Лъие "рихун" бугеб филармониялъул мина?

Дагъистаналъул филармониялъул мина биххизабизехъин бугин абураб хабаралъ рахIат хвезабун буго Маданияталдеги искустсствоялдеги хурхен бугел чагIиги гурониги гIадатиял гIадамалги лъугьун руго щиб гьабунги гьеб цIунун хутIиялъе хIаракат бахъизе кколин абун. Интернеталда гьеб мина цIунун хутIизе бокьараз хасал къокъабигицин гIуцIун руго, гIагараб заманалда гьеб суалалда тIасан республикаялъул тIалъиялъухъе кагътал хъвазе хIадурулел руго гьел чагIи.

Ахираб кIиго анкьица Фейсбукалдаги твиттералдаги дагъистанияз рорхарал суалазул бищунго гIемер сверун ахIи-хIур бахъинабураблъун бугин абизе бегьула МахIачхъала бакьулъ бугеб филармониялъул басрияб мина биххизабизе бугин абураб хабар. Официалияб къагIидаялъ гьеб биххизабизе хIукму гьабун бугищ гьечIищали лъалеб гьечIо, культураялъул министерлъиялъул вакилзабазги гьаб сагIат гьеб суалалда тIасан кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо. Гьеб идараялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан Зиркуева Мадинаца «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна жеги гьеб басрияб минаялъул кинаб къисмат букIинебали жидедагоцин лъалеб гьечIила, гIагараб заманалда официалияб баян кьезе бугилан.

Фейсбукалда филармониялъул басрияб мина цIунун хутIизе бокьарал цолъун хасал къокъабигицин гIуцIулел руго. Гьезда гъорлъе унел гIадатиял гIадамаз лъазабулеб буго щиб гьабунги гьеб мина нахъе цIунизе кколила, филармониялъе хIалтIизабун бажарулареб хIал батанигицин, цойгидаб идара яги музей жаниб букIине биччантейилан гьенибилан. Гьадингоги биххизабун МахIачхъалаялъул тарихияб рахъалъул хутIараб жого гьечIила, гьанже гьеб минаги щущазабуни шагьаралъул бегIго холин лъазабулеб буго гьеб суалалда ракI унтараз. Гьединго гьез лъазабулеб буго гьеб биххизабиялъул хабар уяблъун батани жидеца гьеб мина цIунейин тIалаб гьабун тIалъиялъухъе кагъталги хъвазе ругила, гъулбасалги ракIаризе ругилан.

МахIачхъала шагьаралъул музеялъул нухмалъулей Дадаева Заремацаги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна бокьахъин гьеб филармониялъул мина цIунун хутIиялъе хIалтIи гьабизе кколилан. Шагьаралъул ракIгIадинаб бакI бугин гьебилан рикIкIунеб буго гьелъ.

Дадаева Зарема: «Шагьаралъул тарихияб рахъалда бугеб гьеб некIсияб мина гьечIого нилъ хутIи гьеб буго кутакалдан кIудияб ками. Гьадингоги нилъер шагьаралъул тарихияб рахъ цIакъ ракI унтизабулеб бакIалде ккун буго. Гьеб цIунизе кIвечIо нилъеда, гьедин гьелъул цо гьитIинаб бутIа гурони хутIунго гьечIо. Килщазда рикIкIине бегьула IXX гIасруялъ ран рукIарал гьанже нахъе хутIарал рукъзал. Дунялалдаго гIадамаз жидерго шагьаразул тарихги, тарихияб рахъги цIунизе хIаракат бахъула. Гьеб ккола сундуего ва киназего кIудияб кIвар бугеб бакIлъун. Гьеб къачIан цIакъ гIемераб гIарац инехъин бугила, филармониялъ пайда босун бажарулеб хIал лъугьинабизе ккани кIудияб хIалтIи гьабизе кколеб бугин абурал харбал рукIана. Кин букIаниги гьеб нахъе цIунун хутIиялъе жигар бахъизе ккола».

Филармониялъул минаялъул кинаб къисмат букIинебали лъалеб бугебищин нужеда щиб гьабизейин ракIалда бугебин абун цIехон «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна филармониялъул худежесвеннияй нухмалъулей Ирина Нахтигальгун. Гьелъ цIакъ ццин бахъун жаваб кьуна жиндица гьеб суалалда тIасан киналгIаги баянал кьезе гьечIилан абун. Гьеб суал чIалгIинабураб гIадаб хасият букIана гьелъул.

Ирина Нахтигаль: «Дица гьеб суалалда тIасан щибго жо бицине гьечIо. ГIадалъе бахана дида гьеб суал. Нужецаго гьабе щибниги гьабун бажарулеб батани, ахирисеб къого соналъ цого жоялъул бицунел рукIинчIого».

Щибин журналистаз гьабизе кколебин цIехараб мехалдаги жаваб кьечIо гьелъ. «Кавказская политика» сайталъе кьураб баяналда Нахтигалица абулеб буго филармониялъе хас гьабун бараб мина букIинчIониги гьеб гьениб жаниб кутакалда лъикIаб акустика букIанила ва музыкантазе хIалтIизе бигьаго букIунаанилан. Амма гьелъул бакIалда филармониялъе цойги цIияб мина банани гьанжесел къагIидабиги хIалтIизарун гьенибги музыкантазе рукIине кколел шартIал чIезаризе кIвезе ругилан. Гьелъ гьединго абулеб буго гьеб басрияб мина цIунун хутIиялъеги хIаракат бахъизе кколилан, щай гурелъул гьеб цебесеб шагьаралъул хутIараб аслияб бакI бугилан.

Филармониялъул мина кида бан букIарабали мухIканго чIезабун гьечIо, цо-цояз абулеб буго гьеб IXX гIасруялдаго бан букIанилан, цойгидаз гьеб дагьабги хадуб банилан рикIкIунеб буго. I950 абилел саназдаса нахъе букIун буго гьеб минаялъуб филармония. Гьелде щвезегIан гьениб чол бокьаздаса ва къайи цIунулеб бакIалдаса бахъараб шагьаралъул мажлисалде ва культураялъул министерлъиялде щвезегIан камураб жо букIун гьечIо. Гьеб мина цIакъго басралъун букIиналъ ахираб чанго соналъ филармониялъ концертал батIиял залазда тIоритIула. Гъоркьиса цIидасан къачIана филармониялъул риидал концертал тIоритIулеб бакIги, гьелдаго аскIоб бан буго гьелъул нухмалъи букIине бакIги.