Сахлъи цIуниялъул рахъалда экономия гьабулеб буго

Лъимал школалде ва ясли-ахалде рачиналде цере тIобитIулеб медикияб халгьаби нахъбахъун буго Россиялъул СахлъицIуниялъул министерлъиялъул буюрухъалда рекъон 2015 соналдаса байбихьун . Улбул гьеб хабаралъ рази гьарун ратани, тохтурзабзе рекIее гIолеб гьечIо министерлъиялъул буюрухъ.

Август моцIалъул кIиго ахираб анкь тIехь-къалам босиялдаго цадахъ азарханабазда школалде ритIизе заман щварал лъималазул медикияб комиссия гьабулаго уна эбел-инсул. Кидаго ахирисел къояз гурого гьабуларин тIоцебесеб классалде лъимер иналде цебе медикияб халгьаби, гьебги цо-цояз гIарац кьун, комиссия тIобитIиялъул кагъат босун тIубалин бицунеб буго МахIачхъалаядаса Марьямица. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, МахIачхъалаялда гьединаб документалъул багьа 1000 гъурущ букIун буго 2014 соналъ. Окулист, эндокринолог ва жеги гIемер спецалистаз азарханаялда комиссия гьабизе цо гуреб, чанго къо хIажалъулеб буго.

2015 соналъ Россиялъул СахлъицIуниялъул министерлъиялъ биччараб буюрухъалда рекъон, яслиялде ва школалде рачунел лъималазе медикияб халгьаби тIокIаб гьабизе гьечIо. ГIиллаги гьелъие бугила школалде ва лъималазул ахалде рачун хадурги гьезие диспансерзация гьабулеб букIин щибаб соналъ. Цого хIалтIи кIицIул гьабулеб гIадаб жо кколеб букIиналъ, гьелдаса инкар гьабунила баян гьабулеб буго СахлъицIуниялъул министерлъиялъул хIалтIухъабаз.

Дагъистаналда ругел азарханабазул ресал хIажатазда данде кколарел рукIиналъ, школалде рачиналде цере тIобитIулеб медкомиссия улбузе гуреги, жалго хIалтIухъабазеги захIматаб букIунила, гьелъ мухIканго гьеб тIобитIулин абизеги бажаруларин баян гьабулеб буго МахIачхъалаялъул Лъималазул поликлиникаялъул тохтур Нурият Мусаевалъ.

Мусаева Нурият: « Цере нижеца санайил тIоритIулаан медикиял халгьабиял, МахIачхъалаялда цо азарханаялда хадуб чанго школа ва лъималазул ах букIуна бихьизабураб, мухIканго сахлъиялъул халгьабизе заман гIоларогон букIунаан квекIен, гьанже улбуз жидецагоги бокьараб мехалъ рес буго лъимер тохтурасухъе бачине, риидалил моцIаз букIаниги, хIажат ккараб мехалъ бугониги, лъагIа-лъагIалие школаздаги тIоритIула нижеца лъималазул диспансеризация».

Лъимал школалде ва яслилалде кьелалде гьабулеб медкомиссия чара гьечIого хIажатаб бугилан абулел тохтуралги камулел гьечIо. Сахлъиялъул халгьабулаго цо лъимадулцин унти батун, гьелъие дару-сабаб гьабиялъул кIудияб кIвар бугилан абулеб буго педиатр МалагьитIинова Халуница. Гьелъул пикруялда гьабсагIат хIукуматалъ сундулъго экономия тIалаб гьабулеб буго. Гьеб буюрухъ бахъиялъе гIиллаги цо гьеб гуреб жинда бихьуларила.

МалагьитIинова Халун: « Нижеца халгьабулезда гъорлъ фтизиатрас гьарулел халгьабиязул хIасилалда цо туберкулез бугеб лъимер батаниги, гьеб кIудияб кIвар бугеб жо буго, цогидазде бахиналдаса цIуни ва ригьда дару-сабаб гьабизе щвей. Цебе битIун гьабулеб букIана, гьабсагIат хIукуматалъ экономия гьабулеб буго сундулъго. Гьеб буго гIицIго цо дида бихьулеб гIиллаги, гьел халгьабиял тIоритIиялъе биччалеб гIарац хвечIогон хутIи».

Азарханаялда цIалул сон байбихьилалде цебе букIунеб халатаб ирга букIин бугила гьениб цо аслияб гIунгутIи, амма гьеб суал тIубаялъе медкомиссия гьабииялъе цо-кIиго анкь гуреб, тIубараб рии бихьабизе бегьулаанила рикIкIунеб буго тохтуралъ.

Россиялъул Педиатразул цолъиялъ гьабураб лъазабиялда рекъон, ахирал соназ канлъи дагьлъи, кванирукъалъул унтаби ва психикиял нахъаккеязул къадар цIикIкIун буго школалде ине ригь щварал лъималазда гъорлъ. Масала, 2000 соналада данде ккун канлъукълъи бугел лъималазул къадар, 23 проценталъ цIикIкIун буго 2014 соналъ.