ЛъагΙалил ахирисеб анкьалъ дагъистаналъул блогераз аслияб къагΙидаялъ гьоркьор лъолел рукΙана араб соналъул хΙасилал. Цо-цоязе сон лъикΙаб, гьарурал хΙалтΙабаздаса разияб бугониги, гΙемерисез рехсолел аслиял лъугьа-бахъиназда жанир рукΙана такъсирал ва чΙвай-хъвеял.
ЛъагΙалил бищунго кΙудияб лъугьа-бахъинлъун киназдего гΙагарун блогераз рикΙкΙунеб буго августалъул ахиралда устар ЧΙикΙаса СагΙид-афанди чΙвай. Гьеб лъугьа-бахъиналъ тΙубанго хисизабуна республикаялъул гΙумруялъул политикияб ва рухΙияб рахъ абун хъвалеб буго Джалал Бутаев абурав блогерас. Гьес Эркенлъи радиоялъе бицана, апрелалда Централияб мажгиталда дандчΙвайги гьабун, суфиязгун салафияз гьабураб ракълилаб данделъиялъеги ахир лъунин ва букΙиниселда тΙад пардав бигъанин гьеб такъсиралъ.
Гьелдаго релълъараб пикру загьир гьабуна блогер Мон Синьорица. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб такъсиралъул хΙасилал жеги гьарун гьечΙо ва бачΙунеб соналъги гьелъул лъалкΙал хутΙизе ругин республикаялъул гΙумруялда. Сияна Расулова абурай блогералъ «Livejournal.com» сайталда хъвалеб буго араб соналъул аслияб лъугьа-бахъин букΙанин чΙегΙер белъараб, гьелдаго релълъарал кканин хадур рукΙарал лъугьа-бахъиналги. «Цо кΙудияб квешаб лъугьа-бахъиналъ хадур рукΙарал лъикΙал ишаздеги рагΙад реххулеб буго» - абун хъвалеб буго блогералъ.
Унеб соналъул хΙасилал гьариялда цадахъ, блогераз гьоркьоб лъолеб буго ЦΙияб сон баркизе кколищ абураб суал. Динияб идараялъ ва мажгитазда вагΙза гьабулеб бугоан ЦΙияб сон баркизе бегьуларин, гьеб жагьилаб заманаялъул байрам бугин. Блогеразул гΙемерисез гьелъул рахъ кколеб гьечΙо ва бокьун буго байраб кΙодо гьабизе. Рехсолеб буго блогераз Дагъистаналъул президент МухΙамадсалам МухΙамадовас ЦΙияб сон гьабизе гьукъулел чагΙи тамихΙалде цΙазе ругилан гьабураб лъазаби. Блогер МухΙамадов Шамилица бичΙчΙизабулеб буго щай ЦΙияб сон кΙодо гьабизе бегьуларебилан.
МухΙамадов Шамил: «МухΙаммад аварагас насраниязул рукΙа, ягьудиязул рукΙа ялъуни цоги байрамал нахъе рахъулел рукΙана ялъуни хисизарулел рукΙана. Гъов Аллагьас витΙарав вуго гъозул кинабго хисизабизе, гьедин абулебги букΙана Аварагас. Гьеб жо буго бидгΙа. Гьелда релълъине бегьуларо. БидгΙа гьабулеб замана, бакΙ, ялъуни гьабулеб къагΙидацин данде ккезе бегьуларо. Мисалалъе, цо чияс нижер бусурбабазул цΙияб сон бугиланги абун, накΙкΙил гъветΙ лъечΙого, маххил гъветΙги лъун байрам гьабуни, гьебцин бегьуларо, щайгурелъул, гьенир нилъ дозда релълъунел руго. Ялъуни босун хас гьабун ЦΙияб сон бачΙараб къо Къуръан цΙалулеб къолъун гьабуни, гьебги бегьуларо, щайгурелъул гьениб къо данде кколеб буго. Аллагьас кΙиго къо гьабун буго байрамлъун – КΙалбиччан къо ва Къурбан къо. ХутΙарал байрамал рукΙине бегьуларо бусурбабазул."
Камулел гьечΙо ЦΙияб соналъул байрам баркиялда хурхун бугеб бахΙсалда тΙаса махсаро гьабулелги. Мисалалъе, блогер ГΙалиев ГΙалимухΙамадица хъвалеб буго жинца байрам кΙодо гьабулеб гьечΙин, ГΙазул дадаца ислам босун рагΙулин. Цогидас хъвалеб буго, жиндие гьесул мегеж рекΙее гΙолароанин цебегоялдаса нахъе, гьев вагьабияв вукΙун вугин.
Россиялъул пачалихъияб думаялъул депутатаз къабул гьабураб, рахьдал мацΙазда хурхараб къануналда сверухъги гΙемераб бахΙс букΙара блогеразда гьоркьоб. Гьеб къануналда рекъон, рахьдал мацΙ школалда малъи тΙадаблъун гьабун гьечΙо, гьеб лъазабизе бокьараз жидецаго гΙарацги кьун мугΙалим кквезе ккола.
Оксана МухΙамадова абурай блогералъ хъвалеб буго, гьеб кколин дагь-дагьккун киналго гΙурусазде руссинари ва гΙисинал миллатазе гъураб къор. Гьелдаго тΙад рекъолев вуго Shamsudinov абураб цΙаралда гъоркь хъвадарулев блогер. «Гьеб хΙалалъ пачалихъалъ нилъее дагь-дагьккун иргадаб ихтияр гьукъизе байбихьани, кватΙичΙого нилъерго рокъобги рахьдал мацΙ бицине гьукъизе буго»-ян хъвалеб буго гьес «Livejournal.com» сайталда. Амма цо-цояз рикΙкΙунеб буго гьедигΙан ахΙи-хΙур бахъинабиялъе гΙилла гьечΙин, рахьдал мацΙ бицине бокьаразе кинабгΙаги къануналъ квал-квал гьабиларин, бокьичΙез гьеб гьадинги бицунеб гьечΙин. Амина Шамилова абурай блогералъ хъвалеб буго, росабазда гьадингоги рахьдал мацΙ бицунеб бугин, гьеб тΙагΙиялда хΙинкъи гьечΙин, шагьаралда гьеб хутΙизе рес гьечΙин, щайгурелъул гΙемермиллатазулаб бакΙалда рес гьечΙого гΙурусалъ кΙалъазе кколел руго.
Кутакалда жидерго мацΙ цΙунизе бокьаразда гьеб малъизе кколел мугΙалимзабазе кьезе гΙарацги батила абун хъвалеб буго гьелъ. Цойги блогерас бицунеб буго, школалда рахьал мацΙ тΙадаб гьечΙеб мехалъ, цΙалул идарабазда гьеб лъазабизе унелги дагьлъизе ругин, мугΙалимзабиги рукΙине гьечΙин. «ГьечΙел мугΙалимзаби кисан ралагьилел дарсал малъизе» - абун хъвалеб буго гьес. Цогидал блогераз гΙайиб чΙвалеб буго Пачалихъияб думаялда ругел Дагъистаналдаса депутатазда. Чанго батΙи-батΙиял миллатазул депутатал руго гьенир ва цониги чияс рагΙи абичΙо жидерго мацΙ цΙуниялъе гΙола абун хъвалеб буго.