Фермерал кумек щвеялда щаклъун руго

Дагъистаналъул магIишатчагIазе кумекалъе 580 млн. гъурущ гIарцул биччазе бугилан лъазабулеб буго Росдал магIишаталъул министерлъиялъ. Росдал магIишат цебетIезабиялъул 20I5-20I7 соназда бихьизабураб программаялда жаниб магIишатчагIазе квербакъи гьабулеб буго хIукуматалъ. Кинаб пикру гьелда тIасан бугеб жалго магIишатчагIазул, ай фермеразул?

Жидер магIишат гIуцIцIи байбихьарал фермеразе кумекалъе Дагъистаналъул тIалъиялъ биччалеб буго 579,I млн. гъурущ. Гьелда гьоркьоса 472,3 млн гъурущ кколеб буго федералияб бюджеталъ юиччалеб, хутIараб, I06,8 млн. гъурущ бихьизабун буго регионалияб бюджеталдаса. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерлъиялъ.

20I5-20I7 соназ тIолго Россиялда лъазабун бугеб фермеразе квербакъи гьабиялъул программаялда хурхун гьанже Дагъистаналдаги биччалеб бугин гьеб гIарац фермеразе квербакъи гьабизейилан баян гьабулеб буго Росдал магIишаталъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Изиева Аидаца.

Гьедин, Росдал магIишаталъул министерлъиялъул баяназда, гIаммаб куцалъ, кинабгIаги Дагъистаналда хIадурулеб нигIматазул 90% кколеб буго гIисинал гIуцIияз къватIибе биччалеб. Масала, 98,4% картошкаялъул Дагъистаналда гIезабулеб буго гIисинал магIишатиял гIуцIияз, гIадатаб къагIидаялда абуни, гьел ккола цо хъизмалъ жидецаго бекьун гIезабураб нигIмат. Гьединго, гьеб тайпаялъул фермабаз гIезарулел руго 5I,5% тIорщалил, чIIезабулеб буго 70% гьанал ва 84% рахьдал.

Гьеб программаялда хурхун кидагоги гьабулеб букIанин дагъистаналда магIишатчагIазе квербакъи, амма исана гьеб цIакъ цIикIкIун кIваркьеялъе гIиллалъун бугин Россиялъ лъазарурул санкцияби ва гьелда хурхун Дагъистаналъул бетIерас «гьанже Кавказалъ кваназабизе бугин Россияйилан» гьабураб лъазабийилан рикIкIунеб буго магIишатчи МухIамад ГIабдулхаликъовас.

МухIамад ГIабдулхаликъовасул росулъ буго жиндирго хьихьараб боцIи. Амма гьес гьеб ферма абун хъвай-хъвагIай гьабун гьечIо. МухIамадил баяназда рекъон, гьесул буго 6 гIака ва гьединго I0 хьихьараб боцIул бетIер. Гьес магIишат гьабулеб буго хIан-рахь ва гьан бичун. МухIамадил рагIабазда рекъон, гьесул нигIматал росулъго ричун ун батIияб бакIалда бичизе жо хутIулеб гьечIо.

ГIабдулхаликъовас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна жинца цебего хIаракат бахъанин магIишаталъул гIуцIи гьабизе ва хIукуматалъул кумек щвезе амма гьелъул щибго хIасил ккечIин.

МухIамад ГIабдулхаликъов: «Гьабунаха, магIишат гIуцIизейилан документал гIемерал документалги гьаруна. ГIарацги хвана гьел гьарулаго гIемер. КIиго соналъ хадув лъугьаниги щибго ккечIо. хадуб абуна гарант къваригIунилан. Вачана . Гьев вачананиги жо ккечIо».

«Нур» абун цар лъураб ферма данде гьабизе хиял букIун буго МухIамадил, амма жиндир заманги гIарацги хвей гуреб хIасил ккечIила гьелъулин баян гьабуна гIабдулхаликъовас.

МагIишатчиясул пикруялда гьеб иш данде билълъинчIолъиялъе гIилла буго кинго рес гьечIолъи гIадатияв чиясе кумек щвезе. Гьанжеги гьеб программаялъ мустахIикъал чагIазе пайда ккеялда щаклъи загьир гьабуна гьес.

МухIамад ГIабдулхаликъов: «Жидеего бокьарал чагIазе кьолеб буго гьез гьеб .ЧIахIиял чагIазе щола гьеб , гIадатияв чиясе гьеб щвей щакаб буго. Жидер гIагарлъи лъалел-хъвалезе кьолаха»

Кидагоги гIадатияв чиясе захIмат букIанин бацIадго магIишат данде гьабизе. Гьеб хIукуматалъ кумекалъе биччалеб гIарцулги хIасилалда гIицIго кагътада ругел магIишатчагIазе щвелин гьеб кумакилан баян гьабуна МухIамад ГIабдулхаликъовас.

Дагъистаналда бугеб фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдурахIман ГIабурикIовасул пикруялда гьеб гIарац мустахIикъал гIадамазе щвей щакаб буго. ГIиллаги гьелъите бугила, гьеб гIарац бикьизе гIуцIцIун бугеб комиссиялда гъорлъ рукIине кколел 50% жамгIиял гIуцIабазул вакилзабазул цо гIаги чи гьеб комиссиялда гъорлъ гьечIила . Аслияб куцалъ гьенир ругила хIакимчагIи.

ГIабдурахIман ГIабурикIов, Дагъистаналъул фермеразул асссоциациялъул бетIер

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Нилъер гьаниб тIобитIулеб буго гьеб. Амма фермеразе данде кколеб хIалалъ гуро, хIакимчагIазе данде кколеб хIалалъ. Гьенир гъорлъ цогIаги ассоциациялъул цогIаги чи гьечIо гьеб бикьулеб комиссиялда гъорлъ. ХIакъикъаталда, мустахIикъал чагIазе, жамгIиял хIаракатчагIаз рихьизарурал гIадамазе бикьизе бихьизабун буго гьеб гIарац, амма Росдал магIишаталъул министерлъиялъ жидеего данде кколеб хIалалъ бикьула гьеб. Нилъер гьаниб хIакимчагIаз кинабго жо жидеего данде кколеб хIалалъ гьабула»

Гьединго, 20I4 соналъ Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул министерлъиялъ иш байбихьулел магIишатчагIазе квербакъи гьабиялъе бихьизабун бугоI66 млн. 600 азарго гъурущ. Амма гьеб гIарац щвезе гьединго гIемер квекIенал кколел руго гIадатияв магIишатчиясе. Амма кагътида хьихьараб боцIи-панз бугел чагIазе гьеб гIарац щвезе щибго квекIен гьечIилан баян гьабуна жамгIияв хIаракатчияс.