25 соналъ цебе Афгъанистаналда нахъе рачана Совет Союзалъул рагъул контингент. Доб мехалда абулеб букIана, гьенире ритIарал рагъулал интернационалияб борч кьезе анин. Пачалихъалъ рагIи кьун букIана, гьенисан нахъе руссарал солдатал кIочене тезе гьечIин.
15 февралалда МахIачхъалаялда "афгъаналъулазулин" цIар лъураб ахикь данделъун рукIана гьениса руссарал херал солдатал. Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналдаса ункъазарго чи витIун вукIана гьениве хъулухъ гьабизе. Гьезда гьоркьоса 141 солдат камуна гьенив. Бихьиназда цадахъго 30 чIужугIаданги йикIана гьений - тохтурзабилъунги цогидаб махщалил чагIилъунги. Афгъаналъулаз санайилго гIадин исанаги ракIалде щвезаруна рагъул соналги, бицана пачалихъалъ жидее чIезаруларел шартIазулги.
Бицуна Россиялъул цогидал регионазда бакIалъул нухмалъиялъ афгъаналъулаздехун батIаго квешаб бербалагьи гьабуларилан, амма Дагъистаналъул афгъаналъулал кутакалда рази гьечIо гьездаса. Гьединлъидал ругел масъалабазул улкаялъул президент Путинида бицине лъелго ине кканиги Москваялде ине хIадур ругин жалилан хъвалеб буго фейсбукалда ПатIимат Геличовалъ. Росасда цадахъ гьейги ягъана Афгъанистаналда.
Дагъистаналъул афгъаналъулазе чара гьечIого гIолареб жо буго, тIоцебесеб иргаялда, жанир чIезе рукъзалги, кIиабилеб иргаялда - сахлъи щула гьабиги. Гьедин бицана ЭР-ялъе сакъатлъарал афгъаналъулазул суал тIубалеб гIуцIиялъул нухмалъулев МахIмудов МахIмудица.
МахIмудов МахIмуд: "60 рукъги бугеб мина бан буго нижее. Амма кида ва лъие гьеб щолебали лъалареб хIалалда буго иш. Гьелъие гIоло комиссия гIуцIулеб буго. Гъоркь вукIарав республикаялъул нухмалъулес абун букIана февраль-марталда кьезе ругин гьенир рукъзал. Гьанже тIалъиялда хиса-басиял ккун хадур щиб букIинебали лъаларо. Мина барал чагIазни абулеб буго 40 млн гъурущги кьун гьечIин жегиян. Шагьаралда ругел афгъаналъулазе кьезе ругин гьел рукъзалилан абураб хIукму букIанаха доб мехалда, захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министрлъун дов цояв вукIаго".
Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъул баяназда рекъон, рукъзал кьезе руго 2005 соналде щвезегIан иргаялда чIун рукIарал афгъаналъулазе. Гьезул къадар гьабсагIаталда 600-са цIикIкIун чи ккола. Гьеб иргаялда гьел чIун рукIана 1988 соналдаса нахъе. Гьелдаса нахъе рикьун руго гIицIго кIиго-лъабго соналда жанир кьезе рихьизарурал гIанасел рукъзал. Гьединлъидал жидеде ирга щвелалде жидер гIемерисел гьалмагъзаби хвелилан абураб рахIатхвей буго МахIмудил.
МахIмуд МахIмудов: "Ирга щвелалде хвезе руго дол. Кида лъугIизе ругел гъол кьун, гьанжелъагIан кIиго-лъабго соналъул ирга гурони цебехун ун батичIони?"
Федералияб бюджеталдасан афгъаналъулазе рукъзал росизе сертификаталъе кьола 400-са цIикIкIун гъурущ. Гьелда тIадеги гьедигIанасебго гIарац кьезе хIукму гьабун букIана цеве республикаялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас.
Афгъанистаналда 141 дагъистанияв чIван ватани, рокъоре щун араб 25 соналда жанив жидер 500 - ниги чи хванин бицана ЭР-ялъе МахIмудица. Дора щварал ругъназул хIасил кколила гьеб. Афгъаналъулал чIорого сах гьарулеб бакI гIицIго Москваялда гIагарлъухъ бугеб "Русь" санаторий буго. Санайилго Дагъистаналъе гьелъ 180 бакI кьола. Амма хъизангун цадахъ унел ругони, 60-70 чиясе гурони бакI хутIулеб гьечIо гьенибги.