Исана арпель моцIалда Генуб къуваталъул идарабаз хасал тадбирал тIоритIулаго жидер минаби ва магIишат биххизабунин абун 500 гIан чияс гIарза хъван буго « Дагъистаналъул гIорхъолъа арал лъугьа-бахъиназул заманалда гIадамазе кумек гьабулеб централдеян» лъазабулеб буго гьеб идараялъул нухмалъулев Денга Денгаевас.
Унсоколо районалъул администрациялъул хIисаб-суалалда рекъон Генуб хасал тадбиразул заманалда биххизабун буго 10 мина, гьоркьохъеб зарал ккун буго 32 рукъалъе ва дагьа-макъаб бихха-хочи лъугьун буго 200 минаялъул. Кинабгини 500 рукъалхе ккун буго магIишатияб ками, ай гьезул рокъоса тIагIун буго къайи-цIа, хун буго боцIи-панз. ГIарзазда рекъон, хасал тадбирал тIоритIулеб мехалда, гендерил чIван буго 30 чIегIерхIайван, 20 гIиялъажо, 21 найил тIала.
Гьединго Денгаевасул рагIабазда рекъон Унсоколо районалъул администрациялъ гIадамазе ккараб заралалъул хIакъалъулъ киналго документал Дагъистаналъул ГIорхъолъаарал ишазул министерлъиялде ритIизе хIадурулел руго. Гьенире щун хадур цин гьел документазул ГIорхъолъаарал ишазул министрелъиялъ ва Дагъистаналъул хIукуматалъул вакилзабазги цадахъ халгьабизе кколел буго. Гьелдаса хадуб гьез бук1ине кколеб къиматги кьун, документал щвезе кколел руго Россиялъул гIорхъолъаарал ишазул министерлъиялде, гьезги халгьабун хадуб гурони хIукму къотIулеб гьечIо заралккарал гIадамазе пачалихъалъ кинаб рецIел кьезе кколебила.
Амма цо-цо генусез абулеб буго жал гьелщинал кагътазде руссине регIарал чагIи гурин, гьеб гIарац щвеялдаги жидер божилъи гьечIин. Генуса ГIалиева Сакинатица гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе.
ГIалиева Сакинат: «Вай, чан нухалъ гьеб базар бугеб нижер росулъ, чанги нухалъ магIишатги щущазабуна, рукъ-бакIалъе заралги амма, цониги нухалъ гьелъухъ гIарац кьелилан чи вахъинчIо. Гьеб жо дир пикруялда рекъон гьадингояб чIанда буго. Руго нижер гьаниса гIадамал чаналигос соналъ судаздеги хьвадарун гьеб гIарац тIалаб гьабулел. Лъаларо щварал руцIцIухIун чIун ратизеги бегьула, амма щвечIилан абун щвезабичIого теларилан лъугьарал цIикIкIун ругин ккола дида».
Сакинатил пикруялда рекъон гьел гIадада хъвадарилел рукIинчIого руцIцIухIунги рукIун магIишаталде тIаделъун ругони лъикI буго гендерие.
ГIалиева Сакинат:«Гьеб буго бергьенлъи гьечIеб рагъ, ниж киданиги гьеб рагъулъ бергьунаро. Гьединлъидал лъидаго рагIулареб ахIи балел рукIинчIого цIидасан магIишаталде рани лъикI бугин ккола дида. Дагьабниги рес бугел чагIи росулъа нахъе рахъунел руго, чангиял Дагъистантунги унел руго. Жакъа дагьабниги санагIалъи букIарабани дица цониги дир лъимер телароан гьаниб, ритIизе бакI гьечIолъиялъ ругоха росулъго. Щай гурелъул гIадамал свакан руго, гьезда кинабго жо чIалгIун буго. Чанго чиясе гIоло тIубараб жамагIатищ инжит гьабизе кколеб. ТIокIаб батIайиса абизе бегьуларо хIукуматалъги, полициялъги, гьездаго релъаразги нижеда сверун гьабулебщинаб жо гьеб буго инжилъи, чорокаб политика».
Гьединго Сакинатица бицана хасал тадбирал тIоритIулелъул росулъа гочинарун рукIарал гIадамал гIемерисел жидерго минабахъе нахъ руссун ругилан.
ГIалиева Сакинат: «Гьагъал рукъзал кьвагьизарурал чагIи хутIизегIан гIемерисел рокъой тIадруссун руго. Цо-цо газет-журналазда хъван букIана росулъ школа хIалтIулеб гьечIилан. Гьебги хIалтIулеб буго лъималги дарсазде хьвадулел руго».
Генуб иргадулаб хасаб операция байбихьана исана II апрелалда гьеб халатбахъана кIиго анкьгIанасеб мехалъ. Гьелъул хIасилалда чIвана изнугьечIого яргъид гIуцIаразул кьерулъ рукIанилан полициялъулаз лъазабурал Ильяс Камилов, Абдула Загулиев ва Шамиль Абдулаев. Гьел кколаан гендерил изнугьечIого яргъидгIуцIараб къокъаялъул гIахьалчагIи.