулеб хIалтIиги, къануналда дандекколарел пишаби дица къватIир чIвазарулел рукIин бокьичIел чагIаз гьабураб хIалтIи ккола гьеб».
Ялгъи гъутаналда ругел ЧIохъдерил жамагIаталъул къайимлъиялда ругел ракьазда тIад хважаинлъи гьабун гьел жиндего бокьадухъе ричулел рукIанин, гьесулго чи кколаанин жив чIвазе къасд гьабуравгиян бицана Салимица хадубги. Къануналда дандекколарел гьезул пишаби гьукъизе жив лъугьин рекIее гIечIого гьабураб къасд бугин гьез жив чIвазе.
Салимов Салим: « МахIачхъалаялда акIоб бугеб Ялгъи гъутаналда руго ЧIохъдерил жамагIаталъул ракьал. Гьел ракьал цо хасал чагIазул мурадазда рекъон хIалтIизаризе риччалел рукIинчIо дица, гьелдаса нахъе бугеб дандечIей ккола гьаб кинабго. ЦохIо гьелда гIей гьабичIого ЧIохъе росулъеги рачIун гьенибго гьебго хIалтIи гьабизеян лъугьун рукIана гьел. Гьанибги гьезие нух къан букIана дица».
30 октябралдасан байбихьун Дагъистаналъул Табасаран мухъалда унеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде тIобитIулеб хасаб операция. Низам цIунулел идарабаз кьураб лъазабиялда рекъон къуваталъул идараби тIаде ккун руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул лъалкIде тIаде. Ахирисел баяназда рекъон хъачагъазул цо чи чIван вуго, мухъалда лъазабун буго контр -терроралъулаб режим.
Хасавюрталда гьал къоязда тIобитIараб Терроралда дандечIараб коммиссиялъуд данделъиялда хIасилал гьаруна гьаб соналдаса байбихьун изну гьечIого яргъид гIуцIаразда данде гьабулеб къеркьеялъул ва гьединго рохьоре унел гIолилазда хурхун гьабулеб хIалтIулги. Гьенив кIалъазе вахъарав ХIинкъи гьечIолъиялъул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Конин Андрейица кьурал баяназда рекъон сон байбихьаралдаса нахъе Дагъистаналда гьабун буго 225 терроралъулаб такъсир гьелъул хIасилалда гIадатиял гIадамалги малъун хун вуго 145 чи, лъукъун вуго 280. Кинавниги кквезе щун рагIула такъсир гьабуразул 180 чи, гьезда гьоркьор рагIула Турциялдаса ва Узбекистаналдаса хъачагъалги.
Терроралда дандечIараб комиссиялъул баяназда рекъон оперативияб ахIвал-хIал циндаго хIалуцун рагIула Новолак, Бабаюрт ва Хасавюрт мухъалда, изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаби гьенир къойидаса къойиде цIикIкIунел руго.