Коррупция: иргадулав щаклъи бугев

Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр хисулесе - рукъалъул туснахъ Лъай кьеялъул министр хисулев Идрис Мусаев 19 сентябралда хIалтIуде вахъинчIо. Низам цIунулез абуна цIех-рех лъугIизегIан гьев рокъоса къватIие виччачIого тезе вугин.
Жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, пачалихъалъул гIарцуе хIилла-макруги гьабун гьес тIокI гьабун буго кIиго млн-са цIикIкIун гъурущ. Гьеб ишги гьес гьабун бугила жеги кIиго чигунги рекъон. Гьел ккола мугIалимзабазул махщел камил гьабиялъул институталъул кассирги бухгалтерги. Гьезул цIарал жеги баян гьарулел гьечIо низам цIунулез. Гьанже ахиралда министр хисулевлъун тIамизегIан Идрис Мусаев вукIана гьеб институталъул директорлъун. Гьесул гьудул кколев вуго чанго къоялъ цевегIанги лъай кьеялъул министрлъун вукIарав Артур ТIалхIатов. Гьез кIиязго рагьараб школа ккола жалго бетIергьанаб «Гулливер» абураб школа. ГIезегIан лъикIаб лъайги кьолин абула гьениб.

Директорлъун вукIаго Идрис Мусаевасда цадахъ мугIалимзабазул махщел камил гьабиялъул институталда хIалтIарай Раисат ГIабдулаевалъ ЭР-ялъе абуна жал кутакалда гIажаиблъизарунин гьеб хабаралъ. Щайин абуни жидер институт гьедин гIемер гIарац бугеб бакI кколарила.

Раисат ГIабдулаева: «Лъалароха, гьединаб гуреб жо сабаблъун жиндирго къимат хвезабилебищ Идрис Мусаевасищали. ГIарцул рахъалъ щибниги абизе кIоларо. Амма гьев гIадав лъай бугел чагIи дагьал руго нилъер республикаялда. ЦIакъ мугIалимзабаздаги ракI унтарав чи вуго гьев. Мукъсанал харжал щолел гьезие кумек гьабейиланги лъазабулаан гьес. Нагагьлъун мугIалимзабахъа гIарац бакIарулеб батани, кутакалда тамихIги гьабулаан. Гьелъие гIоло лъица букIаниги гьесда бецIулеб жо бугищали лъаларо. Гьедин, ниж гIадал гIадатиял чагIаз гьесда абизе жо букIинчIо. ЦIех-рехчагIаз жидерго рагIи абиларищха хадуб».

Амма низам цIунулезул рагIабазда рекъон, мугIалимзабазул махщел камил гьабиялъул институталъул директорлъун вукIаго Идрис Мусаевас хIалтIухъабазе премиял кьунинги абун тIокI гьабун бугила кIиго млн гъурущ. Гьеб хIужаялъул сан гьабулеб гьечIо цо-цояз. Щайин абуни Дагъистаналъул даражаялда босани, гьеб кIиго млн гъурущ гьединаб кIудияб хIилла-макру гурила, масала, нусго млн бикъарав Хъумторхъала мухъалъул нухмалъулесда данде ккун. Гьединго млн-лде гIагарун гъурущ бикъиялда щаклъи буго Рутул мухъалъул нухмалъулесда.

Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповас батIи-батIиял тадбираздагун интервьюязда абулеб буго жинца байбихьун бугин чорокал хIакимзабаздаса республикаялъул тIалъи бацIцIад гьабизе. Гьелъие Россиялъул президент Владимир Путиницаги нух кьолеб бугин жиндие. Гьедин абуна гьес гьал къоязда Новгород мухъалда тIобитIулеб халкъазда гьоркьосеб «Валдай» абулеб клубалъул данделъиялда. Гьедин республикаялда гьанже къойилго гIадин рагIизе бегьула пуланав министр яги цогиги хIакимчи кквезе вукIиналъул хIакъалъулъ баянал. Гьедин 19 сентябралда баккана цеве цо мухъалъул нухмалъиялда вукIун гьанже цо кIудияб идараялъе нухмалъи гьабулев ва политик хIисабалда лъалев чи Чачаналде тIурун вугин абураб баян.