Гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьоб лъураб ва гΙемер хъуй бахъинабураб тема ккана МахΙачхъалаялъул аэропорталда Турциялде роржине къасд букΙарав лъабго Генуб росулъа гΙолохъанчи кквей ва гьелда хурхун гендерица гьабураб митинг. Чанго сагΙаталъ мугΙрузул районазде унеб нухцин къан букΙана. Информациялъул алатаз лъазабухъе, ккурал гΙолохъабазда щибниги гΙайиб гΙунтΙизабун гьечΙо. Гьел кквеялъе аслияб гΙиллалъун цо-цояз рикΙкΙунеб буго къватΙисеб пачалихъалде гьел риччазе бокьунгутΙи.
Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун блогеразул пикраби кΙийиде рикьун рукΙана. Цояз рикΙкΙунеб бугоан гΙайиб гьечΙого кквезе рукΙинчΙилан, цогидаз бицунеб бугоан гΙайиб букΙун батани щай официалияб къагΙидаялъ гьеб гΙунтΙизабичΙеб абун. «Youtube.com» сайталда баккана къараб нух эркен гьабизе гьенире реххарал аскариязулгун гендерил тунка-гΙусиялъул видео. Гьелда гъоркь блогер ва журналистка Анохина Светланаца хъвалеб буго гьел ккурал гΙолохъабазда гΙайиб бугин жинда абизе кΙоларин, я гьечΙилан абизе кΙоларин. «Къуваталъул идараби хъачΙго хΙалтΙулеллъи лъалеб жо буго, батизе бегьула гьезул гΙунгутΙиги, амма цогидаб рахъ босани, щай хасго гьел гΙолохъаби ккурал цогидал кквечΙого» - ян хъвалеб буго гьелъ.
Блогер Шахтаманов Маратица «Facebook.com» сайталда хъвалеб буго гьел аскариялгун рагъизе къачΙарал, гьезде ганчΙал реххулел гΙолилал рихьарабго жинда унго-унгоги бичΙчΙанин гьеб росдал гΙадамал свакан рукΙин рагъулал аскараздасаги, къуваталъул идарабазул зулмуялдасагиян. Блогер МухΙамадов Мусаца хъвалеб буго ганчΙал хьвагΙулел гΙолилал рихьарабго жинда Палестина ракΙалде щванин, рагъулаб ахΙвал-хΙалалда кΙудиял гΙурал гΙолилал гьел рукΙин бихьулеб бугилан. Ахирги полициялъ ккурал гΙолилал рокъоре риччарабго цоги блогерас хъвалеб буго, генденица тΙамунин къуваталъул идараби жидерго гΙолохъаби нахъе риччазе. «ЛъикΙищ гьеб квешищ дида лъаларо, амма къуваталъул идараби гендерица жидеда гΙенеккизаруна»- ян хъвалеб буго гьес.
Дагъистаналъул блогераз анкьил ахиралде гΙемер гьоркьоб лъуна Дагъистаналдаса армиялде ахΙарал гΙолилаздаса хасаб рагъулаб бутΙа гьабизе бугилан абураб информация. Инфромалатаз бицунеб буго гьединаб рагъулаб бутΙа гΙуцΙизе бугин Жанисел аскаразда жаниб ва аслияб къагΙидаялъ гьел хΙалтΙизаризе ругин изну гьечΙого яргъид гΙуцΙарал къокъабазда данде рагъизе. Киназдего гΙагарун блогераз рикΙкΙунеб буго гьеб кколин Кавказалда ахΙвал-хΙал тΙадеги хΙалуцинабиялъе гьабураб галилъун. «Цоял дагъистаниял ритΙизе руго цогидазда данде рагъизе, гьелъ гражданияб рагъ ккезабула республикаялда»-абун хъвалеб буго блогер Ибрагьимов Эльдарица.
Тарихчи Доногъо ХΙажимурадица хъвалеб буго Ι8 гΙасруялда Кавказалъул рагъ унаго, гьелдаго релълъарал, гΙицΙго дагъистанияздаса гΙуцΙарал рагъулал къокъаби гΙуцΙун рукΙанин Россиялъул армиялда жанир.
Доногъо ХΙажимурад: «Дагъистаниял Россиялъул армиялде рачунел рукΙинчΙо Имам Шамилил заманалдаса нахъего. Кавказалъул рагъ лъугΙун хадуб божуларого рукΙун ратилаха кавказалъулазда. Дагъистаналъул гΙолилазе бокьун букΙана рагъде ине, гьезул бидулъ буго гьеб: ярагъ, чу ва гь. ц. Гьединлъидал, Россиялъул армиялда хъулухъ гьабизе рес щварабго гьел гъираялда разилъана. Гьеб гуребги, доба лъикΙаб харж кьолеб букΙана. ГΙумру мискинаблъидал букΙараб дагъистаниязул. Кавказалъул рагъул заманалдаго Шамилида данде чΙарал дагъистанияздаса гΙуцΙун рукΙана милициялъул къокъаби. РукΙана ГΙахъушиязул, Аваразул, Шамхаласул, Кураялъул милициялъул къокъаби. Рагъулал специалистаз гьел милициялъул къокъабазе цо гΙемерго кΙудияб къимат кьоларо. Мех-мехалда Шамилил аскаралъул тΙадецуялда гъоркь лъутулаан гьел. Империялъулаб политикаялъул рахъалъ гьединал къокъаби гΙуцΙи гΙакъилаб ишлъун букΙана. Цоцалъ рагъизе тΙамуна. КΙиябго рахъалдаса рукΙана дагъистаниял. Цойги гΙажаибаб хΙужа буго, Ι877 соналъ гΙурус-турк рагъ байбихьарабго Дагъистаналдаса гьеб рагъде анна ункъо рекΙаразул полк. Турказул рахъалдасаги букΙана доре гочарал мугьажираздаса гΙуцΙараб рагъулаб къокъа. Гьеб гурищ нилъер халкъалъул трагедия. ГΙемерисел магΙарулал рукΙана гьенир кΙиябго рахъалдаса».
Дагъистаналъул муфтий АхΙмад-хΙажи ГΙабдулаевасухъе тΙарикъаталъул устарасул ихтиярал кьун ругилан хабар баккана республикаялда ва гьеб параялъуго блогераз гьоркьор лъолел суалазул тΙоцебесеб бакΙалде бачΙана. БачΙинахъего раккана кΙиго тΙубанго цоцае гΙаксиял пикраби. Жал тΙарикъаталъул нухалъул рахъ кколелилан рикΙкΙунез роххел загьир гьабулеб буго цΙияв шайих тΙатун вугин, гьезда данде чΙарал салафиязда гьелъулъ политика бихьулеб буго.
Блогеразгун журналистаз аслияб къагΙидаялъ бицунеб букΙана августалда чΙварав ЧΙикΙаса СагΙид-афандияс гьесухъе кьун букΙинчΙин, щайин гьабсагΙаталда лъугьарав шайих муфтиясдаса. Гьадин хъвалеб буго блогер Эмирова Алинаца: «СагΙид-афанди чΙаго вугеб мехалъ гьев вукΙана тΙарикъаталъул агьлуялда жанив тΙоцебесеб бакΙалда. Гьевги хун, гьесул бакΙалда гΙемерго гΙадамазда лъаларев, политикияб асар гьечΙев ГΙабдужалил-афанди вачΙин жибго тΙарикъаталъе лъикΙаб гуреблъун бихьана киназдаго, ва АхΙмад-хΙажихъе шайихлъи кьей Дагъистаналда тΙарикъат щула гьабиялъе лъураб гали буго».
Цойги блогераз кΙвар кьолеб буго гьеб суалалъулъ Динияб идараялъул пропагандаялъулал информалатал руцΙцΙуй чΙей. «БичΙчΙуларо щай гьез гьеб гΙатΙидго нилъеда бицунареб?»-абун хъвалеб буго блогер АхΙмадов Сиражудиница. Гьесие жавабалъе ГΙабдулаев Арсен абурав блогерас хъвалеб буго муфтияс гьеб гьукъун батизе бугин, жив шайихлъун вахъанин ахΙи бахъинабичΙого.