ХIукуматалъул гурел хасал хъаравулъиялъул идарабазул халгьаби унеб букIана дагьаб церегIан къояз Дагъистаналда. Гьезул лъеберго гIанасеб махIрум гьабун буго ярагъ хIалтIизабизе кьолеб изнуялдаса. Халгьабиял тIоритIиялъе гIиллалъун рехсолеб буго кIиго моцIалъ цебе Москваялда ЛДПР партиялъул вакил Роман Худков Дагъистаналдаса гIолохъабаз кьабун вукIин. Депутатасде тIадекIанцIи гьабуразул цояв ватун вуго хасаб хъаравуллъиялъул идараялъул хIалтIухъан.
Жакъа къоялъ Дагъистаналда руго киналниги 222 гIанасеб хIукуматалъул гуреб хъаравуллъиялъул идара. ГIаммаб куцалда гьенир хIалтIулел руго 7200 цIикIкун чи. Гьезие моцIалъе щолеб харжги квешаб гьечIо 9- са 12 азарго гъурщиде щвезегIан. Хасаб хъаравуллъиялъул идарабазда жакъа хIалтIулел руго батIи-батIиял ригьалъул ва цере батIи-батIиял хъулухъазда рукIарал гIадамал. Жанисел ишазул минтсерлъияллда, полициялъул офицерал, ветеранал, армиялда хъулухъ тIубан руссарал гIолохъаби.
Лъеберго гIанасеб гьединаб идараялъул халгьаби тIобитIун буго Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул хъулухъалъ Дагъистаналда. Гьеб халгьаби тIобитIиялъе гIиллалъунги ккана исана июль моцIалда Москвалда ЛДПР партиялъул вакил Роман Худяков Дагъистаналдаса гIолохъабаз кьаби. Депутат вухарал гIолохъабазул цоясухъ батун буго хасаб хъаравуллъиялул идаарялъул хIалтIухъан вукIин тасдикъ гьабулеб документ.
Россиялъул Жанисел Ишазул идараялъ Дагъистаналда тIобитIараб халгьабиялдаса хадуб лъеберго гIансеб хасаб хъаравуллъиялъул идарялъухъа азаргоялдаса цIикIкIараб ярагъ нахъе бакIарун буго гьез. Ярагъ хIалтIизабиялъул рахъалъ ругел рихьизариялъул низам хвезабун бугин гьезилан хъвалеб буго гьеб баяналда.
Хасаб хъаравуллъиялхул идарабазулгун хIалтIи гьабулеб жанисел ишазул идараялъул бутIа буго Махачахъалаялда. Амма гьеб идарялъ «Эркенлъи» радиоялъе киналгIаги комментариял кьечIо. Дагъистаналъул жансиел ишазул пресс-хъулухъалъул изну гьечIого жидер ихтияр гьечIин информалатазе баян кьезеян абуна нижергун бухьен гьабурав чияс. Гьеб изну тIалаб гьабун пресс-хъулухъалъулгун бухьен гьабидал гьезухъаги жаваб щвечIо.
Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул чагIаз жидер идараялда кинабгIаги халгьаби тIобитIичIилан бицана Эркенлъи радиоялъе «Гард М» абураб хасаб хъаравулъиялъул идараялъул хIалтIухъан Шамилица. Республикалда бищунго цебе рагаьраб ва бищунго машгьураблъун рикIкIунеб хIууматлъул гуреб хъаравуллъиялъул идара ккола гьеб. Жидер идараялда яргъ хIалтIизабиялдехун ва хъаравулъиялъул низам тIобтIиялде хасал тIалабал рукIунилан бицана Шамилица нижее.
Жанисел ишазул вакилзабазул халгьаби гьединго жидедаги хъитIтичIилан бицана Эркенлъи радоялъе цоги гьединабго «ЩИТ И МЕЧ» абураб хасаб хъаравуллъиялъул идараялъул хIалтIухъан Багирица. Гьес бицанихъе гьезул идара кколел буго Мосвкаялъул хIинъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул къайимлъиялда гъоркье унеб идара. Жидер хIалтIудехун ругел тIалабал цIакъго кьварарал рукIунин ярагъги цIакъго хIажалъи ккараб мехалъ гурони жидеда хIалтIизабизе биччаларин.
Багир: «Кодобе нижехъе ярагъ кьоларо, нагагь кьолеб бугониги гьеб кьола цIакъго рес къотIараб ахIвал-хIал бугони, мисалалъе дур гIумруялъе кIудияб хIинкъи бугони. Аслияб куцалда нижехъе кьола цогидал хасал алатал. Ярагъ дуца хIалтIизабуни дуца щай ва кида гьеб хIалтIизабурабали рагIа-ракьанде щвараб баян кьезе ккола прокуратураялъе. ХIасил калам нижер цIакъго жавабчилъи кIудияб идара буго ва хIалтIухъабаздехун бугеб жавабчилъиги цIакъго кьварараб буго. Киналго цIакъ тIадчIун куцан рукIуна кинаб къагIидаялда ва кинан гьел хIалтIизе кколелали».
Хасал хъаравуллъиялъул идарабазда хурхун хиса-басиял Дагъистаналда гьарун рукIана лъабго соналъ цереги. 2010 соналъул тIоцебесеб январалдаса байбихьун къуваталде лъугьараб къануналда рекъон гьениве хIалтIизе лъугьине бокьарав чи чара гьечIого цIализе кколев вуго гьеб хъулухъалъе. Гьел хиса-басиял гьариялъе ккараб гIиллаги рехсолеб буго гьеб баяналда, гьединал хъаравуллъиялъул идараялда хIалтIулел чагIазул гIемерисел ратун руго жидеца тIубалеб хъулухъалъул кинабгIаги бичIчIа-бикъицин гьечIел чагIи. Аслияб куцалда гьел ратун руго гьединаб идараялъул хважаинасул гIага-бажаралниги, лъалел-хъвалелниги гIадамал.