Газалъулъ гIарац кьоларел республикабилъун Шималияб Кавказалда Дагъистанги, Шималияб Осетияги, Кабардаялъулгун Балкарияги кколеб буго. Гьедин хIисаб гьабуна «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абулеб компаниялъул Пятигорскалда букIараб данделъиялда.
ГIаммаб куцалда Шималияб Кавказалъул республикабаз гьеб компаниялъе кьезе кколеб налъи бахун буго 4 миллиард гъурщиде. Гьелда гьоркьоса бищун кIудияб налъи Шималияб Гьириялъ кьезе кколеб буго – 2 млрд 155 млн гъурущ. Кабардаялъулгун Балкариялда тIадккун буго цо миллиардалдаса цIикIкIун гъурущ. Дагъистаналъ кьезе кколеб буго 700 млн-са цIикIкIараб гъурущ. Гьеб киналъего гIиллалъун рехсолеб буго букIине кколедухъ газалъухъ гIарац бакIаричIолъи.
Гьелда бан «Газпром межрегионгаз Пятигорск» компаниялъ хIукму гьабуна 21 ноябралдаса байбихьун гьел республикабазде биччалеб газ дагьлъизабизе.
Гьанже битIун хасалил байбихьуда къотIинабичIого газ, дагьалъ цебегIанниги лъазабун букIинчIебищ нужеца налъукь ккарал Шималияб Кавказалъул республикабазда газ къотIинабизе бугилан абун гьикъана ЭР-лъ Пятигорскалда бугеб гьеб компаниялъул пресс-хъулухъалъул вакилалда.
«Газпром межрегионгаз Пятигорск» компаниялъул пресс-хъулухъалъул вакил: «Узухъда, цебеккунго лъазабун букIана гьезда газалъухъ гIарац кьечIони, гьеб къотIинабизе бугилан. Нижергун къотIи-къай бугел республикабазул киназ гьеб кьолеб гьечIебали бихьигун хасал кагътал ритIун рукIана».
Гьедин гьеб компаниялъул баяназда рекъон, Дагъистаналда бищун налъукь ккун буго МахIачхъала – бащдаб млн-са цIикIкIун гъурущ, хадур рехсолел руго Бабаюрт, Гъарабудагъкент, Нугъай, Хив мухъал. Бищунго кIудияб налъи буго «Дагестан Стекло Тара» абураб гIуцIиялда тIад – 46 млн-са цI гъ. Исана соналда жаниб 12 млн-ги кьун хутIараб налъи кколеб рагIула гьебги. Налъулазда гьоркьор рехсолел руго "Махачкалатеплоэнерго", "Махачкалагазсервис" абурал компаниялги.
Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер ГъазимухIамадов Ризван рази гьечIо Дагъистаналда тIад лъураб налъудаса. ГIадамазул аслияб къадаралъ газалъухъ гIарац кьолин, амма гьенир гьоркьор хIиллаби газ кьолел компанияз гьарулел ратилин рикIкIунеб буго гьес. Гьес гьединго абулеб буго цадахъго цо чанго бакIалда газ къотIинаби къануналда данде кколарилан.
«Газпром межрегионгаз Пятигорск» компаниялъул пресс-хъулухъалъул вакил: «Нижеца бицунеб гьечIо гIадатиял гIадамазул, нижеца бицунеб буго рукIа-рахъиналъул магIишатазул».
Дагъистаналдаги Шималияб Кавказалъул цогидал республикабаздаги тIад лъурал налъабазда бан экономист Мусаев ТIайгибица абулеб буго гьорхъохъабаз хвезабулеб бугин кинабго.
Экономист Мусаев ТIайгиб: «Ахирал соназ Газпромалъ Дагъистаналда газ бачине харж гьабун букIана щуго млрд гъурущ. Сундуе гIоло гьеб гьабураб? Абонентал цIикIкIинаризе. Газалдаги цогидалдаги тIад харж гьабизе хIисабалде босараб гIарц букIуна бюджеталда бихьизабун. Балагьараб мехалда гьел гIуцIабазул нухмалъулезул гъалатI кколеб буго газалъухъ кьезе кколеб гIарац щолелъубе щунгутIи. Гьединго Газпромалдаги гIуцIабаздаги гьоркьор руго жеги чанги гIуцIабиги. Гьоркьохъанлъи гьабулелха. Гьезул лъикIлъи щибха букIинеб?».
Мусаевасул рагIабазда рекъон, гьел гьоркьохъаби ккола Дагъистаналъул хIакимзабазул бетIергьанлъиялда ругел гIуцIаби.