Россиялъул гΙорхъолъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалазул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бутΙаялъ кΙвар буссинабун буго республикаялда хΙинкъи бугел хΙалалде ккарал росабазул школазде.
1634 мактабалда гьоркьоса 229-яб буго гьанже гурони гьанже биххун иналда хΙинкъи бугел минабахъ. 246-ялдайин абуни чара гьечΙого къачΙаялъулал хΙалтΙаби гьаризе кколеб хΙал буго. Гьелъул магΙна ккола гьел мактабазда цΙали гьабизе хΙинкъараб хΙал бугин абураб.
Гьадин лъазабуна Россиялъул гΙорхъолъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалазул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бетΙераб идараялъ. Гьенисан щварал баяназда рекъон, 437 мактаб хΙебтΙун рагΙула мактабазейин абун ранго рукΙинчΙел минабахъ, 25-ябин абуни - ижараялъе ккурал рукъзабахъ.
«ЦΙа ккеялдаса цΙуна-къай гьабичΙел мактабал руго ЦΙунтΙа, ЛъаратΙа, МухΙарамкент мухъазда. Гьединго, гΙемерисел мактабал хΙалтΙулел руго нижер малъа-хъваялги хΙисабалде росичΙого», - ян лъазабуна ГΙорхъалъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалазул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб бетΙераб идараялда.
«Гьединал мактабазул нухмалъулезин абуни, гΙайиб рехула мухъазул лъай кьеялъул идарабазде мактабал рукΙалиде рачиналъе гΙарац биччалеб гьечΙинги абун, жидерго иргаялда гьез гΙайибияблъун бихьизабула Лъай кьеялъул министерлъи. Гьеб идараялъин абуни гΙайиб рехула гΙарац гьечΙолъиялде. ПалхΙасил, мактабал жанир хΙебтΙарал минаби къачΙалел гьечΙолъиялъул гΙайиб бюджеталда батула», - ян бицана цΙар рехсезе бокьичΙеб мактабалъул нухмалъулес.
Ахираб заманалда республикаялда гΙезегΙан хΙужаби ккана хΙинкъараб хΙалалда мактабал рукΙиналда бан лъимал цΙализего ритΙичΙолъиялъулцин. Масала, Хасавюрт мухъалъул Теречное росулъ, Бабаюрт мухъалъул Уцмиюрталда ва цогидалги бакΙазда. Гьелъие гΙиллаги ккола гьел росабалъ ругел мактабал араб гΙасруялъул авалалдаго рарал рукΙин абун бицана журналист Сулейманова Кавсаратица.
Сулейманова Кавсарат: «ЦΙумада мухъалъул ТΙиссиб росдал мактаб буго чияр минаялъуб хΙебтΙун. Гьеб биххун букΙана цΙияб мактаб базелъун. Амма гьелдаса нахъе анлъго сон аниги мактаб бачΙо ва лъималазул цо бутΙаги цΙалулел руго гΙатΙиракьалде гочарав чиясул минаялъуб, цогидал - росдал администрациялъул минаялъуб гьабураб классалъуб. Гьедин, бакΙ-бакΙалде биххун буго гьеб мактаб».
Журналист Сулейманова Кавсаратица бицухъе, мисалалъе, цо гьеб росдал мактаб рехсаниги, гьединал мактабал гΙезегΙан рагΙула магΙарухълъиялда. Амма магΙарухъ гуребги хΙинкъи бугеб хΙалалда ругел мактабал руго гΙодоблъиялда ругел росабалъги.
Сулейманова Кавсарат: «Бабаюрт мухъалъул Уцмиюрт росдал мактаб буго биххиялде ккун ва гьелъул хΙасилалда къан. Гьеб мактаб буго Ι957 соналъго хΙащул кирпичалъул бан букΙараб. Гьелъул бакΙалда лъун буго заманаялъейин абураб мина-вагон. Амма гьелъул гьечΙо тΙох ва гьелда жаниса квешаб махΙ букΙиналда бан лъималазулги мугΙалимзабазулги бутΙрул унтулеб букΙиналда бан ахΙи бахъунги букΙана».
Гьеб росдал мактабалда бан баян кьолаго, Лъай кьеялъул министерлъиялда бицана гьениб цΙияб мактаб балеб бугилан. Амма кьучΙалги лъун гьебги зодобе кΙалги гьакΙкΙан хутΙун рагΙула.
Гьединабго ахΙи буго Теречное росдал жамагΙаталъулги. Хасавюрт мухъалъул Тухчар росулъин абуни цΙияб мактабалъе бараб мина кьуна ясли-ахалъе.
Сулейманова Кавсарат: «Гьениб цΙияб мактабги бан, гьеб хΙалтΙизе байбихьаралдаса кΙиго сон ун букΙана. Амма мактаб къана. Гьелъиеги гΙиллалъун ккана росдал жамагΙаталъулги мухъалъул администрациялъулги хабар дандеккечΙолъи. Директорлъун щив телевин абураб суал роцΙцΙинабизе кΙвечΙолъиялда бан мактаб къан буго».
Сулейманова Кавсаратица бицухъе, аслияб куцалда, магΙарухъ ругел гΙемерисел мактабал рагΙула чара гьечΙого кьучΙдасанго цΙиял разе кколедухъ, цо кинаб бугониги балагь ккани, цΙакъ хΙинкъи бугеб хΙалалда. Мухъазул администрациязги, Лъай кьеялъул министерлъиялъги гьединал мактабазул бицен гьабидал абулеб жо буго цо: гΙарац гьечΙоян. Кидал гьеб гΙарац букΙине бугебалиги Аллагьасда лъалеб батила.