Дагъистаналъ газ налъухъ бухIулеб буго

«Газпром Межрегионгаз Пятигорск» абураб гIуцIиялда цебе Дагъистаналъул налъи бахун буго 22 млрд 250 млн гъурщиде. Гьедин Дагъистаналде биччараб газил 86 проценталъухъ гIарац кьечIого хутIулеб буго. Масала, исана сон байбихьаралдаса араб лъабго моцIалда жаниб 26 проценталъ гурони кьун гьечIо гIарац. Гьелда гьоркьоса гIадатиял гIадамаз кьун буго 22 проценталъ гIарац, экономикиял, рукIа-рахъиналъул ва цогидал идарабаз – 47.
Гьедин бицана 24 апрелалда республикаялъул нухмалъулесулгун газил ишкодосезул букIараб дандчIваялда.

«Газпром Межрегионгаз Пятигорск» абураб гIуцIиялъул нухмалъулев Аркадий Деревянкоца бицана гьедин налъукь ккун рукIаниги, жидеца Дагъистаналде газ къотIинабичIин. Хасго социалиял объектазде – ясли ахазде, азарханабазде къотIинабуларин жидеца гьеб.

«Газпром Межрегионгаз Пятигорск» гIуцIиялъул Дагъистаналда вугев нухмалъулев ГIадилхан Ганакаевас буна кIуди-кIудиял налъаби ругин хIухьладалъун рукъзал хинлъизарулел компаниязул. Масала, Махачкалатеплоэнергоялъул (500 млн), Дагестанэнергоялъул (200), Махачкалатеплосервисалъул (165). МахIачхъалаялда жанир газалдаса пайда босулел гIадамазул хъвай-хъвагIай буго 144 азаридаса цIикIкIун чи (гьезул хъизанал малъичIого). Гьез кьезе кколеб налъул къадар ккола 4 млрд гъурущ.

Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовас рагIи кьуна гьеб налъи исана июналдехун бецIизе.

Дагъистаналда тIад 22 млрд гъурщил рахъалъ газил налъи букIин гьадин бичIчIулеб буго Гъуниб мухъалдаса МухIамад Сулеймановасда.

МухIамад Сулейманов: «22 млрд гъурущ налъи ккун батила гIадамаз газихъ гIарац кьечIогоги, гьединго гIадамазда тIадги хъван, хIакимзабазги, жеги тIадехун ругезги жидеего босиялъги».

Гьесул рагIабазда рекъон, газилги, лъелги, электроэнергиялъулги рахъалъ иш цого куцалда буго Дагъистаналда. Гьеб киналъухъго гIарац кьезабула, хIалтIизабураб къадаралъухъ балагьун гуреб, мина-карталъул кIодолъиялъухъ балагьун. Гьедин гьелда гьоркьоса давла тIезабулеб бугин хIакимзабазин абураб пикру буго МухIамад Сулеймановасул.

Республикаялъул нухмалъулес абуна жидеца хIаракат бахъилин гьеб налъи бецIизе гуребги, хадубккун налъукь ккеларедухъ хIакимзабазда гьоркьоб хIалтIи бикьизеги. Гьединго хIажат буго газихъги цогидалъухъги гIарац бакIарулеб хасаб централъул хIалтIи роцIцIинабизе. Дагьалъ цебе республикаялда хIалтIизе лъугьан цогояб информцентр. Гьелдалъун ракIалда буго гьенибе бачIунеб гIарцуда хадуб халкквезе.