Миллачилъиялъул гьужумал. Брейвикие тамихI. ТIадегIанаб диваналдасан.
Хасал чагIазул жиде-жидер блогаздасаги машгьурал ругин фейсбуказда гIуцIарал къокъабиян абураб пикру буго гьабсагIаталда Дагъистаналда билълъун ун, масала, «Дагъистаналъул журналистал», «Дагестан-онлайн», «Кавказ-перезагрузка».
Гьедин «Дагъистаналъул журналистал» абураб къокъаялъ гьоркьоб лъун бугоан гъоркьисала Норвегиялъул тахшагьаралда теракт гьабурав Брейвикил хабар. Туснахъалъул 21 соналъ лъабго рукъалъул камераялъув тIамулев рагIулила Брейвик. Ноутбукги кьолеб рагIулин, амма интернет букIине гьечIила гьесул.
Гьелда тIасан гьадинал комментариял руго: «Дозул доба Скандинавиялда тIубан батIияб бербалагьи буго туснахъаздехун. Дора туснахъал курортазда гIадин рукIуна. Дора туснахъазе тамихI гуро гьабулеб, доба гьел битIараб нухде ккезаризе хIалбихьула».
«Россиялъул туснахъалда гьединал шартIал чIезаруни, такъсирчилъи лъугIизеги рес буго гьаниб».
«Лъавукъал тIадчагIал сабаблъун ккола улкаялда миллатазда гьоркьоб дагIба-рагIи. Гьедин абун буго президент Влдаимир Путиница миллатазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ гьал къоязда Саранскалда тIобитIараб данделъиялда. ГIадатияб халкъ пачалихъиял идарбаазда божунгутIиялъги низам цIунулезул тасамахIлъиялъги рижизарулин миллатазда гьоркьор рикьалабийинги абун, Путиница мисалалъе рачун руго Кондопогаялдаги, Саграялдаги, Москваялдаги ккарал тунка-гIусиял. Гьел тунка-гIусиязда кавказиязулги букIана гIахьаллъи.
Къурбан ГIабдулкъадиров: «Гьел руго Путиница жинцаго тIамурал тIадчагIи. Кавказалда хурхун Кремлялъ билълъанхъизабулеб политика ккола гьеб».
«Дагестан-онлайн» къокъаялда гIуцIун букIана республикаялъул ракьулгун буголъиялъул рахъалъ министр ГIалиев Сеферилгун он-лайн конференция.
Гьелда гIахьаллъана журналисталги блогералги.
Daizy Di: «Ракь бичизе изну кьуни Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцунин лъугьуна зама-заманалдасан миллиял церехъаби. Хасго лъарагI миллаталъул чагIаз абула гьедин».
Нариман ХIажиев: «Пачалихъиял гIуцIабазе хIукуматалъ кьурал рукъзал жиндир мурадалъе гIоло хIалтIизарулел ругищали лъазабизелъун хIалтIи гьабулеб бугищ?»
Сефер ГIалиев: «Нагагь росдал магIишаталъе хIажатаб ракь бичизе ихтияр щвани, хIисабалде росизе руго фермеразулги кIуди-кIудиял ракьазул бетIергьабазулги ихтиярал цIунулел къагIидаби».
Евгений Балакирев: «Гьеб мехалда лъарагIазул киналго ракьал росун лъугIизарила магIарулазги даргиязги».
Ши Хуанди: «ЛъарагI миллаталъул чи хIисабалда дие бокьун буго лъазе гIодоблъиялда ругел ракьазул хъвай-хъвагIай гьабун бугищали».
Сефер ГIалиевас жаваб кьолеб буго гьел ракьазул хъвай-хъвагIай гьабулеб бугин гIодоблъиялда бугеб I3 мухъалда. Гьеб рагIалде бахъине бугин исана сентябралда.
КIалбиччанкъоялда цебе Хасавюрталда шигIиязул мажгиталде изну гьечIого яргъид гIуцIараз гьабураб тIадекIанцIиялъулги бицана фейсбукалда. Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда лъукъана Азербайжаналдаса микьго чи. Гьезул цояв Джафаров Эмин абурав гIолохъанчи хвасар гьавизе кIвечIого хвана. Гьел рукIун руго бетIербахъиялъе Дагъистаналде рачIарал азербайжанал.
Гьелдаго цадахъ рехсолеб бугоан мажгиталдаса къватIиве вачIунаго цойги къоялъ Хасавюрталдаго чIварав гIолохъанчиги. «Газельги» «Приораги» автомобилазда жанисан рахъун рачIарал яргъид рорчарал гIадамаз байбихьун буго гьесде кьвагьдезе. Гьеб мехалда гьев гIолохъанчи лъутулев вукIанин гьездасаян бицана Эркенлъи радиоялъе Хасавюрталда гIумру гьабулей ГIисал Кабиратица.
Кабират: «Мажгиталъуса къватIивеги вачIун нух бахун довехун щваравго бихьун буго гьесда жинда хадур чагIи лъугьун рукIин. Гьев тIурулев вукIун вуго, амма доз речIчIун жогун чIван вугоха. Цо заманалда Хасавюрталъул мэр ГIумаханов Сайгидпашал гъова хъаравуллъунги хIалтулев вукIун вуго гьев. КIиго лъимерги бугила гьесул».
Журналист Зарема ХIасановалъ хъвалеб буго ГIиракъалда бугин гьабсагIаталда Хасавюрталдаги Дагъистаналдаги гIадаб хIал.
Нариман ХIажиевасул блогалда хъвалеб буго кватIичIого Россиялъул президентасда цебе баккизе рагIулин миллатазул рахъалъ хасав вакил. Гьеб бакIалде щивдай тIамилайин кколеб бугин жинда. Пачалихъияб Думаялде Дагъистаналдасан вищарав депутат СафаргIалиев ХIажиметида абулеб букIун бугин гьеб хъулухъалда разилъейин, амма гьес инкар гьабун рагIулин.
Адвокат Къадиев Расулица хъвалеб буго гьал къоязда Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ байбихьараб диваналъул. Цере изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъги вукIун, гьанже ракълилаб гIумруялде вуссарав анкьго чиясе гьабулеб диван ккола гьеб. тIаса лъугьинги гьарун Гьев анкьавго чи вачIун вуго изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал ракълилаб гIумруялде руссинаризе республикаялъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комиссиялде, Низам цIунулезухъе жалго рачIарал рохьилал абулел чагIи аслияб куцалда тIаса лъугьун тола, гьезда тIад би батичIони.
ЭР-ялъ бицун букIана МахIачхъалаялдаса, Дербенталдаса ва Дагогни шагьараздаса гьел гIолохъабазул - ХIасан Къурабегов, Нариман МирзамахIамадов, Телман ХIажимустIафаев, Заур МахIмудов, Фарид Тахмезов, Темирлан Амиров, Арсен ГIисаев ккола гьел.
Низам цIунулез рикIкIуна гьез къасд гьабун бугин полициялъулал чIвазе.
Адвокат Расулица хъвалеб буго гьезде гIайиб гIунтIизабиялъул документ 32 томалде буссинабун бугин. Амма адвокатазда рихьизарун гьечIин гьел киналго томал.
Цебехун рехсараб комиссиялдаса разилъи гьечIолъи буго Къадиевасул. Гьединабго разилъи гьечIолъи загьир гьабуна ЭР-ялъе цойги адвокат МухIамадова Сапиятицаги.
МухIамадова Сапият: «Унго-унгояв боевик киданиги унаро гьеб комиссиялде кумек гьарун. Байбихьуда гIадамал божулаан гьелда. Амма хадур гьез хIалел жал рихьидал, божилъи хванаха».
Блогер Гусаев Тимурица хъвалеб буго Москваялде Анжигун Голландиялъул Алкмар командагун хIалеб матчалъухъ балагьизе иналъул. Европаялъул Лигаялъул хIаял ккола гьел. Анжиялъ жиндирго болельщиказе чIобого кьун бугоан 2000 билет. Тимурица хъвалеб буго Анжи Дагъистаналъул команда букIиналъ, Россиялъул миллатчагIаз рокьукълъи загьир гьабулеб букIанин стадионалда. Жал Россиялъе рогьоялъе рижарал чагIи ругин ахIданила гьел. Гьеб рокьукълъи бихьизабурла хъвай-хъвагIаял гьез твиттералдасанги байбихьанила гьабизе.