Бигьаяб гьечlо хIежалъул нух

Дагъистаналдаса чагIи хIежалде ине байбихьана 5 октябралда. Гьаваялдасан гьезул ахирисеб рейс 12 октябралда букIине буго. Гьедин исана Дагъистаналдаса хIеж борхизе рес щвана 8450 чиясе. Гьезда гьоркьоса 3000 чи Москваялда чIарав олигарх Керимов Сулейманица киридахъ чIового витIун унев вуго.

ХIежалде ине документал хIадурарал киназего гуро гьенире ине щвараб. Гьедин Россиялда бугеб СагIудиязул Къираллъиялъул вакиллъиялъ изнуги кьечIого дагъистаниязул цо къадар гъоркь хутIана. Дагъистаналда руго ичIго-анцIго соналъ тIатIалаго СагIудиялде арал гIадамалги. Гьединлъидал гьез бакI къварид гьабулеб бугин жеги цониги нухалда инчIезеян абураб разилъи гьечIолъиги букIун, ахирал соназда бищун цере гьенире ритIулел руго жеги цониги нухалда хIежалде рукIинчIел. Дагъистаналъе рихьизарулел бакIал лъугIидал, дагъистаниял цогидал регионаздасаги уна гьенире.

Жарулаев МухIамад (Нефтекумскалъул мажгиталъул имам): «Чачаналдасан уна дагъистаниял, Кабардино-Балкариялдасан, Татарстаналдасан уна. ХIежалде гIадамал ритIулеб бакIалда лъалел чагIи ругилан гIодовиччан чIеялъ дун кватIана документал кьезе. Цогидал республикабаздаги бакIал цIун ратана».

МахIачхъалаялдаса бачIинахъего Мединаялде роржарал чагIазе жанир чIезе бакIал санагIатал кьолин, Иорданиялдасан рачIаразе учузал, яги рикIкIадегIан кьолеб гIадат букIунин дагIба бала цо-цо дагъистанияз.

Жарулаев МухIамад: «Дол гIарабал руго жидецаго абуралдаса кьуруларел чагIи. Гьединго щибаб нухалда рахъарал батIи-батIиял къануналги ратула дозул. Цо-цоязе захIмалъулеб батила гьел гIадахъ росизе. Гьединго цоязе шартIал лъикIал чIезарун ругин, жидее гьечIилан дагIба байги рекъон гьечIин ккола. Щайгурелъул хIежалде рачIарал чагIазда абула Аллагьасул рокъоре гьоболлъухъ щварал чагIиян. Дол гIарабал руго цIакъ сабруял чагIи, щиб кканиги гIодориччан чIолел. Нилъералин абуни, гIиси-бикъинаб жо кканиги дагIбадизе, кьабизе лъугьуна».

МухIамадица гьединго бицана Дагъистаналда суфияздаги салафияздаги гьоркьор ругел дагIба-рагIиял дораги халлъулин. Масала, хIежалде рачIарал къокъабазе нухмалъи гьабулел чагIи аслияб куцалда суфиял рукIуна. Гьедин чияр ракьалдаги рукIун байбихьулин цоцазул гIунгутIаби хъирщизе, цинги Дагъистаналде тIадруссингун риччалин цоцаздасан харбалги. Жарулаев МухIамадица чанго соналъ нухмалъи гьабун буго хIеж борхизе доре арал къокъабазе. Щибаб рахъ-мухъалдаса, батIи-батIияб ригьалъул, батIи-батIияб гIамалалъул 40 чиясда хIал рекъезаби кутакалда захIматаб жо бугин бицана гьес ЭР-лъе.

Исана хIеж борхизе арал дагъистаниязда ГIиракъалъул гIорхъода захIмалъи дандчIвазе бегьулин абулеб буго МухIамадица.

Жарулаев МухIамад: «Исана ЛъаратIа мухъалдаса унеб буго гьенибе анлъго автобус. Гьезда ГIиракъалъул гIорхъода кинаб захIмалъи дандчIвалебали Аллагьасда лъала. Щайгурелъул цере Шамалдасан унаан, гьанже нух Гуржиялъа, Турциялъа, ГIиракъалдасан, Иорданиялдасан буго СагIудиялъе. ГIиракъалда гIадлу-низам цIунулел чагIи Америкаялъул солдаталлъидал кколел, гIорхъи бахине нилъеразе квалквал гьабилебищалиха гьез».

ХIеж борхизе исана дагъистанияз харж гьабулеб буго 100 – 150 азарго гъурущ. Сахлъиялъул рахъалъ санагIалъи гьечIолъиялъ гьенире ине бажаруларез гIарцухъ жидеего гIологи ритIула СагIудиялде гIадамал.