Щай миллияб политикаялъул министр нахъе вахъарав?

Миллияб политикаялъул министрлъун вукIарав Алексей ХIасанов вит1ана хIалтIизе Дагъистаналъул нухмалъулесулги хIукуматалъулги администрациялде.

МухIу ГIалиев президентлъун вугеб мехалда лъай кьеялъул министрлъун вукIана гьев. Хадув гьениса вахъун вукIана. Цинги Рамазан ГIабдулатIипов вачIиндал, миллияб политикаялъул министрлъун тIамуна.

Цин харбал рукIана Алексей ХIасанов Гъизляр мухъалъул нухмалъиялде витIулев вугилан.

Алексей ХIасановасда хъулухъ хисизаби бараб бугин республикаялда кколел лъугьа-бахъиназдайин бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда «Черновик» газеталъул журналист МухIамад МухIамадовас. Масала, гьабсагIаталда Алексей ХIасанов тIамун вугила Артур Исрапиловасул бакIалде – республикаялъул тIалъиялъул админситрациялъул нухмалъиялъул хисулевлъун. Гьеб хъулухъалдаса нахъе вахъулев вугила Артур Исрапилов.

Жидехъе щварал баяназда рекъон, Артур Исрапиловасда кIун гьечIо Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбанов гьеб хъулухъалдаса нахъе ине мукIур гьавизе. Лъалеб букIахъе, телевидениялдасан букIараб чIагояб эфиралдасан республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас абуна жинца нахъе витIулев вугин Къурбан Къурбанов, кидаго хъулухъазда цого чагIи тезе бегьуларилан. Цинги дов чIана жив халкъалъ вищарав чи вугин, кивениги унарилан. Ине кколеблъи бичIчIизабизе гьесухъе витIарав Артур Исрапиловасулги жо ккун гьечIо. БитIахъе тIаде ккечIониги, дагьа-макъабго гьеб суал тIаде кколев чи миллияб политикаялъул министр А. ХIасановги кколин рикIкIунеб буго журналист М. МухIамадовас. Гьединлъидал гьесги цогидазги рикIкIунеб буго А. ХIасанов республикаялъул тIалъиялъул администрациялъул нухмалъулев хисулев чилъун гьави гьесие жиндиего гIодобегIанлъи бугилан. Гьединго гьеб хъулухъалда вукIарав Артур Исрапиловги жанисеб политикаялъул бутIаялде вачун вуго хIалтIизе.

Гьебго заманалда Алексей ХIасановас нухмалъи гьабулеб букIараб министерлъиялъе батIи-батIиял грантазеги, къецазеги, цогидалъеги гIезегIан гIарац биччалин кIвар буссинабулеб буго журналист М. МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Гьединлъидал гьеб идараялъе биччалеб бюджеталъул гIарцуда хадуб халкквезе къваригIунги батила, цо рахъалъ, Рамазан ГIабдулатIиповасе. Цо заманалда Путиница нухмалъи гьабулеб халкъияб фронталъ кагъат хъван букIана улкаялъул президентасухъе, Дагъистаналъул миллияб политикаялъул министерлъиялъ пачалихъалъул гIарац пасат гьабулеб бугин офисалда лъолеб къайи-цIа босизеян. Гьединлъидал жидеца гьеб суалалде кIвар кьолеб букIин Россиялъул тIалъиялда бихьизабизелъун гьабулеб жоги букIине рес буго Алексей ХIасанов хъулухъалдаса вахъи. Гьединго Рамазан ГIабдулатIипов республикаялъул нухмалъулевлъун вахъаралдаса лъагIел тIубала сентябралда. Гьелде гIагарлъулелъул Дагъистаналда жеги рукIине бегьула гьединал хиса-басиял».

Гьанже гIемерисезе бокьун буго Алексей ХIасановасул бакIалда министрлъун щив толевани лъазе. ГIадамаз рехсолел руго политолог ГIабдулнасир Дибировасулги, Рамазан ГIабдулатIиповасул гIакълучи Денга Халидовасулги, хIукуматалъул вице-премьер Джафаровасулги цIарал.

Кин батаниги, гьел руго жеги кьучI гьечIел харбал. Амма чIванкъотIун абулеб буго заманаялъ гьеб министерлъиялъе нухмалъи гьабизе бугин вице-премьер Джафаровас.