Исанагийищ хасел "ракIалдаги гьечIого" щвезе бугеб?

МахIачхъалаялъул тIалъиялъ тIобитIун буго шагьар хасалиде хIадурлъиялъул суалал гьоркьоб лъураб данделъи. ХIадурун бугищ МахIачхъала хасалиде ва кинал ругел аслиял гIунгутIаби?

24 сентябрялъ МахIачхъалаялъул бетIер МухIамад Сулеймановас тIобитIараб данделъиялда хасалиде шагьар хIадурлъиялъул суалал рорхун руго. Гьединго МахIачхъала хасалиде хIадурун бугищали санайил гьабулеб хал-шал лъугIун буго.Гьедин лъазабулеб буго шагьаралъул пресс-хъулухъалъ. Мэрасул рагIабазда рекъон , жакъа къоялъ МахIачхъала 70% гурого хIадур гьечIо хасалиде. Амма жеги гьарулел хIалтIаби лъугIун гьечIго. Гьесул баяназда рекъон хIадурлъиялъул хал-шал гьабиялъул хIасилалда кьезе буго хIасилазул хитIаб, газалъул , токалъул ва лъел сурсатал гIураб къадаралда хасалил заманаялъ гIадамазе чIезариялъул. Ва гьезда рекъон хIалтIизе ккезе ругила бакIазда ругел коммуналиял хъулухъазул нухмалъиял.

Гъоркьисалалде дандеккун исана МахIачхъалаялда хасалиде хIадурлъи гьабиялъул иш лъикI анин, цересел саназ гьаричIел хIалтIабиги гьарун ругин, тахшагьаралда. Киналниги кIвар бугел бакIазда, масала школазда , лъималазул ахазда хинлъи чIезабиялъе бажарараб жо гьабун бугин шагьаралъул администрациялъгийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул пресс-хъулухъалъул вакил ГIалимирзаева Зайнабица..

Коммуналиял хъулухъазул гIуцIиялъул нухмалъулев МухIамадсаид ХIасановасул рагIабазда рекъон хасаб хIужалъун кколеб буго машинабазул нухал хасалиде хIадур гьари ва гIаздадаса гьел рацIад гьариялъул суал. Гьедин, гъоркьиса нухазда букIараб ахIвал-хIал такрарлъунутIиялъе хIалтIи гьабулеб бугилан бицана гьес.

Гьединго шагьаралъул нухмалъулес абуна Семендералдаги, Ленинкенталдаги цойгидал МахIачхъалаялде гьоркьоре унел бакIазде гIадамазе гIумругьабиялъе санагIалъаби гьаризе, нухал къачIазе, газ бачиналъул суал роцIцIинабизе къваригIун бугин бищун цебе. Гьеб газ бачиналъул хIалтIабиги захIмалъизарулел ругила газалъул чIахIиял турбабазда тIад гIадамаз минаби ран рукIиналъ, гьел риххизарун бажаруларила, цойгидал бакIаздасан гьеб турба бачине кканиги 50 миллион гъурущ гIарац къваригIунилан.

МахIачхъалаялъул коммуналиял хъулухъазул гIуцIиялъул нухмалъулев Салаудин ТIагьаевасул рагIабазда рекъон, хасалиде хIадуриялде квекIен кколеб буго шагьаралда гIемертIалаял минабахъ къануналда рекъон газ ва ток бачун гьечIолъи. Мисалалъе, гьединаблъун кколеб бугила Энгельса къватIалда бугеб гIемертIалаяб цо мина. Гьениб I0 соналдаса цIикIкIун заманаялъ бикъун бачараб газалъул турпаби рукIун руго. Гьанже гьел хинлъиги газги гьечIого хутIун руго.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна гьединазул цояблъун кколеб минаялъуб гIумру гьабулев МухIамадов Рашидгун

Гьесул рагIабазда рекъон, гьес рукъ босаралдаса коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьолеб букIун буго моцIи-моцIие, амма гьанже кибе жиндир гIарац арабали лъаларого вуго гьев. Гьес бицана жижеда тIад 30 азарго гъурщил гIакIа къотIун бугин, амма жиндир гIайиб жинда бичIчIуларогон бугин. МухIамадовас бицана лъабго моцIидасаги бугин жидер газ ва хинаб лъим гьечIогон, кида гьеб биччалебалеги лъаларогон бугин.

МахIачхъала шагьаралда гIумру гьабулей Муслимова ПатIиматица бицана жинца гIумру гьабулеб бугин гIемертIалаяб минаялда. Хинлъиялда хурхал квекIенал рукIунарин, амма коммуналиял хъулухъазул хIалтIухъабаз хIалтIи гьабунгутIиялъул хIужаби гIемер рукIунин. Гьадин баян гьабуна гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Муслимова ПатIимат: «Жилищное управлениялъ хIалтIи гьабунгутIи буго квеш ккараб жо. Хинлъи гьечIогон букIунаро, амма щибниги хвараб бекараб жо бугони, гьез къачIаларо. Жидеца кIалтIа стояк бугеб бакIалде щвезегIан гурого гьабизе кколарин агъазилан абула».

Учхозалда гIумру гьабулей МухIамадова ГIайшатица бицана жидер аслияб унтилъун кколин лъим гьечIолъи. Хасго хасало турпабиги цIорон лъимги тIагIун хутIулин.

МухIамадова ГIайшат: «Нежее лъим лъабго къоялда жаниб цо нухалъ гурого букIунаро. Яги анкьида жаниб цо нухалъ. Хасало тIубан тIагIуна лъим. Нижеца цIехедал, гьеб лъим нижеда нахъасан теплицаялъ бикъулеб бугилан абуна. ГIарац бакIаризе рачIуна коммуналиял хъулухъазул хIалтIухъаби. Лъим гьечIониги бугониги батIалъи гьечIого. Жидеца лъим гьечIолъиялъул жаваб кьезе кколарилан абула»

Гьел тайпаялъул гIарзал гIемер ругин гIадамазул, амма киназдаго бичIчIулеб бугин Амировасул заманаялдаса ирсалъе щварал гIунгутIаби цо соналда жанир лъугIизарун бажарулареблъийилан рикIкIунеб буго экспертаз.