Сириялъул рагъдаса Россиялъул туснахъалде

4 соналъул туснахъ бихьизабун буго диваналъ Сириялда изнугьечIого яргъидгIуцIаразул кьерулъ вагъулев вукIарав ЦIумадаса НурмухIамадов Шамилие. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон, жеги гьаб сагIат Шамалда вагъулев вуго 200 цIикIкIун дагъистанияв, республикаялъул тIалъиялъ лъазабулеб буго гьезул цониги чи Дагъистаналде тIадруссине риччазе бегьуларин.

Исана соналда жаниб Шамалда изнугьечIого яргъидгIуцIаразул рахъалда вагъулев вукIарав щуабилеб дагъистаниясе тамихI гьабизе хIукму къотIана гьал къоязда Хасавюрт мухъалъул диваналъ. Гьаб нухалда диваналда цеве вахъун чIарав ЦIумадаса НурмухIамадов Шамиль 4 сонги кьун туснахъ гьавизе хIукму гьабуна.

24 сон барав ЦIумада мухъалъул Гьигьалъ росулъа НурмухIамадов Шамиль Шамалда вагъилев вукIиналда щаклъиги ккун 20I3 соналъул декабрь моцIалда къуваталъул идарабаз ккун вукIана. Хасал идарабазул баяназда рекъон 2013 соналъул июль моцIалда жиндиего бокьун Россиялдаса Шамалде вагъизе ун вуго НурмухIамадов. Гьенив Атма шагьаралда бугеб «Каха» абураб рагъулаб лагералда хIадурлъиги щун "Джейш-аль-Мухаджиринваль-Ансар" абураб рагъулаб къокъаялъул гIахьалчилъун вахъун вуго гьев. Гьезда цадахъ 4 моцIицаги вагъун тIадвуссун Дагъистаналде вачIун вуго гьев.

НурмухIамадовасул адвокатаз лъазабулеб буго жал гьеб диваналъул хIукмуялда разиял гьечIин гьединлъидал гьелда тIасан гIарзал хъвазе ругин жидецайилан. Гьезул пикруялда рекъон Шамиль НурмухIамадовас Шамалда рагъулъ гIахьаллъи гьабураблъи чIезарулел чIванкъотIарал далилал рукIун гьечIо къуваталъул идарабазул, гьедин букIаниги диваналъ гьезул рахъ ккунин абун разигьечIого руго адвокатал.

Исана соналда жаниб, Шамалда рагъулъ гIахьаллъи гьабуралъухъ, тамихIалде цIан вуго кинавниги щуго Дагъистанияв. НурмухIамадовасда цере гьебг гIайибги гIунтIизабун диваналда цере чIун рукIана Унсоколо мухъалдаса ва Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Сасикь росулъа гIолохъаби.

Исана июль моцIалда Россиялъул Федералияб ХIинкъигьечIолъи букIинабиялъул идараялъул бетIер хисулев Игорь Смирновас лъазабуна жидер баяназда рекъон Шамалда 300-400 щвезегIан кавказалъулал рагъулел ругилан. Гьезул гIемерисел ругила чачанал, гъалгъаял ва дагъистаниял. Гьел лъабаздаго гьоркьобги бищун гIемер дагъистаниял ругила гьенирилан. Гьезул гIуцIун бугила хасаб рагъулаб къокъаги, гьелъие нухмалъиги гьабулеб бугила чачанав Абу-Омар аль Чеченица.

Смирновас лъазабуна Шамалда изнул гьечIого яргъидгIуцIаразул рахъалда рагъулел ругел Россиялде тIад руссун рачIани гьезул кIудияб хIинкъи бугилан. Россиялъул къануналда рекъон гьезде къватIиб пачалихъалда рагъулел рукIанинги абун гIайиб гIунтIизабизе цIакъ захIмалъулила, гьелдаса пайдаги босун жидерго иш цебетIезабиялъе кIудияб хIаракат бахъизе бугила гьез. Гьанире тIадги руссун гьел лъугьунила Шамалде рагъде ине гIолохъаби хIадуризе.

Гьел Шамалда рагъулел рукIаразул кIудияб хIинкъи бугила Россиялъеги Дагъистаналъеги гьединлъидал гIурхъи бахун гьанирехун риччазе бегьуларин лъазабуна гьал къоязда букIараб республикаялъул терроризмалде дандечIараб комиссиялъул иргадулаб данделъиялда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьел Шамалда рагъулел рукIарал Дагъистаниязул хIинкъи буго нилъее, щай гурелъул гьел халкъазда гьоркьосел террористазда цадахъ рагъулел рукIарал чагIи ругелъул. Щибги босун гьединал чагIи тIад руссинел гьанире? Гьезда щибниги сахаб жо ракIалда букIунаро, лъикIалъе гьел гьаниреги рачIунаро. Гьединлъидал Россиялде риччазе бегьуларо гьел, яги хасал идарабаз ккун рачине ккола, яги тIубан гьанире къалареб хIал гьабизе ккола. Гьел гIадаз хабарги бицун итизе гьарун гурищ нилъер чанги гIолилал Шамалдеги цойгидаб бакIалдеги рагъизе унел ругел. Гьезгойин гьаниб республикаялдаги ахIвал-хIал хвезабулеб бугеб. Бищун цебе кIвар кьезе ккола цIализейиланги абун Шамалдеги цойгидал гIарабазул хIукуматаздеги унел нилъер гIолилаздеги. ГIемерисеб нухалда гIелмуялда хадур ине ругинги абун рагъулъ гIахьаллъизе унел руго гьел.

Бокьарав чи вахъун ун бажаруларелъул гьел хIукуматазде лъай босизе. Гьенире ине гьезие цин разилъи кьезе ккола республикаялъул диниял идарабаз. Гьел идарабазда тIадаб буго лъай босизейилан унел гьел гIолохъаби щал-кинали мухIканго лъазабизе ва тIубан ракIчIарав чи гурони виччазеги бегьуларо гьениве. Гьедин щибаб идара кIвар кьун хIалтIани гурони нилъер республикаялда терроризмалъул суал тIагIинабун бажаруларо. ЦIакъго гьелде кIвар кьезе ккола бакIалъул нухмалъиялъги, гьезда лъидасаго лъикI лъалелъул гьезул росулъ ругел гIадамал щибгьабулел чагIийила».

Гьебго данделъиялда ГIабдулатIиповас абуна бищун гIемер Шамалда рагъизе арал гIолохъаби ругила Бабаюрт, Болъихъ, ЦIумада, ЦIунтIа ва Гъизляр мухъаздасайилан.