Гъоркьиса октябралда бараб чвахунцIадаца кIудияб зарал гьабуна Дербент шагьаралъул ва гьелда аскIор ругел росабазул гIадамазе. ЦIадал балагь сабаблъун анлъго чи гIумруялдаса ватIалъана, 600 ялдаса цIикIкIун мина гъанкъизабуна. Зарал ккараз чанго нухалъ лъазабуна жидее тIалъиялъ букIине кколеб кумек гьабулеб гьечIин, амма Дербенталъул администрациялъ зарал ккаразе букIине кколеб куцалда кумекги гьабулеб бугин, цIцIадаца гьабунщинаб балагьалде дандеги къеркьолел ругин абулеб буго.
ШиххIасановасул рагIабазда рекъон, жиндирго къварилъиялъул бицун кумен гьарун гьес Россиялъул ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялдас
ШиххIасанов Кахриман: «Администрациялъ ва Дербенталда бугеб ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул вакиллъиялъ рукъ-бакIалъул суал тIубазе хIукуматалъ бихьизабураб гIарац щвезе кколезул сияхIалда вуго 10 чи, амма дир цIар гьечIо гьениб. ДиегIан (г1ан, г1адин-слитно) зарал ккарал чагIиги шагьаралда гьечIо. ТIалъиялъ жидеего бокьухъе гIуцIулеб буго гьеб сияхI, дихъе щварал баяназда рекъон, гьенире росун руго анцIгоги къогоги соналъ цебего риххарал басриял рукъзазул бетIергьабазул цIарал. Гьез чанго нухалъ гьаруна жидеего рукъзал, амма гьанжеги гьеб гIарцуда гьоркьор чIванги руго гьел». (тут разве не будет его голоса?)
Жив цохIо дагьа-макъаб кумек хIажатазул сияхIалда вукIиналда рази гьечIин, жинца ккани диванханаялде гIарза хъванги кколеб жо тIалаб гьабичIого тезе гьечIилан лъазабулеб буго Кахриманица.
ШиххIасанов Кахриман: «Дихъе Дагъистаналъул ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ бачIараб кагътида хъван буго дун гIумру гьабун вугин 7 Магал къотIнов, амма дир мина Дрожжинил къотIноб буго. Дида бичIчIуларо киб букIараб гьениб гьоркьоб 7 Магал. Что за улица такая) Дида кколеб буго Дербенталъул администрациялъ кумек хIажатазул сияхI гIуцIулелъул дир документазда гъалатI биччан бугин. Гьез дица гIумру гьабун бугеб бакI мекъи хъван бугин. Гьединлъидал комиссиялъул чагIаз 7 Магалалда бугеб пуланаб рукъалъухъ халги гьабун гьелъул бетIергьабазе дагьаб гурони кумек хIажат гьечIин абураб къотIи гьабун букIин, гьеб рукъалъул бетIергьан дун вугилан документалги цIезарун ругилан. Гьедин чияр рукъги тIадхъван, дирго рукъги биххун бакъалда хутIун дунги вуго».
Кахриманил рагIабазда рекъон Дербенталъул администрациялъ ва Дербенталда бугеб ГIорхъолъа ахIвал-хIалазул министерлъиялъул вакиллъиялъ жиндихъ гIинтIамулеб гьечIилан. Дербенталъул бетIер хисулев Алавудин Мирзабалаевас ва Дмитрий Дунаевас жиндица кьоларин гьел суалазе жавабин цин цояс абун, жиндицаги кьоларин жаваб, дов цоясухъе айин цогидас нахъе витIун вугилан.
«Эркенлъи» радиоялъеги Дербенталъул нухмалъиялъухъан баян щвезе кIвечIо. Администрациялъу
19 февралалда Дербенталъул тIалъиялъ хIисаб кьолеб мехалда Алавудин Мирзабалаевас абуна киналго кумек хIажатазул цIарал ва гьезул документал Россиялъул ГIорхъолъа арал ахIвал-хIалазул министерлъиялда ва Россиялъул финансазул министрелъиялда ругилан. Гьеб сияхIалда гьоркьор ругин 8303 чи. Кинабниги гьабураб зарал бахун бугин 400 миллионги 850 азарго гъурщидеян.
МахIмудова ПатIимат