М.МухIамадов: гьанжеялдаса нухал къарал чагIазе тамихI гьабизе буго

Ботлъихъ мухъ

4 декабралда Болъихъе щвана Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам. Гьесда цадахъ рукIана киназдего гIагарун министралги, кIвар бугел идарабазул нухмалъулелги, цогидалги.

Болъихъе гьабураб сапаралъул мурад букIана АнсалтIа лъималазул ахгун Болъихъ спортивияб комплекс рагьиги, терроралда данде чIараб комиссиялъул данделъи тIобитIиги.

МухIамадов МухIамадсалам Болъихъе вачIине вукIиналъул хабар жеги бащдаб лъагIалица цебего букIана. Цереккун республикаялъул нухмалъулесул гIахьаллъигун гьединал данделъаби цогидал мухъаздаги рукIана. Масала, балъхъадерихъе вачIиналде Хунзахъе вачIун вукIана гьев.

4 декабралда Болъихъ тIоритIарал тадбиразул гьадин бицунеб буго ГIумахан ГIумахановас. Гьев ккола гьеб мухъалъул газеталъул бетIерав редактор.

ГIумаханов ГIумахан: «ТIоцеве кIалъана президент. Гьес загьир гьабуна Болъихъ мухъалъ жиндиего гьабураб асаралъул. Болъихъ бакIги беццана. Хадуб букIана терроралда данде чIараб комиссиялъул данделъи. АнцIила хадуб мухъалъул нухмалъулелги рукIана. Абуна ахIвал-хIал квеш бугин ЦIунтIа, ЦIумада ва Унсоколо мухъазда. Унсоколо цIакъго квеш бугила. Гьанже цIияв нухмалъулевги вачIун вугила, гьединлъидал хисисзе батилила. ЦIумада лъикIлъулеб бугила. Унсоколо гIадамаз бадирчIваял гьарулин тIалъиялда жидер вакилзаби гьечIилан. Гьелда хурхараб букIунеб бугила гьезул разилъи гьечIолъи. Нухал-жалги къалел ругила гьез. Амма гьанжеялдаса хаудр нухал къарал чагIазе кьварараб тамихI гьабизе бугила».

ГIумахановас бицана гьеб данделъиялда кIалъалезе суалал лъицаниги кьечIилан. ГIицIго жиндирго пикру загьир гьабизе вахъун вуго Муни росулъа динияв хIаракатчи.

ГIумаханов ГIумахан: «Цо кIудияв чи вахъана кIалъазе Муниса. ГIурусалъги лъикI кIалъала гьев. Дол гьакIкIан хутIана… Нужеца абулила исламалъул экстремизмилан, экономикаялда бугеб экстремизмалъул щайдила нужеца бицунареб. СССР биххаралдаса нахъе рухIияб рахъалъ янгъизлъун бугила халкъ. Гъос лъикIалан какана, дозие бокьулеб гIадаб жо абичIо».

Дагъистаналъул нухмалъулес Болъихъ тIоритIулел тадбиразда гIахьаллъизе рес щун буго гIицIго хIакимзабаз тIаса рищарал гIадамазе. Гьезда гъорлъ рукIун руго аслияб куцалда Болъихъ администрациялда хIалтIулел гIадамал. Гьедин бицана ЭР-ялъе ГъазимухIамадов МухIамадрасулица. Гьев ккола Болъихъ культураялъул централъул нухмалъулев. Гьеб мухъалда телевидениялъул иш тIаде кколев чи хIисабалда бакIалъул гIадамазе рахIат толареб чанго суал республикаялъул нухмалъулесе кьезе бокьун букIун буго гьесие.
Амма санагIат гьечIеб суал борчIизе гурилан, жив аскIове къазего течIила тIадчагIаз.

ГъазимухIамадов МухIамадрасул: «Нижеда гьев вачIине вугилан анкьалъ цебеккунго рагIун гурони, тIокIаб мухIканлъи лъалеб букIинчIо. 53 азарго чияс гIумру гьабулеб Болъихъ мухъалдаса 200 чи гурони вакIарун вукIинчIо клубалде. Гьебгиха щивасухъе кьурал хасал белтал ругила, гьел ахIун ругилан абулеб бугоан. ТIокIаб халкъалъулги кIудияб кIвар гьечIоан гьелдехун, жамагIатги гьечIоан гьенибе бакIарун. Живго республикаялъул нухмалъулелги цогидалги хъата-масан спортзал рагьизе унелги рихьана, Культураялъул рокъоре унелги рихьана. ТIокIаб щиб гьез бицунеб букIарабалиха… Нижерални рукIана риччаниги-риччачIониги жаниреги ун, гьадинги буго, гьагъадинги бугоян гьесда бицине доре жанире инилан».

ЭР: «МухIамадрасул, масала, нужее рес кьурабани МухIамадсаламида аскIоре ине, щиб гьесда гьикъилеб букIараб?»

ГъазимухIамадов МухIамадрасул: «ЧIвай-хъвеялъул бицинаан… Хасго рагьун бицинаан ниж доре Москваялде дагъистаниязул данделъиялде щай ине ккаралали».

ЭР: «Балъхъадерие къваригIарал, гьезие рахIат толарел суалал кинал ругел энир?»

ГъазимухIамадов МухIамадрасул: «Балъхъадерил жамагIаталъе кIвар бугел суалал ккола ракьазул, газ бачиналъул суалал. Гьединго президентасухъе хъварал, амма жаваб щвечIел кагътал руго нижер гIезегIан. Гьединал суалал кьелаанха нижергояцаги, жамагIаталъул чагIи дора рукIаралани».

Бицен гьабулеб тадбиралдаса хадув республикаялъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам МахIачхъалаялде къватIиве лъугьун вуго 4 декабралъул бакъанида.