Политикияб миллатчилъийищ, миллатчагІазул политикайищ?

Москва. 2011 соналъул 22 октябрь. "ГІела Кавказ хьихьараб!" абураб миллатчагІазул митингалда

Шималияб Кавказалда унеб рагъулаб дандечІеялъул хІасилалда ва гьоркьоса къотІичІого унел хасал операциязда гІемерал инсанасул ихтиярал хвезариялъул хІужабаз дагъ-дагьккун Россиялъул пачалихъалде ва гІурусазде рокьукълъи бижизабулеб бугилан рикІкІунеб буго цо-цо социологаз ва журналистаз.
Ахираб заманалда Россиялъул ва дунялалъул прессаялда гІемер дандчІвала чанго соналъ Шималияб Кавказалда унеб бугеб рагъулаб дандечІеялъул анализ гьабулел материалал. Гьел материалазда кьолел баяназда гІемерисел гІалимзабаз ва специалистаз рикІкІунеб буго рагъул хІасилалда гІемерисел кавказалъулазул пачалихъ хІисабалда Россиялде ва гІурусазде рокьукълъи бижун бугилан. «Тайм» газеталда бахъараб «Рагъухъабазул клуб» абураб макъалаялда бицунеб буго Хасавюрталдаса гугарухъаби Адам ва Бувайсар Сайтиевазул хІакъалъулъ. Автор Саймон Шустерица рикІкІунеб буго Россиялъул байрахъалда гъоркь лъабцІул Олимпиялъул чемпионлъун вахъаниги, Бувайсар Сайтиевас ва гьесул цІаралда бугеб гугариялъул школалда ругел спортсменаз Россия жидер ватІанлъун рикІкІунеб гьечІилан. Рехсараб школалда киналго цоцалъ кІалъалел руго чачан мацІалъ, гьезул гІемерисел унел руго гІурус школазде гурел, исламияб лъай босизе мадрасалдеян хъвалеб буго гьес. Авторасда гьелъулъ бихьулеб буго Россиялде рокьукълъи.

Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго гІалимчи, тарихиял гІелмабазул доктор Доногъо ХІажимурадица Эркенлъи радиоялъе кьураб баяналда. Гьес рикІкІунеб буго Россиялъул тІалъиялда асар гьабулел миллатчагІаз тІадеги Россиялде рокьукълъи бижизабулеб бугилан:

Доногъо ХІажимурад

Доногъо ХІажимурад: «Беццав чиясда гурони бихьунгутІизе рес гьечІо кавказалъулаздехун бугеб рокьукълъи. Гьеб бихьулеб буго информациялъул алатаздаса ва цоги регионазда кколел лъугьа-бахъиназдаса. Пачалихъалъ ургъунго гьабулеб политика гьеб бугиланги кин абилеб, кинаб пачалихъалъе бокьилеб гьединаб жидее хайир гуреб политика гьабизе? Руго хасал политикиял къуватал Россиялъул тІалъиялда жидеего пайдаялъе миллияб суал борхулел, миллияв тушман валагьулел. Гьединав тушманлъун гьезда кавказалъулав вихьизавулев вуго, гьелдаса политикияб рахъалъ кІудияб пайдаги буго рехсарал къуватазе. Кавказалъулав жанив вугеб бокьараб лъугьа-бахъиналда аскІоб кІудияб ахІи-хІур бахъулеб буго, гьединабго лъугьа-бахъиналъулъ батІияб миллаталъул чи вугони гьеб бихьичІого хутІулеб буго. Гьелдаго данде кавказалъулазулги бижулеб буго рокьукълъи Россиялдехун ва гІурусаздехун. Дида гьеб бихьулеб буго дица гІумру гьабулеб Дагъистаналда, дунгун кІалъалел чагІазулъ, цадахъ хІалтІулезулъ, гьез гьабулеб ва бицунеб жоялъухъ балагьарабго. Гьеб кинабго бихьулеб буго. Щибниги лъикІаб Россиялъул тІалъиялъ Кавказалдаги гьабулеб гьечІо, социалияб, политикияб, лъай кьеялъулаб, культурияб ва гьел гурел цоги рахъаздалъун босаниги. Гьеб буго дир пикру…».

Дагъистаналъул гІолилазда гьоркьоб гьабулеб цІех-рехалъул хал гьабураб мехалъ бихьулеб буго тІадеялдаса тІаде жал россиялъулал ругилан рикІкІунел чагІи дагьлъулел рукІин. Гьединал баянал кьолел руго Дагъистаналъул гІелмияб централъул социологиялъул бутІаялъул нухмалъулев ГІабдулагатов Заидица.

Загьид ГІабдулагатов

ГІабдулагатов Заид: «Гьеб цІех-рех нижеца гьабун букІана І999 соналъги, 20ІІ соналъги. Суал букІана, щивлъун дуца мун рикІкІунев тІоцебесеб иргаялда абун. І999 соналъ тарихал рукІана гьадинал: дун россиялъул гражданин – 36 гоялдаса цІикІкІун процент, дун дагъистанияв – 33 процент, дун дир миллаталъул вакил – 25 процент ва дун бусурбанчи вуго абураб жаваб – 22 го гун бащдаб процент. Бищун дагьаб къадаралъ тІоцебесеб бакІалда лъолеб буго динияб рахъ. 20ІІ соналъ гьеб хисана. Динияб рахъ бачІана тІоцебесеб бакІалде – 71 проценталъ рикІкІунеб буго жал тІоцебесеб иргаялда бусурбаби ругилан. ЦІех-рех гьабулеб букІана гІолохъанаб гІелалда гьоркьоб. Гьел тарихаз бицунеб буго Дагъистаналъул гІолилазул пикру кутакалда хисун бугин ахираб анцІго соналда жаниб. АнцІго соналъ цебе тІоцеве дун россиялъул гражданин вугилан рикІкІунеб букІун батани, гьанже бусурбанчилъи лъолеб буго цебесеб кьерда. Гьединабго ахІвал-хІал буго тІубанго Югалъулаб Россиялда. Гьелъие гІиллаги дица рикІкІуна гьаниб бугеб динияб дандечІей ва ахираб заманалда цІикІкІунеб бугеб миллатчилъи. Россиялдехун ва гІурусаздехун рокьукълъи бугилан дица абиларо, амма цо хІалуцин буго».

Гьал къоязда «Черновик» газеталъул сайталда тІобитІулеббуго цІех-рех. Суал буго гьадинаб: Россиялъул гимн ахІулеб мехалъ тІаде рахъизе кколилан рикІкІунищ нужеца абун. Гьениб гІахьаллъи гьабуразул 5І проценталъ рикІкІунеб буго тІаде рахъизе кколарилан. Гьебго газеталъул хІалтІухъан МухІамадов МухІамадица рехсараб цІех-рехалъул хІакъалъулъ бицана, гьеб цІех-рехалъул хІасилаз бихьизабулеб бугин тІадеялдаса тІаде пачалихъ хІисабалда Россиялдехун ва гІурус миллаталде дагъистаниязул рокьукълъи бижулеб букІин.