Хасавюрт мухъалъул Теречное росдал школа базе биччараб гΙарац бикъиялда щаклъи букΙун, мухъалъул лъайкьеялъул идараялъул хΙалтΙухъабазда ва школалъул нухмалъиялда бан рагьун буго такъсирчилъиялъул иш. Басрияб, цΙалдохъабазе хΙинкъи бугеб школалде жидеца лъимал риччаларин чΙун, 1 сентябралда митинг тΙобитΙун букΙана гьеб росдал гΙадамаз.
Гьеб митингалдаса хадуб гурони Дагъистаналъул тIалъиялда жидер тIалабал рагIичIин, гьеб мехалда вачIанин росухъе Дагъистаналъул экологиялъул в тIабигIаталъул министр ХIасан Идрисовилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Теречное росулъа жамагIатчи МухIамадов МуртазгIалица. Гьеб мехалъ регIанин жидеде киналго хIакимзабиги, цIех-рехалъул идарабигиян лъазабулеб буго гьес.
МуртазгIали МухIамадов: «Нижеца доб акция тIобитIун хадуб гурони рагъаричIо гьел. Гьелдаса хадуб кIицIулниги Дагъистаналъул тIабигIаталъул ва экологиялъул министр вачIун вукIана нижехъе. Гьес рагIи кьунаха гьаб соналда жаниб школа базе байбихьизе. Гьанир хиса-басиялги рукIине ругин лъазабуна гьес, 90 азарго гъурущги биччана гьес школалъул хIажалъабазе. Нижни лъайкьеялъул министрелъиялдаса чагIи рачIиналъухъ балагьун рукIана, рачIинчIоха гьел»
1 сентябралъ тIобитIараб митингалдаса хадуб Теречное росдал гIадамаз жидеца цIияб школа бачIого лъимал цIализе риччазе гьечIин лъазабун букIана. Гьедин цо анкьгIанасеб мехалъ цIаличIого рокъор рукIарал лъимал министр вачIун хадуб гьес гьаризеги гьарун цIидасан школалде риччан руго.
МуртазгIали МухIамадов: «Гьал рачIун дол рачIун лъимал школалде риччайин гаргалел рукIана нижеда. КIицIул министрас абидал гьесда божун риччана. Цин вачIун хадуб анкьидасан цойги нухалъ вачIун вукIана гьев, гьабизе рагIи кьураб кумекги гьабидал, гьесда божун риччанаха лъимал гьенире нижеца. Амма лъималазе цIализе киналниги шартIал гьечIо гьенир, классазда квачан букIуна, гордазда цого цIер буго»
ЦIалдохъабазул эбел-инсуца митинг тIобитIун хадуб, цIех-рехалъул идарабаз Теречное росдал школалда тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда, цIалдохъабазул хIажалъабазе биччараб 230 азарго гъурущ бикъун букIин тIатинабунин, бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъул пресс-секретарь Фатина ГIубайдатовалъ.
Фатина ГIубайдатова: « 20I3 соналъул 4 сентябралда цIех-рехалъул хIалтIухъабаз тIобитIараб халгьабиялдаса хадуб гьеб школалъул нухмалъиялъ 2009 соналдаса бахъараб 20I3 соналде щвезегIан цIалдохъабазе тIахьал ва цогидаб канцелярияб къайи-къоно босизе биччараб гIарац бикъун букIин чIезабуна. Гьеб бикъиялда щаклъи букIун Теречное росдал школалъул ва Хасавюрт мухъалъул лъайкьеялъул нухмалъиялда вугев чанго чиясда Россиялъул такъсиралъухъ тамихI гьабиялъул кодексалъул 60 бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. ЦIех-рех лъугIизегIан гьел чагIазул цIаралги рехсон бажаруларо. ЦIех-рех чагIаз чIезабун буго Хасавюрталда цо тукадаса 230 азарго гъурщиде ккараб къайи босанин документал гьарун рукIин гьез, амма я гьединаб тукен яги магъалаби ракIарулеб идараялда гьелъул гьабураб кинабниги хъваай-хъвагIай батун гьечIо».
ГIагараб заманалда жаниб жидее школа базе байбихьичIони лъица щиб абуниги лъимал цIалдезе риччазе гьечIин лъазабулеб буго Теречноялдса гIадамаз. Гьез абулеб буго 100 чиясе гурони бакI гьечIеб биххун инеб бугеб школалда 300 цIикIкIун цIалдохъан цIализе тей гьеб ургъел гьечIолъигицин гурин гьеб тIалъиялъ гIадамаздехун гьабулеб такъсир бугилан. Жидер гьаниб гурони Россиялда кибго батила къода жаниб ункъго батIияб заманалъ лъимал цIалуле школайилан балуеб буго гьез.