ТΙабиг1иял балагьал: лъида божунха рукΙинел?

Дагьалъ цебе Краснодаралъул ракьалда букΙараб лъим кΙанцΙиялъул хΙасилалда ккарал лъугьа-бахъиназдаса хадуб гΙемерисел регионазда гΙадамал ургъизе тΙамуна жалго цΙунун ругищ гьединал тΙабигΙиял балагьаздаса абураб суалалда тΙад.
Дагъистаналда тΙабигΙиял балагьал къанагΙатаб ишлъун кколаро. Дагьалъ цебе Хунзахъ мухъалда горо баялъул хΙасилалда хвана гΙемерал гΙадамазул ххурдул ва пихъ. Гьениб гΙумру гьабулел гΙадамаз бицунеб буго ракΙалдаго гьечΙого тΙаде бараб гороялъ гьабураб заралалъухъ пачалихъалъ кумек гьабиялда божун гьечΙилан. Хунзахъ росулъа Абакарова ПатΙиматица бицунеб буго жиндир ахикь кинабго пихъ хванин ва хурил рижарал помидор-охцерал ва хъапустΙан тΙубанго гъуранин ва гьеб зарал Аллагьасул хъвай абун тани гурони жинда гьабулеб жо лъаларин.

ГΙадамазе пачалихъалдаса кумек щвеялда ва гьединал лъугьа-бахъиназда цΙуниялда божун гьечΙо журналистка ХΙуризада Камаловаги.

Камалова ХΙуризада: «Жакъа къоялъ тΙалъи гΙадамаздаса батΙа тΙун бугеб гΙадинаб ахΙвал-хΙал буго. Гьединал тΙабигΙиял балагьал ккарабго гьеб жеги лъикΙго бихьулебги буго. Дун кидаго божарай гьечΙо захΙматал ахΙвал-хΙалазда тΙалъиялъ жал цΙуничΙого гΙадатиял дагъистаниял цΙуниялда. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго гΙемерисел нилъер тΙалъиялда ругел хΙакимзабаз ва бизнесменаз улка тун къватΙиб гΙумру гьабизе шартΙал ралагьулел рукΙиналъ ва гьезул бизнессги рукъзалги регионалдаса рикΙкΙад рукΙиналъ, ай гьел рухьарал гьечΙо жидерго ватΙаналде, бокьараб мехалъ ине къачΙан руго. Крымск шагьаралда ккараб гΙадинаб балагь гьанибе бачΙунгутΙиялдаги дун божуларо. Гьелда релълъарал лъугьа-бахъинал гьанир рукΙана, додигΙан гΙемер чи хварал ккечΙониги. Чанго нухалъ букΙана мугΙрузул росабалъ цΙа ккеялъул хΙужаби, дида лъалеб бакΙалдаса гΙебеде гьел гΙадамазе жеги пачалихъалдаса гΙарац щун гьечΙо. Гьединабго хΙал букΙана Хьаргаби районалда ахал лъелъе арабго. Гьединал лъугьа-бахъинал гьанир щибаб соналъ кколел руго, нилъеда гьел рихьулел гьечΙо».

Россиялъул гΙорхъолъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалазул министерлъиялъул Дагъистаналда бугеб идараялда Эркенлъи радиоялъе бицана гьединал тΙабигΙиял балагьазда данде чΙеялъе гΙоло щибаб къоялъ ругьун гьарулила хΙалтΙухъаби. Щибаб мухъалъул ва чΙахΙиял росабазул нухмалъулезда лъазабула гΙорхъолъа рорчΙарал ахΙвал-хΙалал рукΙине рес бугеб мехалда, телевидение, радио, газетал ва интернет-сайтал кумекалъе хΙалтΙизарула, гьоркьоса къотΙичΙого гΙадамазда бичΙчΙизабула цΙа батаниги, лъим кΙанцΙи батаниги гьединал ахΙвал-хΙалазда данде чΙезе хΙадурун рукΙиналъеян бицана рехсараб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ГъазимухΙамадова Тамилаца. Гьебго идараялъул хΙалтΙухъан ГΙумаров Баширица рикΙкΙунеб буго тΙабигΙиял балагьаздаса щалниги цΙунун гьечΙин, гьединал лъугьа-бахъинал ккарабго дагъистаниял цебесеб кьерда рукΙунин ва захΙматал ахΙвал-хΙалазда цоцае хΙалае ратулин.

ГΙадатиял дагъистаниязул пикруялда, Дагъистаналъул тΙалъиялъ ва хасго МахΙачхъалаялъул нухмалъулез гΙадамал тΙабигΙиял балагьаздаса цΙуниялъе гьабулеб хΙалтΙи гΙей гьечΙеб буго.

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда хΙалтΙухъан Ражабова Саида: «Гьаний Дагъистаналда, битΙараб бицани, дида киданиги цΙунун йигилан кколаро. Дун тΙабигΙиял балагьаздаса дагьай хΙинкъула, цΙикΙкΙун хΙинкъула гΙадамазул гΙайибалдалъун кколел балагьаздаса. ГΙумру гьабизе хΙинкъи гьечΙилан гьаниб абун дида абизе кΙоларо. Краснодаралда гΙадаб ахΙвал-хΙал гьаниб ккани щиб букΙинеб дида лъаларо, гьадинго гьитΙинабго цΙад барабгоги МахΙачхъалаялъул къватΙал лъеца цΙун рилълъине кΙолареб хΙалалъ рукΙуна».
Гьей йикΙана МахΙачхъалаялдаса Саида Ражабова.

Эхо Москвы радиоялъул журналист Юлия Латыниналъул пикруялда рекъон гьанжесеб жамгΙияталда тΙабигΙиял балагьал рукΙунаро, гьезда данде чΙезе кΙолеб къуват цебего ургъун буго, руго гΙицΙго социалиял балагьал. Краснодаралда ккараб лъугьа-бахъинги социалияб балагь бугин ва гьелъ Россиялда пачалихъ гьечΙолъи бихьизабунин.