Блогеразул даптар. 10-16 декабрь.

Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогераз гьоркьор лъуна гIемерал батIи-батIиял суалал. Жибго цебесеб анкьалъ ккараб лъугьа-бахъин букΙаниги, блогераз гIодоб толеб букIинчIо изну гьечIого яргъид гIуцIараз Дагъистаналъул журналистазде гьабураб хитIаб.
Гьелда сверухъ пикраби загьир гьарулаго гIемерисез бицунеб букIана гьанжесеб Дагъистаналъул ахIвал-хIалалда журналистасул пиша хIинкъи бугеблъун бугилан. «Facebook.com» сайталда гьеб хитIабалъул авторазе гьелда тIаса бахIс гьабизе рачIаянги абулеб букIана журналистаз, амма жаваб щвечIо.

Руслан Акаев абураб блогерас рикIкIунеб буго аслияб къагIидаялъ хIинкъи бугин пачалихъиял информалатазда хIалтIулел журналистазе. «Рохьилазе критика гьабичIони гьенир хIалтIизе тезе гьечIо, критика гьабуни рохьилаздаса хIинкъи буго, гьезие буго бищунго кIудияб хIинкъи» - абун хъвалеб буго блогерас. Гьелда релълъараб пикру загьир гьабулеб буго Прохор Проходимцев абурав блогерас. Гьес хъвалеб буго пачалихъиял инфромалатазул нухмалъулез гьел ургъунго рохьилазде гъегъ базе тIамизе бегьуларо абун.

Жибго гьеб хитIабалде цо-цояз кIвар кьолеб гьечIо, гьадинго хъвараб жо бугин, журналистал чIвазе гьечIин гьелда рекъон абун хъвалеб буго Эльдар Ибрагьимов абурав блогерас. Амма Дагъистаналъул информациялъул министр, блогер ХIажиев Нариманица рикIкIунеб буго батIалъи гьечIин пачалихъиял ругониги, эркенал ругониги – хIинкъи бугин ритIухъав журналистасе.

ХIажиев Нариман, дагъистаналъул информациялъул министр

ХIажиев Нариман: «Дица рикIкIуна гьеб жо провокациялъун. Журналистазе хIинкъи букIин якъинаб жо буго. ГIемерисеб мехалъ гьеб хIинкъи буго ритIухъал журналистазе. БатIалъи гьечIо гьел пачалихъиял, ялъуни цоги батIиял ругониги. Дица информалатал батIи-батIиял тайпаязде рикьуларо. Гьединлъидал, хIакъикъат рагьулел журналистазде гьабураб хитIаб буго гьеб. Гьединал журналистал руго цояб рахъалда пачалихъиял идарабазул тIадецуялда гъоркь, гьанже изну гьечIого яргъид гIуцIаразги хIинкъаби кьолел руго. РукIуна цо-цо хIакимзаби жидее данде кколареб жо хъвалел журналистазе рагьараб къагIидаялъ хIинкъаби кьолел. Журналистал квешго руххиялъул хIужабиги гIемер рукIуна. ЗахIмат буго хIалтIизе журналистазе. Дир рахъалдаса гьабизе кIолеб жоги гьечIо гьезие, гьедин хъваге дуе хIинкъи бугин гьарани гурони. Ялъуни гьел цIунизе кIолеб къуват нижехъе гьечIо. Жанисел ишазул министерлъиялъ жидеца кумек гьабизе бугин абуна, амма гьезги кинан цIунизе ругел дида лъаларо».

Анкьил байбихьуда баккараб, устар СагIид-Афанди чIваялъул такъсир рагьанилан баккараб информациялъ блогеразда гьоркьоб чIагояб бахIс бижизабуна. ГIемерисел блогераз щаклъи загьир гьабулеб буго ккурал чагIи унго-унгоял такъсирчагIи ратиналда. ХIадис ГIалиев абурав блогерас хъвалеб буго жив божарав вугин гьел чагIи гIайиб гьечIел ратиялда. «Батизе бегьула гьез цоги такъсир гьабун, амма устар чIвазе чIужугIадан йитIизегIанасеб чIаголъиялъул чагIи гьел гьечIеллъи лъалеб буго гьезул гьудул-гьалмагълъуда цIехарабго» - абун хъвалеб буго цоги блогерас.

Ислам Булатовас хъвалеб буго тIад балагьун гьедин рихьаниги гьел такъсиралда гIахьаллъун ратизеги бегьулин. Цо-цояз хъвалеб буго гьел мукIурлъиялъе гIилла батизе бегьулин гIагарлъиялъе ва хъизан-рукъалъе хIинкъаби кьей. РакIалде щвезарулел руго гьединабго хIалалъ цереккун рагьанилан лъазеги гьабун, хадур щибниги ккечIел такъсирал: Каспийскиялда гьабураб теракт, министр ГIадильгерей МухIамадтIагьиров ва журналист ХIажи ГIабашилов чIваялъул такъсирал. Руго гьел ккурал гIолохъаби гIайибиял ратиялда ракI чIаралги. Мисалалъе, Анжелика МухIамадова абурай блогералъ хъвалеб буго гьадин: «ГIилла гьечIого чагIи кколаро, букIун батула гьезул гIайиб. Дица кидаго тIалъиялъе критика гьабула, амма дида щивниги хъвалев гьечIо. Гьединлъидал дун божун йиго гьел гIайибиял ратиялда» - абун хъвалеб буго Анжеликаца.

Дагъистаналъул президент МухIамадсалам МухIамадовасул пресс-хъулухъалъ лъазабуна президентас халкъалъулгун телевидениялдаса гара-чIвари гьабизе бугин. РИА «Дагестан» сайталдаса президентасухъе суал хъвазе бегьула бокьарав чияс. Амма цо-цо блогераз ва журналистаз рикIкIунеб буго тIалъиялъ жидее данде кколел суалал тIаса рищизе ругилан. «Черновик» газеталъул форумалда АхIмад абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас бицунеб буго жинца ритIарал суалал гьенир ругезда жанир гьечIин, суалал ритIизе ккани Президентас жаваб кьезе кколел ритIеян. Гьелдаго релълъараб критика гьабулеб буго гIемерисел блогеразги. Амма гIемерисеб мехалъ Дагъистаналъул гьанжесеб тIалъиялъул рахъ ккун хъвадарулев блогер Акаев Русланица хъвалеб буго жинца гIезегIан тIалъиялъе рокьукъал суалал хъван рукIанин, амма киналго сайталда ругин.

Цойги блогераз гьоркьоб лъураб суал ккана Дагъистаналъул ХIукуматалда хиса-баси. Вице-премьерлъун тIамуна Москваялдаса бизнесмен Олег Липатов. Гьев кколев вуго цевеккун Дагъистаналдаса олигарх Сулейман Керимовасул «Нафта-Москва» абураб идараялда хIалтIулев вукIарав чи. Блогераз рикIкIунеб буго С. Керимовас Дагъистаналда жиндирго интересал цIунизе тIамизавун вугин гьев. Цогидаз рикIкIунеб буго Президентас рукIинисел рищиязда цере жиндиего С. Керимовасул кумек щвеялъул мурадалда тIамун вугин гьев. «РукIинисел рищиязда Президент МухIамадсалам МухIамадов ва бизнесмен Сулейман Керимовас цоцазул рахъ кквезе буго. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго Олег Липатов хъулухъалда тIамиялъ»-, абун хъвалеб буго блогер СултIанов Мамедица.