Шималияб Кавказ анкьида жаниб

Лиз Фуллер

Унеб анкьалда Кавказалда ккарал лъугьа-бахъиназул чангоялде кIвар буссинабулеб буго эксперт Лиз Фуллерица. Гьел ккола хамиз къоялда Дагъистаналъул парламенталъ президент вищиялда сверун гьабураб хIукмуги, 1999 соналъул сентябралда Чачаналъ чIезабун букIараб контртеррористияб операциялъул низам нахъе бахъаралдаса ункъго сон инги.
Дагъистаналъул парламенталъ республикаялъул президент парламенталъ вищизе вугин хIукму гьабиялда щивниги гIажаиблъичIин абизе бегьула. Гьениб гьаркьал кьеялде цере жамгIияталда бахIсал ва пресс-конференциял рукIаниги ва гьезда батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел рукIаниги живго республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазаница абун букIана жиндие бокьилаанин рищиял тIолгохалкъалъулал рукIине, амма гьаб сагIаталда гьелъие рес гьечIин ва парламенталъ хIукму гьабухъе рищиялги тIоритIизе ругин.

Гьесул гьел рагIаби хIалтIи гIуцIизе кколеб куцалъул ишаралъул къабул гьабун батизеги рес буго депутатаз.
Кин бугониги, гьез хIукму гьабуна Россиялъул президентас рихьизаризе ругел кандидатазда гьоркьоса цоясул яги, цо вихьизавуни, гьесул кандидатура тасдикъ гьабизе.

Гьелде тIадеги депутатазе бокьун буго гьел рищиял заман щвезегIанго тIоритIизе. Гьединаб гьаригун улкаялъул нухмалъиялъухъе кагъатги хIадурана гьез хамиз къоялда.

Дагъистаналда щибаб анкьица къватIибе бачIунеб «Черновик» газетаялъ жиндирго сайталда гьабун букIана он-лайн цIех-рех. Гьелда лъураб суал букIана гьадинаб: «ГIагарал гIодоркъоязда Дагъистаналда тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIани лъие нужеца гьаракь кьелеб?» абураб. Кьун букIана 10 кандидатасул цIарги.
Гьезул хIасилазде балагьун 61 процент щун букIана МахIачхъалаялъул мэр Амиров Саидие, ГIабдулатIиповасе щун букIана гьаркьазул 21 процент.

Цо-цо блогераз хъвалелде балагьун, гьел божулел гьечIоан гьел хIасилазда. Гьез рикIкIунеб буго Амировас яги гьесул сверухълъиялъ Амировасе гьаркьал кьезе тIамун ратизе рес бугин жидеца асар гьабулел гIадамалин.

Эркенлъи Радиоялъ гьебго сулагун гьабураб цIех-рехалда ГIабдулатIиповасе щун букIана гьаркьазул 64-гIан процент, Амировасе абун 3,3 процент.

Гьаб анкьалда Чачанлъиялда кIвар кьун букIана республикаялда контртеррористияб операциялъул низам нахъе бахъаралдаса ункъго сон тIубаялъе. Гьениб гьеб букIана 1999 соналъул сентябралдаса нахъе.
Щибха ккараб гьелдаса нахъе, дагьлъанищ гьелдаса нахъе республикаялда рагъулал операциял?

Ахираб ункъго соналда жаниб Гакаев ХIусеница нухмалъи гьабулеб изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къукъаялъ гьабун букIана кIудияб хъуй бахъинабураб лъабго гьужум: 2010 соналъул августалда Хоси-юрталде, гьебго соналъул октябралда чачаназул парламенталде ва 2011 соналъул августалда Грозныялде.
Россиялъул аскаразул цо бутIаялъ Чачанлъи 2009 соналдаго тун букIаниги гьениб бокьараб мухъалда яргъидгIуцIаразул бокьараб къадаралде данде антитеррористияб операция гьабизе хIадурал къуваталги жеги руго.

Политикияб ва экономикияб кIваралде дандеккун Чачаналъ контртеррористияб операциялъул режим нахъе бахъиялъул рагъулаб кIвар абизегIан кIудияб букIинчIин абизе бегьула.

Цо-бугони, Рамзан Къадировас республикаялда билъанхъизабулеб репрессиязул ва тIадецуй гьабиялъул политика эффективияб букIанин лъазабун букIана Москваялда, гьебги машгьурай инсанасул ихтиярал цIунулей Эстемирова Наталья жиндирго рукъалъул кIалтIаса йикъизеги йикъун гьебго къоялъул бакъанида чIван нухлул рагIалде рехун ятаралдаса ункъго моцI гурони инчIеб мехалда.

КIиабизе бугони, Грозныялъул аэропорталъе кьун букIана халкъаздагьоркьосеб аэропорталъул статус. Гьелъ Къадировасе экономикияб рахъалъ эркенлъи щвана, амма гьебго заманалда гьес федералияб бюджеталдаса дотациял тIалаб гьариги чIезе толеб гьечIо.