ТΙабигΙияб балагьалъ кΙвекΙараб Дербенталда

10 октябралда чваххун цΙадазе гΙоло лъин кΙанцΙун балагьалде ккараб Дербенталъул ва сверухълъиялда ругел росабазул гΙадамазул цояз гΙарз гьабулеб буго, жал гьанжеги захΙматаб хΙалалда хутΙулел ругин абун. Гьезул рагΙаби тасдикъ гьабулеб буго жидеего бокьун кумек гьабулел гΙолохъабазги бакΙалъулал журналистазги.
ТΙабигΙигΙияб балагьалъ анлъго чи гΙумруялдаса ватΙа гьавигуребги, гьелъ зарал ккезабуна 600-гΙанаб рукΙалъеги. Гьениб лъазабун букΙана гΙорхъолъа борчΙараб ахΙвал-хΙалалъул режим. Гьанже балагь ккун кΙигогΙан моцΙалдаса гΙадамал рази гьечΙо жидее гьабулеб кумекалдаса.

Дербент. Гьадинал рукΙана шагьаралъул къватΙал тΙабагΙияб балагь ккун хадусеб къоялда.

«АнкьгΙанаб заманалъ цебе шагьаралъул нухмалъиялъ лъазабуна, шагьаралъул аслиял къватΙал жидеца рацΙинарунин, ругел ресазда рекъон, зарал ккаразе гΙарацги биччанин. Жидер минаби тΙуранго риххарал гΙадамал федералияб гΙарцихъ балагьун чΙезе ккезе ругин абун. Гьезул рагΙабазда, шагьаралда 40-гΙанаб минаялда жаниб гΙумру гьабизе бегьулеб гьечΙо, гьел риххизаризе ккезе руго. Гьелда хурхунги баянлъи гьечΙо, гьезул бетΙергьабазе гΙарац кьезейищ яги цΙидаса гьезие минабийищ разе ругелали. Амма мухΙканаб жо ккола цо: хасел тΙаде щолеб буго, гΙадамазул цо къадар гьанжеги къватΙиб хутΙулеб буго.» Гьедин бицана нижер программаялъе «Площадь свободы» абураб газетаялъул бетΙерияв редактор МахΙамад ХанмахΙамадов МахΙамадица нижер программаялъе комментариял гьарулаго.

ХанмахΙамадов МахΙамад: «Гьеле хасел щолеб буго. ГΙемерисел гΙадамал хутΙулел руго гΙагарлъиялъухъ, мадугьалзабазухъ, гьалмагъзабазухъ. Жидерго рукъзабазухъе нахъ руссине рес гьечΙо. Рукъазаби цΙорорал, регьарал руго. ГΙемерисел гΙадамазе гΙолеб гьечΙо квен-тΙехх, хинаб ретΙел ва цогидаб. ТΙабигΙияб балагь ккараб мехалда цоял тΙад ретΙун букΙарабгун къватΙире кΙанцΙана, щибниги цадахъ босизе щвечΙо. Волонтераз жидерго хΙалтΙи гьабулеб буго. Амаа гьеб гΙолеб гьечΙо. Гьезда гΙаммаб мацΙ батΙун гьечΙо дербенталъул хъулухъчагΙазулгун. Информалатазда гьелъул бицунебги букΙана.»

Жакъа жалго ругеб хΙалалъул нижер программаялъе бицана шагьаралда гΙумру гьабун ругел гΙадамаз. Гьадин бихьулеб буго жидерго ахΙвал-хΙал Наида Керимовалда.

Керимова Наида: «Жакъа ниж ахΙун рукΙана федералияб гΙарац кьеялъе кагътазда гъоркь гъулбасал лъезе. Ниж гьеб сияхΙалде ккараб къагΙида буго. Гьелда рекъон, нижер хъизаналъе кьолеб бугин ккола 200 азарго гъурущ. Гьанже нижее кумек гьабулеб бугин, абизе бегьула. Нижер минаялъе гьедингΙанго кΙудияб зарал ккун букΙинчΙо. Амма шагьаралда гΙемер руго гΙадамал, жидее кумек къваригΙун бугин абулел. Руго цо бакΙал жидер гΙадамал сияхΙазде ккечΙел. Абулеб буго гьезул прописка, регистрация гьечΙин. ЦΙиял минабазул регистрация гьабун гьечΙин гьанжегиян. Амма гьелгигурищ балагьалде ккун рукΙарал.»

Дербенталъулав Мирзоев Темерланица абулеб буго, жидее кьунила 25 азарго гъурущин. Амма гьеб ганчΙил машина босиялъегурони гΙечΙин.

Мирзоев Темерлан: «Дир рукΙалъул къедал кьватΙ-кьватΙана. Рукъалъул гъоркьбакΙ тΙубанго лъеде гъоркье ккун букΙана. Кумек гьабизе бугин абулеб буго. Амма дир документал рилизарун руго дора. ЦΙидаса гьел документал ракΙаризе кколеб буго. 25 азарго гъурущни кьуна дие. Гьеб гΙарцихъ ганчΙил машина босана, сундуеха гьеб гΙарац гΙолеб! Дун гьанже бащадаб нухда хутΙун вугин, абизе бегьула. Хасел тΙаде щолеб буго. БитΙараб бицани нух бацΙинабуна. Рукъзабахъе унел болъаби гьанжеги гьарун гьечΙо, нижер минаби щобгΙадаб бакΙалда ругелъул.

Нижее кумек цΙакъ къваригΙун буго. Федералиял сияхΙал гьарун кумек гьабизе бугин абулеб буго. Гуманитарияб кумекалъул бицани, абулеб буго лъиелиго кьун бугин, кΙиго-лъабго нухалда дун щун вукΙана администрациялде. Гьез рагΙи кьолеб буго, РагΙаби кьей гуреб, нижеда бихьулеб жо гьанжеги гьечΙо. Байбихьудаго дида бихьун букΙана цо машина. Гьениб ханжу бикьулеб букΙана, сияхΙазда рекъон. Гьеб сияхΙалда нижер къватΙ букΙинчΙо. Хадуб букΙине батила."

Мирзоев Русланицаги абулеб буго жидее щванин республикаялъул кумекин. Амма гьелъ гΙиссиналгурони проблемаби рагΙалде рахъинаруларин.

Мирзов Руслан: «Республикаялъул кумек щвана. Федералияб щвезе ккани, документал рилизарун руго гьез. Бащадал гΙадамазул документал рилизарун руго. Кагътал цΙидаса ракΙаризе ккезе руго. Лъаларо дида, кигΙан ниж рекерахъдизе ккезе ругел, гьел гьеб гΙарац щвезе ккани. Цингиги гьел кагътал ракΙарулагоги чанго къоялъ чΙитΙиралда чΙезе ккезе руго ниж.

Дир минаги кьватΙ-кьватΙун ана. Бакъвазабуна хΙалица. Киреха ниж ине рукΙарал гьеб гьабичΙони?! Чанги гΙадамазул минаби тΙуранго риххана. Гьел къватΙир хутΙун ругин абизе бегьула. Гьезие рукъзабиги ккун гьечΙо гьанжеги. Гьезие гьабулеб кумекги къабихΙаб буго. Гьединал гΙадамал доб хъалаялъул къедалда аскΙорехун руго. Гьале нужее 25 азарго гъурущ кьуна, лъугΙана ищ! 25 азаргоялъухъ жакъа рукъ кквезе кΙолищ? Гьелъухъ 6-7 азарго гъурущ бахъулеб мехалда. У, бажарараз ккун руго рукъзал, цогидалин абуни, ругоха гΙагаразухъ, мадугьалзабазухъ.»

Информалатазда ахирисел къоязда бицунеб буго шагьаралъул нухмалъиялъ волонтеразде гΙайиб гΙунтΙизабулеб бугин, гьез шагьаралда лъугьа-бахъунелда сверун къваригΙунареб ажиотаж багъаризабулеб бугин абун. Нижер программаялъе комментариял гьарурав, жакъа Дербенталад авугев Москваялдаса Артем Айвазовас абулеб буго, жидеца кинабгΙаги ахΙи-хΙур бахъинабичΙин, инфоралатазул сауалазе жавабал кьолеб мехалда битΙараб бицунгурони. ЗахΙмалъиялде ккарал гΙадамазул жакъасеб гΙумруялде балагьун, оптимистиял лъазабиял гьариялъе кианбгΙаги багьанаги гьечΙин жубана буго гьес.


Артем Айвазов, гражданияв хΙаракатчи, волонтер

Артем Айвазов: «Информаалатаз ахΙи-хΙур бахъинабун хадуб, хъулухъчагΙаза байбихьана хΙалтΙи жигарлъизабизе. Амма, гΙаммаб къагΙидаялда ахΙвал-хΙал беццизе бегьулеб гьечΙо. ЦΙакъ гΙемер проблемаби руго, гΙадамазул кΙудияб къадаралъул руго проблемаби. Дун гьанже вуго ЗОС абураб Дербенталде гъорлъе унеб росулъ. Гьенир бащадал гΙадамазул гьечΙо регистарация. Гьанив вуго нусгогΙанав чи. Гьелги балагьалде ккун руго, гьезие кумек гьабулеб гьечΙо. Гьезул гΙадамал ун рукΙана жакъа шагьаралъул администрациялде. Гьел къабулцин гьарун гьечΙо, жидер кинабалиго комиссия бунгинги абун.»