Рищиязул диллема: кирехун гьетIилел цIадираби?

27 марталда Россиялъул Федерациялъул Шураялъ гъулбасана гьал къоязда Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабураб къануналъул проекталда гъоркь.
Гьеб ккола Россиялъул регионазда нухмалъулел рищиялда бараб къануналъул проект. Масала, гьанжеялдаса хадуб регионазе рес кьолеб буго жиде-жидер нухмалъулел кIиго батIияб къагIидаялдалъун рищизе - халкъалъ гьаркьалги кьун рищизе, ялъуни гьединаб хIукму гьабизе ихтияр бакIалъул парламенталъухъе кьезе.

Бицен гьабулеб къануналъул проект хъвалеб буго масала, пул регионалъ инкар гьабуни халкъалъ гьаркьалги кьун нухмалъулев вищулеб къагIидаялдаса, гьезул бакIазул парламентаз вихьизе кколин жидер мухъалъул нухмалъиялде лъабго кандидат. Цинги гьезул цоясда тIадкъалила нухмалъулесул хъулухъги.
Гьанже гьелда тIадкIалъай гьабизе хутIана Россиялъул президент Владимир Путиница. Амма гьесулги гьелдаса кIудияб инкар букIинарин кколеб буго гIемерисезда.

ЭР-ялъ цебеги бицун букIана лъагIалица цебе Россиялъул президентлъун вукIаго Дмитрий Медведев сабаблъун думаялъулаз къабул гьабун букIараблъи регионазул нухмалъулел гIицIго халкъалъ рищизе ихтияр кьолеб къанун.
Умумузул заманалдаса нахъего Дагъистаналда халкъалъ нухмалъулев жидецаго вищулаанин бицунеб буго ЭР-ялъе Маркъо ШагIбановас. Гьев ккола журналист, гьединго Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев.

Маркъо ШагIбанов, журналист, жамгIияв хIаракатчи

Маркъо ШагIбанов: "Кин букIаниги, дунялалдаго тIибитIараб, нилъер умумузулги букIараб къагIида буго - нухмалъулев халкъалъ вищи. Гьеб битIараблъунги бихьула дида, батIайисан букIинеги ккеларо. Нилъер хIукуматалъул бутIруз абулеб буго Шималияб Кавказалъул лъабго республикаялда кутакалда хIинкъараб, хIалуцараб ахIвал-хIал бугила, цониги къваригIел гьечIеб лъугьа-бахъин ккезе рес бугила. Гьебги кьочIое босун къанун хисизабизе кколила. Дида гьеб мекъаблъун бихьула. Щайгурелъул Россиялъул президент вищизе къваригIараб мехалда хIажатал процентал ракIаризеги, доре - нухмалъиялде - унел кандидатал "цIалкIизеги" ресал гьезул гIемерал руго. Гьединлъидал демократиялъул кьолболаблъун лъугьараб къагIида хисизаби битIараб гьечIо. Халкъалъ вищулев вугони, гьев чиясулъ жиндилъго божилъиги бижула, гьесда бичIчIула гIадамазда цебе жиндирго борч букIинги".

Шималияб Кавказалда рищиял тIоритIизе халкъ жеги букIине кколеб даражаялде бахун гьечIилан рикIкIунеб буго гьеб къанун къабул гьабурал Пачалихъияб Думаялъул депутатаз. Амма Маркъо ШагIбановасул пикру батIияб буго.

Маркъо ШагIбанов: "Гьедин батани, рачIаха гьезухъа Россиялъул президент вищиги, Думаялъул нухмалъулев вищиги нахъе бахъизе. Гьедин батани гьезие гIун батилароха... Гьезие къваригIараб мехалда гьаркьазул 89 процент бихьизабизе гIолеб гьезул даража, жидеего нухмалъулев вищизейищ гIолареб? Гьеб кIиябго пикру данде кколарого буго. ХIукуматалъул позициялъул рахъалъ балагьаниги, гьеб мекъаб буго. Щайгурелъул цо-цо регионал, мухъал батIа тIун рихьизаризе бегьуларо. Гьеб сепаратизм ккола. КъваригIел гьечIел кандидатал цалкIизе ресал гIемер ругелъул. Масала, Ибрагьимов Ибрагьим хъачагъги вугони, гьев президентлъиялде кандидатура лъолевги ватани, абе гьесда дуе цо бакIалде рагьарабго нух бугин, ялъуни мун цо бакIги къан чIайилан".

Цо заманалда аваразул миллияб багъа-бачариялда гъорлъ вукIарав МухIамадов ХIусеница рикIкIунеб буго нухмалъулев вищизе ихтияр парламенталъухъе кьезе кколилан.

ХIусен МахIамадов, жамгIияв хIаракатчи

ХIусен МухIамадов: "Щайгурелъул рачIуна доре дагьа-макъаб кепек-квараги кодоб ккун... Росдал бегавулас абула дуца гьав чиясе гьаракь кьезе кколилан. Бажарулев вукIа, вукIунге, щив ватаниги, кьолеб буго гьаракь. Цойги гьабизе бегьулеб жо буго - дунялалда тIад цогидазги гьабулеб - депутатал гьедизаризе ккола, гьаркьал ракIбацIцIадго кьезе ругилан.

"Аллагьасда божулев чи депутатлъун инаро, щайгурелъул ракIбацIцIадго гьедизеги гьелдаса хадур гьединго ракIбацIцIадго гьаркьалги кьезе кколелъул, Аллагьасда божуларел чагIи ина депутаталлъун. Гьединлъидал къватIиса пачалихъазда гIадин халкъ лъавуде бачIун, унголъунги мустахIикъав чиясе гурони жидеца гьаракь кьеларин чIараб халкъ букIине ккола", - гьедин абула цо-цо дагъистанияз ХIусенил гIадаб пикруялда бан.