2 ноябралда Россиялъул гIелмуялъулгун лъай кьеялъул министерлъиялъ къватIиб загьир гьабуна улкаялда ругел пайда гьечIел цIалул идарабазул сияхI. Гьезда гьоркьор руго Россиялда къуваталин рикIкIунел рукIарал тIадегIанал цIалул идарабиги Шималияб Кавказалъул 11 идараги Россиялъул цIаулул идарабаз рагьарал жидерго филиалазул 25-ябги.
Дагъистаналда гьеб сияхIалде ккун буго цIалул ункъо идараги, 14 филиалги. ГIицIго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъе кьун буго лъикIаб къимат. Гьедин пайда гьечIеллъун рикIкIун руго Чачаналда ругел тIадегIанал цIалул киналго идараби. Санкт-Петербургалъул 40 идараялда гьоркьоб пайда гьечIеблъун рикIкIун буго 10 идара, гьединго Москваялда бугеб къогониги университетгун институтги. Гьезда гьоркьоб буго машгьураб пачалихъияб гуманитарияб университет, Москваялъул педагогикияб университет, Горьковасул цIаралда бугеб литературияб университет.
ЭР-ялъ цебеккун бицухъе, гьеб сияхIалда гъорлъе ккун руго ДГМА, ДГПУ, ДГТУ, ДагГАУ. Медакадемиялъул ректор ГIабдурахIман ГIусмановас бицун букIана гьеб бугин кIиго къоялда жаниб гьабураб мониторинг буго гьеб. Гьедин гIедегIалихъе цIезарулел документазда гъалатI биччан батанин жидер хIалтIухъабаз. Гьединлъидал медакадемиялъул вакилзабазда ракIалда буго киналго рахъал рихьизарун документал цIидасан Москваялде ритIизе.
ГI. ГIусмановас бицаралда дагIба балеб буго Герценил цIаралда бугеб Россиялъул педуниверситеталъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул ректор хисулей Лариса Деревянкоца.
Лариса Деревянко: «Гьеб гьедин бигьаго гьабулеб жо гуро. Чанго соналъ тIатIала гьабураб мониторинг ккола гьеб».
Герценил цIаралда бугеб филиал рехсолеб гьечIо гьеб сияхIалда.
Бицен гьабулеб суал гьоркьоб лъураб данделъи букIун буго 2 ноябралда Дагъистаналъул педагогикияб университеталда. Гьений гIахьаллъарай мугIалим ГIисаева Султанат мукIурлъана ЭР-ялъе жидер гIезегIан гъалатIал рукIиналъе, амма цIалул идара къазе кколин абураб магIналъун бичIчIизе кколарила гьеб.
ГIисаева Султанат: «ХIалтIизе ккола… Руго гъора проблемаби. Цере гьадингосел чагIи росулаан гьенире хIалтIизе. Хас гьабун гьединал чагIазе гIол кафедрабигицин рагьулаан. Амма кигIанго кин гьедин букIаниги, гьагъаб мониторингалъул хIасил хIакъикъияб гьечIо. Университет къанани гьалгуниял гIолилал кире инел? ХIалтIи гуреб, жо гуреб… Нижер гьанире рачIуна аслияб куцалда росулъа гIолилал, мискинал, ресукъал хъизаназдаса лъимал. Медакадемиялда, пачалихъияб университеталда гIадинан бечедал хъизаназдаса лъимал гьанир цIалуларо. Гьединлъидал цодагьа-макъал хиса-басиял гьарун угрони, къазе бегьуларо гьаб идара. Живго гьанже цIияв вачIарав ректор ШахгIабас Шагьовги лъикIав менеджер вуго».
Дагъистаналда рагьараб пачалихъияб гуреб юридикияб университеталъул филиал лъугIун чанго сон буго Гъуниб мухъалдаса Амирханов ШапигIил. Гьес абулеб буго жив цIалулеб мехалда сутдентаз лъай балагьулаанин, гьанже гьездаса гьеб тIалаб гьабулев чиги гьечIого, гьез гьеб квер хьвагIун тун бугин.
Амирханов ШапигI: «ЦIали ришватазде сверун буго гьанже. Нусго чи ватани курсалда, гьезда гьоркьоса 60 чи вачIинего вачIунаро цIалуде. Рихьизего рихьуларо гьел, ахиралда диплом нахъе босизе рачIунел ратани гурони… Жалго бетIергьанал цIалул идарабаздаги пачалихъияздаги программа цого буго. Амма мугIалимзабаз студентаздаса щибго тIалаб гьабулеб гьечIо. Дида лъала медакадемиялда цIалулел лъимал. Гьел цIалула ришваталги кьун. Гьедин цо къоялъ рагIула гьезул кандидатал рахъун ругилан. Гьединлъидал жалго цIалулел рукIарал чагIи киналго хIалтIулел гьечIо, цIалуларел рукIаралин абуни хIалтIулел руго».
Церехун рехсарал гьел цIалул тIадегIанал идараби Дагъистаналда къачIого хутIизе бегьула 7 ноябралде щвезегIан Россиялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министерлъиялде рсепубликаялъул хIукуматалъ хасаб документ битIанани.
Гьениб хъван букIине ккола пуланаб цIаулл идара чара гьечIого къваригIун бугин Дагъистаналъе, социалиябгун экономикияб рахъалъ гьеб цебетIеялъе.