Блогеразул даптар. 26Авг - 2Сент

Гьаб анкьалда Дагъистаналдаса блогераз хъвалеб букIана аслияб къагIидаялъ шейх Саид Афанди чIваялда хурхун. Гьеб тема тIолго Шималияб Кавказалъул блогосфераялдаги борхана, гьелда хъинтIун хъвана Россиялъул цогидал регионаздаса блогеразги.
Avrom цIаралдалъун блог бачунес лъолеб буго суал, шайих Саг1ид Апанди чIваялда нахъ щив вугин, абун.

Блогерасул пикруялда, шейх чIваялъул пайда букIине бегьула Дагъистаналъул хIукуматалъе. Саид Афанди чIван хадуб ХIинкъи гьечIолъиялъул мажлисалъул данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъулес абуна, республикаялда чара гьечIого къваригIун ругин халкъиял рагъулал къокъабиян, хъвалеб буго блогерас. Гьелъие гIоло чIван ватизецин бегьулин гьевин, хадубго жубалеб буго гьес ва хъвалеб буго цогидал гIиллабиги рукIун ратилин шайих чIваялъе. Мисалалъе, дагъистаналъул нухмалъулев хъулухъалдаса вахъиялъе гьабулеб хIалтIиги букIине бегьула гьеб, хIежалде гIадамал ритIиялъул гIарцул суалги букIине бегьула гьениб.

Шайих чIваялъулъ гIайибаллъун рукIине бегьула цогидал пачалихъазул хасал хъулухъалин, рикIкIунеб буго блогерас. Гьединго гIаибаллъун рукIине бегьула рохьилалги илан хъвалеб буго гьес ва тIаде жубалеб буго рохьилазул сайтазда хъван бугин жидеца шайих чIвачIилан.

Россиялъул хIукуматги гIайибияб букIине бегьулин, хъвалеб буго блогерас. Дагъистаналда рагъулал операциял тIоритIиялъе Россиялъул хIукуматалъ гIемер гIарац бичалеб бугин, рик1к1унеб буго блогерас, республикаялда унеб рагъ лъикIаб коммерциялъулаб проектги бихьун ургъунго ахIвал-хIал хIукуматалъ хIалуцинабулеб букIине рес бугин, т1адеги хъвалеб буго гьес.

Рук1ине бегьулел багьанабда гъорлъ гьес гьединго рехсолеб буго гьединго Иранги. Гьеб гьелъиеги пайдаяб букIине бегьулин шайих чIвай. Гьес хъвахъе, ахириял соназда Дагъистаналда Ираналъ цебетIезабулеб буго шигIитазул Ислам. Хас гьабун Югалъулаб Дагъистаналда тIибитIизабулеб буго Ислам Ираналъ. Гьенире «Камаз» гIадал автомобилал цIун рачIунел раг1уна шиг1итазул динияб литература.

Гьединго гъоркьиса Ираналда бугеб шигIитазул централда чIорого цIалана Дагъистаналдаса азарго чи. Рекъел бугеб Дагъистаналда шигIитазул Ислам цебетIезабизе захIмат бугилан хъвалеб буго блогерас ва тIаде жубалеб буго, цогидаб рахъалдаса босани, рагъулъ гъанкъулеб Дагъистаналда шигIизм цебетIезабизе бигьаяб бугин. Щай гьеб бигьаяблъун бугеб блогерас мухIкан гьабулеб гьечIо.

Блогер Расул Кадиевас хъвалеб буго, гIемерисел экспертазги аналитиказги рикIунеб бугин шайих Саг1ид Афанди чIваялъ Дагъистаналда рагъ багъаризабизе бегьулин.
Блогерасе бищунго рекIее гIун гьечIо машгьурай журналист Юлия Латыниналъ кьурал баянал. Гьелъ абулеб букIана хаслихълъиялда Дагъистаналда рагъ байбихьизе бугин.

Блогерасул пикруялда, дагъистаниял тунка-гIусиязда ругьунлъун руго. Гражданияб рагъда гIолел руго лъимал Дагъистаналдаилан хъвалеб буго блогерас ва жубалеб буго киналго хIикмалъулин къвагьа-гIанхъи гьечIеб анкь букIаниян.

Nimmer блог бачунес хъвалеб буго, Дагъистаналда низам цIунулезул къадар цIикIизабулеб бугин, амма ахIвал-хIал жеги хIалуцунеб бугилан. Жалго низам цIунулел чIвалел руго, низам цIунулезги хадур гIемер суалал хутIулел хасал операциял гьарулел руго, гIадамал рикъиялъул хIужжаби гIемерлъулел руго илан хъвалеб буго блогерас. Гьесул пикруялда рекъон, инсанасул ихтиярал цIунулел рукIинчIелани ритIухълъи тIалаб гьабизе гIадамазул ине бакI букIинароан.

Генерал Лебедил миссиялъул Дагъистаналда вугев вакил ХIасан Загьидовасул пикруялда рекъон, гIадамал тIоцере жалго хIадур рукIине ккола жидерго ихтиярал цIунизе.

ХIасан Загьидов: «Кинал гарантиял кьезе кIола гьезие инсанасул ихтиярал цIунулез? Хъвала гIарзаби, низам цIунулезухъе ахIила, нухмалъиялда ругезухъе официяалиял, жаваб кьечIого тезе бегьуларел, къагътал хъвала.

Амма чанги хIужжа букIана гьадинаб. ВачIана цо пуланав чи инсанасул ихтиярал цIунулезухъе ва бицана жиндир вас низам цIунулез викъанин, гьесие гIакъубаби кьолел ругин. Ватана гьесул вас, нахъе вичана. Гьев викъарав дол низам цIунулезе тамихI гьабизе ккеларищ? Амма гьев чияс абула кинабгIаги тамихI кIваричIин, жиндир вас чIаго вукIани гIелин.

Гьесда бичIулеб гьечIо цо жо. Жакъа гьесул вас викъана, метер мадугьалил викъизе бегьула долго низам цIунулез. Цогидазул ургъел гьабулел чагIи гьечIо нилъер. Инсанасул ихтиярал цIунулезда бараб жо гIемер гуро. Аслияб жо бараб буго жалго гIадамазда. Амма гьездаги кинабго гIайиб чIвазе бегьуларо. ГIарза хъварасухъе рокъор рачIинеги рачIун гьев чIвала метер».

Блогер Мурад Мурадовас хъвалеб буго Россиялъул регионазда гьоркьосан бищун цебетIураблъун кколин Дагъистан, щайгурелъул Дагъистаналда жакъа раккана чара гьечIого тIуразе кколел суалал, Россиялдани гьел суалал раккине руго гIагараб заманалда.

Блогерас хъвалеб буго ахирисел карал лъугьа-бахъиналги хIисабалде росун, Дагъистаналъул нухмалъулес буюрухъ кьунин республикаялда халкъиял рагъулал къокъаби гIуцIцIизе. Къокъаби гIуцIиялдаса республика цебего анин ва регионалда хIинкъи гьечIолъиялъул масъалаби цогидал сулалаги лъун тIуразе кколин рикIунеб буго блогерас. Гьес хъваралда рекъон, мухIканаб анализ гьабизе ккола сундулъ низам цIунулел тохал ругел, халкъ цIуниялъе гьабулеб хIалтIул кинал гъалатIал ругел.