Авторасул ихтиярал: «Лезги газеталъул» журналист бергьана диваналда

«Лезги газеталъул» журналист МухIамад Ибрагьимов бергьана «Дагестанская правда» газеталдаса. Гьелъул бетIерай редактор Бурлият Токбулатовалда тIад анцIазарго гъурщил гIакIа къотIана. Гьес тIалаб гьабулеб букIана 150 азарго гъурущ. Амма МухIамад Ибрагьимовас абулеб буго жиндие гIарцул гурила ургъел букIараб.
Хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовасухъа босараб МухIамад Ибрагьимовасул интервью гъоркь тIубан батIияб цIарги лъун бахъун буго «Дагестанская правда» газеталъ. Гьеб щай гьедин гьабурабин цIалидал, мун жидер хIалтIухъанги гурин, жидеца дуе АхIмадов МухIамадихъа интервью босизе тIадкъайги кьун букIинчIин жаваб кьун буго бетIерай редакторалъ.
ПалхIасил, жидеца гьениб гъоркь АхIмад ХIасанов абун цIар лъунин, гьеб жидер газеталъул псевдоним букIиналъ, лъезе бегьилищан, живго дов интервью кьолев МухIамад АхIмадовасдаги гьикъанин абуна «Дагестанская правдаялъул» юристалъ диваналда. Интервьюялъул автор МухIамад Ибрагьимовас МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул диваналде хъван букIана гьезда тIасан гIарза.

Авторасда гьикъичIого, цIар хисизехъин бугилан, интервью кьурав чиясда щайин гьикъарабин абидал, жиндие юристалъ гьадин жаваб кьунилан бицунеб буго ЭР-ялъе МухIамад Ибрагьимовас.

МухIамад Ибрагьимов: «Интервьюялъул цIикIкIарасеб бутIа букIунила гьеб интервью кьурав чиясул. Мун вугила гIицIго гьесие суалалги кьун, гьеб кагътиде босарав чи. Цинги диванчияс гьелда абуна гьеб хIалтIул цохIо процентгIаги авторасулги бугел, гьедин гьесдаги дандбазе кколаанин нужеца гьеб суал. КIицIулниги диваналде ахIун вукIана живго АхIмадовги. КъваригIелалъ кивеяли ине кколилан, гьес инкар гьабуна диваналде вачIине. Цинги лъабабилеб нухалдаги гьев вачIинчIеб мехалда диванчияс хIукму къотIана.

Дица диваналде гIарза хъвачIогогицин телаан, гьей диде тIаделъичIеяни. Техникаялъул гъалатIгIаги ккун батилилан, тIоцеве дун «Дагестанская правдаялъул» редакциялде индал, гьезул редактор лъугьана дида пахруго кIалъазе, жидер гьединаб ихтияр бугин – макъалабазда гъоркь бокьарав чиясул цIар лъезе. Живго республикаялъул бетIер Рамазан ХIажимурадович гьаниве гьардезе вачIанигицин жинца газеталъухъа гъалатI кканилан, мукIурлъун баянги кьезе гьечIилан чIана гьей. Гьедин батани, дидаго лъикIин кколедухъ гьабилин дицаги абуна».

Гьедин батани, редакциялда хIалтIуларевщинав чияс рачIарал макъалаби «Дагестанская правдаялъ» ургъун рахъарал цIаразда гъоркь рахъулел ругин абураб хIукмуялде вачIун вуго МухIамад.

Жинда тIасан диваналде гIарза хъварав журналист дуца хIалтIуда щай толевин абизе жидер «Лезги газеталъул» бетIерав редакторасухъе ячIун йикIанин Бурлият Токболатовайин бицана МухIамад Ибрагьимовас.

«Дагестанская правдаялда» тIасан диваналде гIарза хъвазе хIадурулев вуго цеве гьенивго хIалтIулев вукIарав ГIабдулафис ИсмагIилов абурав журналистги. Жинца гьеб гIарза Кремлялде информалатазда хурхараб идараялде хъвалин абулеб бугила гьес.

Дагъистаналда гьедин журналистаз цоцазул макъалаби рикъарал хIужаби тIатаниги, диваналде гIарзаби хъвалеб гIадат гьечIо. Цояз гьеб бихьичIеб ххвел гьабун тола, цогидаз иш маслигIаталдалъун лъугIизабула.