«Хулиганлъилъун» рикIкIарал кьвагьиял

Дагъистан--Махlачхъалаялда ккараб кьвагьиялдаса хадуб унеб цlех-рех

Гьаб соналъул январалъул ахиралда МахIачхъалаялда ккарал кьвагьиязда хварав 8 сон барав Насрудинов ХIажил гIагарлъиялъ ритIухълъи тIалаб гьабулеб буго диваналде гIарзабиги хъван.
МахIачхъалаялда 28 январалда цоцада хадуб ккараб кIиго кьвагьиялда захIматго лъукъун рукIана ХIажиги гьесул гьудул Багъулов Маратги. Марат цодагьалъ цеве виччана азарханаялдаса нахъе, ХIажие кумек гьабизе тохтурзабазда кIвечIо.

ЦIех-рехалъул комитеталъ ккарал кьвагьиязда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьана Уголовияб кодексалъул ункъго бутIаялдалъун: «къануналда данде кколареб куцалда ярагъ цIуни», «къануналда данде кколареб куцалда ярагъ гьаби», «захIматал ругънал лъей» ва «гъалмагъирчилъи» (хулиганлъи).

Хварав ХIажил гIагарлъиялъе рекIее гIечIо гьел бутIабаздалъун такъсир гьабиялъул иш бачин. Гьел разиял гьечIо ккарал кьвагьиязда къануналъул мацIалда «гъалмагъирчилъи» абиялда. Гьел кьвагьиял терактал кколин рикIкIунеб буго Насрудиновасул гIагарлъиялъ. Къануналъул гьеб бутIаялдалъун такъсир гьабиялъул иш бачине гьарулеб букIана гьез цIех-рехчагIазда. Гьеб мехалда хварасул гIагарлъиялъе пачалихъалъул компенсация щвезе букIана. Амма гьезул гьари къабул гьабичIо цIех-рехчагIаз. Гьелдалъун диваналде гIарза кьуна хварав васасул эбел Берсанова Эльмираца.

Насрудинов Хlажи

ХIажил вац Абакар Насрудиновас бицана Эркенлъи Радиоялъе жидеца гIарза цебе МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналде кьун букIанин. Амма диванчияс къотIун букIанин жидер рахъ кквечIеб хIукму. Жинда кIоларин цIех-рехчагIазе буюрухъ кьезе цIех-рех пуланаб къануналда рекъон бачейилан бичIчIизабун буго диванчияс жинцаго къотIараб хIукму.

Советский мухъалъул диваналъул хIукмуялда тIаса Насрудиноваз кассациялъулаб гIарза хъвана Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналде. Гьелъ касскацияги къабул гьабун, Советский мухъалъул диваналде тIадбуссинабуна гIарза. Гьелда хурхун Советский мухъалъул диваналъ хIукму къотIана 25 июлалда. ХIукмуялда хъван буго гIарза къабул гьабизе рес гьечIин, щайгурелъул Уголовиябгун-процессуалияб кодексалъул 125-леб бутIаги хвезабун кьураб бугин гIарзайин. Гьеб хIукмуялда тIасаги кассациялъулаб гIарза кьуна Насрудиноваз ТIадегIанаб диваналде. Диваналъул коллегиялъ гьалкъоязда хал гьабуна гьеб кассациялъул ва хIукму къотIана Советский мухъалъул диваналъул рахъ кквезе.

Кассациялда хурхун тIобитIараб данделъиялда Насрудиновасул адвокат АхIмад Мамаевас бичIчIизабулеб букIана диванчагIазда кьвагьиязда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул иш Уголовияб кодексалъул «теракт» бутIаялдалъун бачине кколин. Гьес абуна Уголовияб кодексалъул 205-леб бутIаялда рекъон кьвагьи букIа, цIаккей букIа – гIадамал хIинкъизариялъе яги гIадамал чIваялъе, гьезул магIишаталъе зарал ккезабиялъе гьарурал тадбирал теракталлъун рикIкIине кколин. «КIиго квагьи ккана. Заралги гьез гIадамазе ккезабуна, гьел кьвагьиял гIуцIаралги лъалел руго», - ян абуна адвокатас диваналъул кколегиялда.

Адвокат Мамаевас абуна ккарал квьагьиязда хурхун интернеталда YouTube сайталда лъун бугин Эльдос Зульфугаровасул хитIаб. Зульфугаров низам цIунулез рикIкIунев вукIана изну гьечIого яргъид гIуцIараб къокъаялъул цевехъанлъун. Гьев чIвана цодагьалъ цеве.
ХитIабалда Зульфугаровас абулеб буго кIиябго кьвагьи жинца гIуцIун букIанин ва гьел кьвагьиязулъ лъимал лъукъизе рукIараллъи жинда лъалеб букIинчIин.
Адвокат Мамаевасул рагIабазда рекъон, гьеб видео гьесда бихьизабун буго цIех-рехалъул комитеталда.

«Щай цIех-рехчагIазе бокьун гьечIеб такъсир гьабиялъул бицен гьабулеб гьеб иш «теракт» абулеб бутIаялдалъун бачине», - илан гьикъидал, Мамаевас абуна цIех-рех чагIазе жидерго статистика хвезабизе бокьун гьечIин.
Адвокатасда рихьулел руго цогидал гIиллабиги. Кьвагьиял терактилан чIезаруни пачалихъалъ компенсация кьезе ккола зарал ккаразе.

Насрудиновазни абулеб буго жидее ккараб зарал сунцаниги бецIуларин, байбихьудаго жидеда тIаде ккараб къоялъул адаб низам цIунулез гьабун букIарабани, диваналдеги жал унароанин.

Пачалихъалдасаги низам цIунулездасаги адаб тIалаб гьабизе Насрудиновал жеги гIарзаби хъвазе хIадурал руго. Амма Россиялъул диваназда гьезда батиладай ритIухълъи? «Батиялда гьанже хьул гьечIо», - ян абулеб буго Хlажил вац Насрудинов Абакарица. Адвокат Мамаевасни абулеб буго, Европаялъул диваналде гIарза хъвазе гьанжего байибихьани мекъи ккезе ратиларин.

АхIмад Мамаев: «Довго цIех-рехчиясе хIалтIулъ квекIенал рукIина такъсир гьабиялъул иш «теракт» бутIаялдалъун бачине ккани. Щайгурелъул гьес тIоцебего мекъи гьеб бачунеб букIана гьеб, къануналда рекъечIого. Гьанже диваналъ цогидаб къагIидаялъ иш бачине гьев тIамуни, гьесда хурхунги рагьизе бегьула такъсир гьабиялъул иш, хIалтIудаса нахъе вахъизеги гьев бегьула. Амма диваналъе бокьун гьечIо нижер гIарза къабул гьабизе. Россиялъул диваназда жо ккечIони, инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул диваналде хъвала гIарза».

Квагьиязда лъукъарав 12 сон барав Марат Багъулов, цебе абухъего, араб моцIалда виччана азарханаялдаса къватIиве. Гьезул эбел-инсуцани кибениги гIарза хъвачIо. Гьединго гьезие бокьун гьечIо журналистазе баянал кьезеги. Насрудинов Абакарица абулеб буго жинда рагIанин гьезие низам цIунулез хIинкъаби кьунилан.